Ссылки для упрощенного доступа

МахIачхъалаялъул банкалъе хIалтIизе гьукъана


Россиялъул Банкалъ заманалъул администрация тун буго МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банкалъе нухмалъи гьабизе. Гьелъухъа 8 июлалда нахъе босун букIана лицензия. Цiитараб администрациялъул бетIерлъун тун вуго Дагъистаналъул Миллияб Банкалъул хIалтIухъан Ардаев Камиль. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул Банкалъул къватIисел ва жамгIиял бухIеназул идараялъ. Ахираб заманаялда республикаялда къан рукIана цоги чанго банкги.

8 июлалда Россиялъул Центробанкалъ лъазабуна Липецкалдаги МахIачхъалаялдаги ругел банказухъа лицензия нахъе босулеб бугилан.

МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банкалъухъа лицензия нахъе босиялъе гIилла рехсолаго, Центробанкалъ кIвар буссинабулеб буго «Такъсирияб къагIидаялда щвараб хайир балъго гьабиялдаги, терроризмалъе гIарац биччаялдаги дандечIезелъун» бахъараб федералияб къануналдаса цо-цо пунктазде. Гьединго Центробанкалъул щаклъи буго улка тун къватIибе гIарацги битIун, МахIачхъалаялъул банкалъ цо ричIчIуларел операциял гьарулел рукIиналда. Гьединго банкалъ гIарац кьолеб букIун буго къарзалъе, нагагьлъун гьеб тIадбуссинчIони, банкалда гIарацги течIого.

Гьениб гIарац лъурал гIадамазе 22 июлалдаса байбихьун гьеб бецIиялъул иш тIаде босулеб буго страхованиялъул Агентлъиялъ. Амма гьебги 700 азарго гъурщидаса тIаде кьезе гьечIо. Гьедин батани, банкалъе налъукь ккарал гIадамаз щибдай гьабулебан суал лъолеб буго цо-цояз. Гьеб тIаса ккелародайин абун хьулги буго гьезул.

Бицен гьабулеб банк МахIачхъалаялда гIуцIун букIана 1994 соналда.

МахIачхъала шагьаралъул банкалда хурхун ахIи-хIур бахъун букIана исана ихдалги. Москваялъул «Внуково» аэропорталда ккун рукIана 100 млрд – са цIикIкIун гъурущги босун МахIачхъалаялдаса вачIунев къого чи. ЦIех-рехчагIаз абулеб букIана анкьго соналъ тIатIалаго гIарцуе хIилла-макру гьабулел рукIун ругин гьел чагIи. Гьел ратун руго «Карат» абулеб хъаравуллъиялъул агентлъиялъул хIалтIухъаби. Амма жибго гьез баччулеб гIарцудехун МахIачхъала шагьаралъул банкалъулги бухьен букIанин хъвана доб мехалда информациялъул алатаз. Гьелда бан хасаб лъазаби гьабун букIана гьанже туснахъ гьавун вугев МахIачхъала шагьаралъул мэр СагIид Амировас. Я жиндир, яги шагьаралъул администрациялъул кинабгIаги хурхен гьечIин гьеб банкалъулгун, гьебги цебегосеб лицензиялда рекъон хIалтIулеб бугин, МахIачхъалаялъул муниципалияб бюджеталдаса гIарацги гьенибе унарин лъазабун букIана Амировас.

ПалхIасил, 8 июлалда Россиялъул Центробанкалъ гьабураб хIукмуялда бан жинцаго гьабураб лъазаби гьечIо МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банкалъ. Интернеталда гьелъул адресги рагьулеб гьечIо. Гьединго ЭР-ялъе жидерго пикру бицине разилъичIо банкалъул цо-цо вакилзаби.

Дагъистаналъул банказул рейтингалда МахIачхъала шагьаралъул муниципалияб банк букIана 14 абилеб бакIалда. Гьезул гIаммаб къадар ккола 25. Амма республикаялъул банказда гьоркьоб бищун цебе бугеб Дагэнергобанк Россиялъул банказул рейтингалда ункънусиде гIагарараб бакIалда буго.

