«Молотовасулгун Риббентропил пакт мустIахIикъаб бугилан гьелъие монумент баялъе… Совет Союзалъ Прибалтикаялъул оккупация киданиги гьабичIин, гьел республикаби гIицIго Совет Союзалде гъорлъе журан рукIанилан…I939 соналда Польшаялда советиялгун-нацистазул рагъулаб парад гьеб бугилан фотошоп, ай гьересиял суратал… Пачаясул Россиялда антисемитизм, ай жугьутIазе зулму гьаби – гьеб бугин цо-цо хIужжаби кIодо гьари…»
Щиб гьеб кколеб? Альтернативияб тарихищ? Ургъунго бицараб гьересиищ? Йохъ. Гьеб ккола Россиялъул маданияталъул цIияв министрлъун тIамурав Владимир Мединскиясул гIелмиял асараздаса росарал кескал. Кремлалъ кутакалда лъикIаб къимат кьун буго гьев гьеб хъулухъалде тIамиялъе. Единая Россия партиялъул вакил ГIисаев Андрейица абуна Мединский кколила цIакъго жигарав инсан, лъикIав нухмалъулев ва гIакъилав идеолог. Пачалихъияб Думаялда цебе бугеб маданияталъул комитеталъул бетIер Елена Драпекоца Мединскиясе къимат кьолаго кIудияб махшел бугев хIалтIухъанилан гьесда абун буго.
БатIияб пикру буго оппозициялъул вакилзабазулги гIалимзабазулги.
ГIумрудул 41 сон барав, анцI-анцI тарихияб асар хъварав Мединскиясде гьез гIунтIизарулел руго батIи-батIиял гIайибал. Плагиаталдаса байбихьун хъачIаб пропагандаялде швезегIан. Дунялалъул КIиабилеб Рагъ лъазабулев тарихчи Марк Солониница абулеб буго Геббельсасул пропагандаялъул къагIида хIалтIизабулев Мединский улкаялъул маданияталъул министрлъун тIами гьеб бугин Россиялъул бечедаб ирс хIакъир гьабиялда релъараб ишилан.
Марк Солонин: « ТIаса вищун вуго гьедегIан чIовогояв пропагандист. ХIалихьатаб геббельсил тайпаялъул пропагандист. Гьалеха Пушкинги, Гогольги Тургеневги, Толстойги цогидалги дунялалъе кьураб улкаялъул маданияталъул министрасул хъулухъалде гьадинав чорокав пропагандист тIами - гьеб буго жамагIаталъе лъикIаб гуреб хабар. Ва нилъеда рихьила щибдай ккела».
«1939-45 соназул Рагъ. Совет Союзалъул маргьаби» абураб Владимир Мединскияс хъвараб бищун кIудияб ва бищун дагIбадул асаралда Дунялалъул КIиабилеб Рагъ лъазабулев тарихчи Алексей ГIисаевас абуна гьеб бугин агитпроп ва гIадалаб жоилан. ГIаксалда, гьеб асаралъул тIоцебесеб том къватIибе бахъараб 2009 соналда Кремлалъул администрациялъул формалияв гурев идеологлъун рикIкIунев Владислав Сурковас абуна кигIан дагIдабул гьеб тIехь бугониги – гьеб бугин Россиялъе пайдаяб тIехьилан.
Исана январь моцIалда Россиялъул гIалимзабазул цо къукъаялъ Мединскиясул асарал берцинго цIалун гьесде гIунтIизабун буго плагиаталъул ай чияр пикраби рикъиялъул гIайиб. Тарихчи Лев Усыкиница Эркенлъи радиоялъе баян гьабулаго абуна гьеб гIиллалъун букIине кколин министрасул хъулухъалдаса Мединский эркен гьавиялъе.
Лев Усыкин: «Гьадинаб хъулухъалде тIамурав чи цо-цо гIадатиял нормабазде данде кколев чилъун вукIине ккола. Владимир Росстиславович Мединскиясул нормабазул хIакъалъулъ нилъеда лъала. Нилъеда лъала гьесул докторасул даражаялъул дисссертациялъул хIакъалъулъги, нилъеда лъала доба плагиаталъул ай чияр пикраби рикъи тIатинарун рукIиналъулги. Гьесул напсиял пикрабазулийн абуни - дагьа-макъал гIаги гIелмиял тIалабазде гьел данде кколел гьечIо. ПалхIасил гьеб буго хIилла-макруялдалъун босараб гIелмияб цIар. Живго цIигьавурав докторасдаги гьелъул хIакъалъулъ лъикIалан лъала. ХIасилукалам - гьев ккола тIолго дунялалда цеве жиндирго хIилла-макругун вахъине нечоларев чи. Гьесул яхI-намус якъинго бихьулеб буго».
1980 соназул ахиралда Мединскияс Москваялъул Халкъаздагьоркьосел бухьеназул институталда ингилиз мацI ва журналистика лъазарулел рукIана, хадув гьев хIалтIулаан Вашингтоналда бугеб Россиялъул вакиллъиялъул пресс-хъулухъалда. Россиялъул хасал хъулухъазул цIех-рех гьабулев Америкалъул гIалимчи Эми Найтица "New York Review of Books" мажмугIалда пикру гьабун буго Владимир Мединский хIакъикъаталда къватIисеб цIех-рех гьабулеб Россиялъул хасаб хъулухъалъ витIарав чилъун вукIине бегьулилан, щай гурелъул Россиялдаса рачIарал жасусал журналистал хIисабалда хIалтIизари – гIадатияб ищлъун некIо лъугьун букIиналъул.
Совет Союз щущаралдаса хадуб Владимир Мединский хIалтIулаан Магъалобазул полициялда, 1999 соналда гьев вукIана «Отечество-Вся Россия» абулеб партиялъул рищиязда цебесеб кампаниялъул бетIерлъун, кIиго нухалъ вищун вугоан Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун.
Доб мехалда президентлъун вукIарав Дмитрий Медведевас гьав тIамун вукIана тарихалъул фальсификациялде данде къеркьолеб комиссиялъул бетIерлъун. Гьале гьаб цIияб хъулухъалде гьев тIамун хадусала экспертаз рихха-хочараб хIалалда бала-гьалагьулеб буго – сундухъилан жидеца жидеего кьураб суалалъе жаваб? Панорама абулеб Москваялда бугеб цIех-рех гьабулеб централъул бетIер Владимир Прибыловскиясе батун буго бищун мухъилаб:
Владимир Прибыловский: «Гьеб хъулухъ мустIахIикъаб гуро гьелъие гIоло къеркьезе ккани. Гьеб хъулухъалде чи бигьаго ватизе бегьула. Гьелъие гIоло гIабдалзабазул къец гIуцIун батилаха. Ва тIаса вищун вугоан бищунго кIудияв патриот. ГIакъилазе бокьун гьечIин гьелъулъ гIахьаллъизе дида ккола».