Ссылки для упрощенного доступа

МухIамад Мурси- Мисриялъул цlияв президент


Мисри -- Мисриялъул цlияв президент МухIамад Мурсил телевидениялдасан халкъалде калам гьабулев, Каир, 24Июн2012
Мисри -- Мисриялъул цlияв президент МухIамад Мурсил телевидениялдасан халкъалде калам гьабулев, Каир, 24Июн2012

Мисриялда президентлъун вищарав «Вацал бусурбаби» багъа-башариялъул кандидат МухIамад Мурсица ракьи кьолеб буго тIолабго улкаялъул лидерлъун вукIине. Миллияб телевидениялдасан кIалъалаго Мурсица рагIи кьуна тIолабго мисриялъулазул президентлъун вукIине.


Цlивищарав президент Мухlамад Мурсица халкъалдехун кIалъалаго абуна улкаялда инкъилаб халат бахъине бугин гьелъул киналго тIалабал тIуразегIанин ва рагIи кьуна Мисриялъул ругелщинал халкъаздагьоркьосел тIадеросиял тIуразаризе.

МухIамад Мурси: «Нижеца адаб гьабизе буго къватIисел улкабазда цебе Мисриялъул ругел тIадеросиязул ва къотIи-къаязул. Ниж хIалтIизе руго мисриялъулазул гражданияб идентификация гIуцIиялда тIад ва цIунизе руго инсанияталъул хазинаби. Гьездаго гьоркьор чиясул хасаб эркенлъабиги, гIадамазул ихтияралги, руччабазул ихтияралги ва лъугIизабизе буго улкаялда тIолабго дискриминация».

Мисриялда рищиязул комиссиялъ гьатIан къоялда лъазабуна Мурсие щванин президентасул рищиязда гьаркьазул 51, 7 процентин. Гьесде данде вукIарав кандидат араб соналда рехарав улкаялъул президент Хосни Мубаракил хIукуматалъул экс-премьер АхIмад Шафикъие щун буго гьаркьазул 48,3 процент. Рищиязул централияб комиссиялъул баяназда рекъон, рищиязда гIахьаллъун буго халкъалъул 52 гIан процент.

Мурси ккола техникиял гIелмабазул профессор. Гьев гьединго ккола Мисриялъул тарихалда жаниб улкаялъул тIоцевесев гражданияв президинетлъунги. Гьесда цебе улкаялъул вукIарав ункъго президент вукIана армиялъул генералал.

Гьанже Мурсица цолъизабизе ккола рищиязул заманалда бикьун букIараб улка ва хIалтIизе ккола 16 моцI цебе Мубарак рехун хадуб улкаялъул нухмалъиялда рукIарал рагъулал генералалгун.

Президентасул рищиязул хIасилал лъазарилалде цебе рагъулазул Шураялъ жидеего чIезаруна улкаялъул ТIадегIанаб диван къотIизе бугеб идара хIисабалда кIудиял ихтиярал. Гьез гьединго биччана цIибищараб ва цIикIкIунисел бакIал исламиял идарабазул вакилзабазе щун букIараб парламентги.

ЦIиял парламентиял рищиял кида тIоритIизе ругелали жеги лъазабун гьечIо. Рагъулаз гьединго лъазабун буго президентасул букIине гьечIин Рагъулаб Шураялъул гIахьалчагIи нахъе рехизе ва гьенир цоги цIиял чагIи тезе ихтиярин.

Гьебго заманалда дунялалъул улкабазул лидераз разиго къабул гьабулеб буго Мисриялъул президентлъун МухIамад Мурси вищиялъул хабар.
Израилалъ лъазабун буго «Мисриялда унел демократиял процессазул адаб гьабулин жидеца ва гьезул хIасилазул хIурматги гьабулеб бугин».
Премьер-министр Биньямин Нетаньяхул администрациялъ гьединго лъазабулеб буго жал хIадурал ругин кIиябго улкаялда гьоркьор гьарурал ракълилал къотIи-къаязда рекъон рекъонхIалтIи халат бахъинабизейин.

Британиялъул къватIисел ишазул министр Уильям Гьейгица баркана Мурсида рищиязда бергьи Мисриялъул тарихалда жаниб кIвар бугеб лъугьа-бахъининлъун рукIанин гьелинги абулаго.

Ираналъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ баркана мисриялъул халкъалда рищиязда исламияв кандидат бергьин ва абуна улка бугин макьидаса борчIиялъул ахирисеб сверудайин.
XS
SM
MD
LG