Ссылки для упрощенного доступа

Къачlалеб буго МахIачхъалаялъул аэропорт


Daghestan-Makhachkala airport reconstruction, 21Jul2014
Daghestan-Makhachkala airport reconstruction, 21Jul2014

МахIачхъалаялъул халкъаздагьоркьосеб аэропорталда унел руго капиталияб реконструкциялъул хIалтIаби. Гьезул гIурхъабалъ байбихьун буго аэропланал роржунеб нух гIатIид ва халат гьабизе. Гьелъул хIакъалъул журналистазда лъазабуна аэропорталъул пресс-хъулухъалъ.

Дагъистаналъул халкъазда гьоркьосеб аэропорталда унел руго аэропорт цIигьабиялъул хIалтIаби. Аэропорталъул пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон, гьез гьабизе ккола цIияб роржунеб нух ва разе ккола цогидал аэропорталъул хIажалъалаби тIуралел бакIал. Гьедин бицана гьал къоязда журналистазе аэропорталъул тIалъиялъ.

Аэропорталъул пресс-хъулухъалъул бетIер Алексей Хiажиевасул рагIабазда рекъон, аэропланазул старталъул нух халалъизабизе буго 3100 метралъ ва гIатIилъизабизе буго 45 метралъ. Цадахъго разе руго кумекалъул хасал техникиял нухалги.

Авиациалъул хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул бетIер хисулев ГIумархIажиев МухIамадсагIидица бицухъе гьениб киса-кибего ккун букIине бугила зазихараб махул квар ва лъезе руго видео-камераби.

ХIалтIаби гьаризе тIаде босун буго «Мостотряд» компаниялъ. Гьадин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе аэропорталъул хIалтIухъанас.

Аэропорталъул хIалтIухъан: «Нижеца гьарулел руго контроль гьабулел бакIал ай КППял, перронал ва аэропланал роржунеб нухалда сверун техникиял хIажалъалабазе нух. Жакъасеб къоялде нухлул 2100 метр бахъун буго, гьединго бухъун буго аэропланал чIолеб бакI».

Гьединго гьес бицана хIалтIаби гьаризе рес щвезе тендер букIанилан ва «Сумма» компаниялъе бергьанила гьеб.

Дагъистаналъул транспорталъул министерлъиялъул баяназда рекъон хIалтIаби лъагIалил ахир щвелалде лъугIизе кколел руго ва гьениб харж гьабизе 2 миллиард гъурщидаса цIикIкIун гIарац биччан бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе министерлъиялъул хIалтIухъанас.

Экономист Дибир Дибировасул пикруялда, аэропорт босулеб заманаялъго «Нафта-Москва» компаниялда бичIчIулеб букIана гьелдаса бугеб хайир. Гьезда гьединго бичIчIулеб букIана аэропорталда цIилъи речIчIизабулел халтIаби гьезул чвантиниса гIарац инчIого гьаризе бажаризе гьечIолъиги. Аэропорталъул ресал ругила лъагIалида жанир миллиард гъурущалде бахун хайир гьабизе, гьенир кколел тIалабал ругони. Гьадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе:

Дибир Дибиров: «Гьеб объект гIуцIиялдаса буго кIудияб пайда. Аэропортал лъикI хIалтIулеб заманаялъ миллиард гъурщил пайда букIуна гьениса лъагIалие. Гьеб гIарац бикъун добе гьанибе тIагIинеги рес гьечIо».

Дибировасул пикруялда гьеб стратегияб кIвар бугеб бакIалда хадуб федералияб тIалъиялъ халкквей гьабула. Дагъистаналъул экономикаялъеги гьелъ кьезе руго кIудиял ресал цебетIеялъе.

Алдашева Алиса

XS
SM
MD
LG