Хамиз къо 21 январалда Британиялъул Къираллъиялъул диванханаялъ къотIизе буго Россиялъул ФСБялъул офицер Александр Литвиненко чIваялда хурхун ишалда тIасан хIукму. Гьесие радиоактивияб полоний кьун букIана 2006 соналъул ноябралда. Гьеб изотоп дунялалдаго цо бакIалда ай Россиялда гьабулеб букIиналъ ва гьеб кьелалде цеве Литвиненко жиндирго рукIарал коллегабигун дандчIван вукIиналъ кIудияб щаклъи бижинабулеб буго гьеб ишалъулъ Россиялъул тIалъиялъул кIвар кIудияб букIиналда.
Александр Литвиненко чIвараз биччан буго цо, амма цIакъ кIудияб гъалатI. Гьез Россиялъул ФСБялъул вукIарав хIалтIухъанасе радиоактивияб загьру кьуна Лондоналда. Гьенибин абуни эксперталгун тохтурзабазда бажарана гьев хвеялъе гIилла чIезабизе. Гьедин рикIкIунеб буго Сассексалъул Университеталъул профессор Норман Домбица Британиялъул The Guardian газетаялда кьураб баяналда. Гьесул пикруялда, дунялалъул бокьараб цоги улкаялда Литвиненко гьебго гIиллаялъ хун вукIаравани, гьеб балъголъилъун хутIизе букIана, амма Англиялда гьеб лъазабун буго.
Литвиненко чIваялда сверун Лондоналда араб соналда унеб букIараб процессалда Домби вукIана кьочIолав нугIлъун.
2006 соналъул 1 ноябралда Лодноналъул цо кафеялда чай гьекъон хадуб Литвиненкол чорхол хIал квешлъула, гьесул рас гIенезе байбихьула ва кIалдир чанхъал лъугьуна. Университеталъул колледжалъул азарханаялда гьев вегизавун хадуб, гьелъул медициналъул физикаялъул факультеталъул хIалтIухъабаз ва экспертаз байбихьана гьеб гIажаибаб унтул гIиллаби ралагьизе.
2000 соналда улка тарав ФСБялъул вукIарав агентасул загьирлъун руго радиоактивияб загьруялъ гьарулел симптомал, амма радиациялъул къадар борцунеб Гейгерил алаталъ щибго бихьизабун гьечIо.
Гьелъие гIиллаги букIун буго радиациялъул жиндирго хаслъи. Радиация щущазабулел альфа, бета ва гамма абулел жалазул Гейгерил алаталъ бетагун гамма гурони рорцунарел руго. Альфа абулел жалазда кIоларо газеталъул тIамачцин борлъизе, чиясул тIом борлъизеги кIоларо гьезда.
Гьеб мехалда экспертазул бижун буго симтомазухъ балагьун радиоактивияб асар щварав Литвиненкол ургьибе альфа бутIаби щущазарулеб загьру ккун бугин абураб пикру.
Беркширалда бугеб атомияб яргъил цIех-рех гьабулеб гIелмияб централда гьеб пикру уяб букIинги тIатун буго. Лъан буго гьеб радиоактивияб полоний букIин. Альфа элементал рекIунел руго маххазда тIад, гьедин экспертизаялъе росарал Литвиненкол биологиял лъамалъиязда гъорклъе бегьун буго гIарцул кесек, гьелда гьел элементалги рекIун руго.
«Полоний-210 абун лъалеб гьеб изотоп гьабула дунялалдаго цо бакIалда, гьеб буго Россиялъул «Авангард» абулеб атомияб ярагъ бакIарулеб завод. Гьединлъидал киналго далилаз рачунел руго Россиялде. Лондоналда киналго хIажатал экспертал ратIун рукIинчIелани гьеб бухьен чIезабизе нилъеда кIвезе букIинчIо»,-ян абун буго Домбица Британиялъул The Guardian газетаялъе.
Daily Telegraph газетаялъул эксперт Кон Кофлиница абуни хъвалеб буго «Сириялда хурхун ракълилал кIалъа-ралъаязе гьелъул кумек букIинарин, амма Литвиненко чIваялъул жавабчилъи Россиялъул лидерас тIаде босизе кколин».
Гьесул пикруялда, Литвиненкое Россиялъул жасусалгун дандчIваялда полоний-210 кьун букIин лъаралдаса «щаклъиялъул рагIад президент Владимир Путиниде рехулеб букIана», щайгурелъул гьеб ишалъулъ гIахьаллъи бугел Россиялъул кIиго агент Дмитрий Ковтунил ва Александр Луговоясул Кремлалъулгун бухьенал гъункарал рукIун. Кофлиница рикIкIунеб буго Литвиненкол ишалда сверун процессалда диванлъи гьабулев сэр Роберт Оуэнги гьебго пикруялде вачIане рес бугин ва Литвиненко чIваялъул жавабчилъи Россиялъул пачалихъалда лъезе рес бугин. Гьеб киналъго, гьедингоги лъикIал гьечIел Россиялъулги Британиялъулги гьоркьорлъаби дагьалги хвезаризе рес бугин рикIкIунеб буго экспертас.
ТIасияб анкьалда Сириялъул конфликт рагIалде бахъинабиялда хурхун рукIине ругел кIалъа-ралъаяздаги гьелъул квал-квал букIине бугин, щайгурелъул гьеб регионалда гьанже Россиялъул асар кIудияб букIунин абулеб буго гьесул макъалаяда. Амма гьеб киналъулго магIна кколарин, гьеб гIиллаялда бан, Литвиненко чIваялъул историялда жинца хIараб ролалъухъ Путинида тIаса лъугьине кколин абурабин хъвалеб букIана арбагI къоялъул радал Daily Telegraph газеталда Кофлиница. Хадубги агрессия биччачIого букIиналъе бищунго лъикIаб букIунин такъсир гьабурал чагIи жавабчилъиялде цIананийин рикIкIунеб буго Daily Telegraphалъул экспертас.