Къокъаб заманалда жанир Дагъистаналда къана цогидал банкалги – Витас, Трансэнерго, Экспресс. Гьелъие гIилла гьереси-документалги хIадурун гIарцуе хIилла-макру гьаби кколин рикIкIуна Центробанкалъулги гьеб иш лъалел цогидал идарабазул вакилзабаз.

ЦIакъго дагьаб заманалдаги хIалтIун гьединал банказдаса нахъе унел гIадамал гIезегIан дандчIвала МахIачхъалаялда. Масала, ЭР-сан жиндирго цIар абизе разилъичIей цо бухгалтералъ бицана туснахъалде ккелин хIинкъун, щиб банкали бичIчIараб мехалда жинца хъата-масан гьениса нух босанилан. Гьединабго мисал бачунеб буго ЭР-ялъе МахIачхъалаялдаса экономист Марям Абакаровалъги.

Марям Абакарова, экономист: «Цо банкалда хIалтIулей йикIарай ясалъ бицана гьадинаб жо. МахIачхъалаяда бугеб гьеб банкалъул хIалтIухъабаз гIадамал махсароде квезе жалго диниял чагIилъун рихьизарулаанила. Бокьаниги бокьичIониги тIад кIазалги чIвазе кколаанила, диналъул хIубал гIадин хьвадизе кколаанила жал. Цинги гьеб банкалъ гьабулеб тIокIаб хIалтIиги букIинчIила цохIо жо гурони – лъимал гьарурал руччабазе пачалихъалъ кьолеб гIарац добе-анибе кьун, гьелъие хIилла-макру гьабун гурони».

Дагъистаналдаса журналист Муса Мусаевас рикIкIунеб буго ахираб заманалда жаниб республикаялда чанго батIияб банк къаялъе гIилла бугин банказул хIалтIулъ гIадлу-низам гьабизе къваригIин. Гьелдалъун нух къалеб бугила аслияб куцалда хъачагъазе, рохьилазе ине рес бугеб гIарцуе. Щайин абуни чIвалин хIинкъизеги гьарун рохьилаз тIад магъало лъурал хъулухъчагIи гIезегIан руго Дагъистаналда. Гьез хIинкъизаричIониги, ресалда ругел дагъистанияз жидецагоги гьабулеб буго рохьилазулгун гьоркьоблъи. КIиабилеб иргаялда, Мусаевасул рагIабазда рекъон, хIукуматалъул вакилзабаз хIалтIи гьабулеб буго пачалихъалъул гIарац хъамал гьабунгутIиялъе. Щайин абуни гIемер хIужаби тIатунел руго пачалихъалъ пуланаб идараялъе биччараб гIарац цо хасаб банкалдеги битIун, гIарцуе хIиллаби гьарулел. Журналист Муса Мусаевас абулеб буго аслияб куцалда пачалихъалъул гIарцудехун бухьен бугел чагIи, хъулухъчагIи лъугьунел ругин Дагъистаналда банкал рагьизеянги. Гьесул пикруялда рекъон, республикаялда рагьарал банказул гIемерисез тIуразаруларо унголъунги банказ тIуразаризе кколел тIалабал.

Муса Мусаев: «Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги абун букIана банказулгун бухьен гьабурав чиясда гIемер гIакъуба бихьулин. Гьениса гIарац босарав чиясухъа гьеб бахъизе бачIунин яргъид гIуцIарал гIадамазул къокъа. КIуди-кIудиял проценталги тIад лъун кIанцIизе бакI лъугIизабулин чиясул. Гьединлъидал гьадинаб суал бачIунеб буго – щай къваригIарал жал гьел банкал, гIадамал кIичIикье кколареб куцалда къарзалъе гIарац кьолеб гьечIони, хIакъикъаталда жидеда тIадал операциялги гьарулел ратичIони? ГIицIго хIалалаб гуреб куцалда гьабураб гIарац жидеего тIокI гьабизейищ?»

Ункъил бутIаялда гьоркьоса лъабил бутIаялъ федералияб бюджеталдаса дотацияз хьихьараб Дагъистан буго Россиялда банкал гIемераб лъабго регионалда гьоркьоб.

XS
SM
MD
LG