2011 соналда дандеккун букIараб баяналда республикаялда бечедазул къадар цикIкIун буго 123 чияс. Дотацияз хьихьулеб, официаялиб куцалъ мискинаблъун рикIкIунеб регионалъе гьеб къадар дагьиш гIемериш? Кинаб бугеб гьелда тIасан Дагъистаналъул жамгIиял церехъабазул ва финансазул рахъалъ эскпертазул пикруяли лъазе къасд гьабуна нижеца. Магъалаби ракIарулеб идараялъ кьурал бяаназзул 410 чиясда гьоркьосан 409 чи вуго цояладса 10 милионалде щвезегIан лъагIалил хайир щолев чи, 44 чиясе лъагIалие щолеб буго 10-са нусго миллионалде швезегIан хайир, 11 чиясе щолеб буго 100-са 500 миллилоналде щвезегIан гъурущ.
Амма гьеб нилъее загьир гьабураб жо бугин ралъадалъан къватIибе баккараб мугIрул тIогь нилъеда бихьулеб гIадин гьеб къадаралда загьир гьабураб тарихилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдас
Андрей Меламедов: «Рамазан ГIабдулатипов тIалъиялде вачIараалдса гьес тIалаб гьабуна республикаялад ракIарулел магъалабазул къадар цIикIкIинабизе кколилан. Гьелъул цойги кIвар букIана. Магъалаби кьоларел рукIарал хIакимзабазда хадуб халкквей щула гьабизе. Гьеладса хадуб щибха ккараб? Араб анлъго-анкьго моцIида жаниб циндаго хиралъана ралел бакIазда хIалтулел гIадмазул харжал. ТIалъиялъ тIалаб гьабулел букIана хIакимзабаз квер лъураб магIишаталъул бутIаялда хIалтIулел чагIазе щолеб харжалъул хIакъикъияб къадар бихьизабичIониги гIага-шагарго кигIан щолеб бугебниги бихьизабеян. Ма, жого гьечIеб бакIалда цинадго минаби ралел чагIазул харжал цIикIкIинаруна. Гьелъул магIна щиб кколеб, магIна ккола, административиял сурсатаз жидерго хIалтIул хIасилал рихьизарулел рукIин. Гьединаб къагIидаялъул кидаго гуро хIасил ккоелб. Чиясе щоелб хайир тIатинабизе гьабулеб хIалтуда жани цогидалги шартIал хIалтIизаризе ккола, административиял сурсатаз гьениб бищунго гIодобегIанаб бакI ккола».
Жакъа Дагъистаналда 460 мллионер вугилан абураб хIужаялъ щивниги чи гIажаиблъизавизе рес гьечIилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас. ГIицIго гьеб баяналъ нилъее цияб рагьараб жо букIине бегьулин магъалаби ракIарулеб идараялъул хIалтIуда жаниб лъалаго туркIи лъугьун букIин. Лъабго миллионалде гIагарун чияс гIумру гьабулеб республикаялда 500 гIанасев гурони миллионал нахъе лъолев чи гьечIилан абураб хабарал кинавго чи гурнин божулев. ГIисалмухIамадил пикруялда рекъон лъагIалие милионалъул хайир щолев чи бищун дагьалдаса лъабазаргониги вугилан абулеб буго гьес:
Набиев ГIисалмухIамад: «КIудияб магIишатиш гьеб бугеб лъагIалие щолеб миллион. Мисалалъе росилин фермерал. Цо лъикIаб куйдухъ 4000-5000 гъурущ щола жакъа. З00 гIил рехъен бугев чиясе лъагIалие щолеб бугоха гьеб миллион. БатIаго кIудияб тарихлъун рикIкIунаро дица гьеб».
Э.Р: Дуда кин кколеб гьел миллионеразул къадар хIакъикъаталадги цIикIкIун бугодай Дагъистаналда?
ГIисалмухIамад: «Бищун дагьалдаса щуазаргоялдаса анцIазаргоялде щвезегIан чи ватула гьезул. Даран базаралда гьорьор ругел бизнесчагIазул хайиралъул 30 процент буголъиялъул ккола гьеб. Гьединго 500-600 азарго гъурущуниги маршруткаялда хIалтIулел чиясеги щола. Нилъер экономика гвангъараб гьечIолъиялъ статистикаялда нахъа бахчун хутIулеб буго гьеб тарих, амма хIисаб гьабуни батIи-батIиял фирмабазул хважаинзабаз 20-30 млрдниги лъагIалие нахъа лъола хабар гьечIого».
Э.Р: «Гьел миллионеразул аслияб къукъа магIишаталъул кинаб бутIаялда хIебтIун бугилан абилеб дуца?
ГIисалмухIамад: «Аслияб куцалда батIи-батIиял квегIенлъаби гьарулел , магIишатиял, дармил бутIабазда нахъа руго гьел.
Нилъее загьир гьаричIел миллионарзул бищун кIудияб къавм батула хIукуматалъул гIарцул биццатаб хьибил кквезе щвараб рахъалда».
Магъалаби ракIарулеб идараялъ загьир гьарурал бечедал дагъистаниязда гьоркьов тIатинавун вуго цого-цо миллиардер. Гьесул цIар щибалиги рехсолеб гьечIо. Нижеца гара-чIвари гьабураз абуна гьединал миллиардерал Дагъистаналда жеги чангоги вугилан. Гьезул цIаралги лъале ругоан гьезда. Амма батIи-батIиял гIиллабазда гьел загьир гьаризе бегьулел гьечIин жидецаян мукIурлъана гьел ахиралда