Ссылки для упрощенного доступа

Чlаго вугищ Ленин?


МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалъул байбихьул классазул цlалдохъаби, 21Дек2014
МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалъул байбихьул классазул цlалдохъаби, 21Дек2014

«Дир кIудаэмен вукъарухъан вукIана, Ленинги гьесул гьудул вукIана»,- гьединаб букIана МахIачхъалаялъул школлъималаз Эркенлъи Радиоялъул суалалъе кьурал жавабазул цояб. «Ленин щивали лъалищ нужеда»,-ян гьикъулеб букIана нижер мухбир Юсупов Ашаханица тахшагьаралъул тIоцебесеб школалъул байбихьул классазул цlалдохъабазе

21 январалда 90 сон тIубала Совет хIукумат гIуцIизе байбихьи лъурав, дунялалъулго пролетариаталъул вождь Владимир Ильич Ленин хваралдаса. Гьелда бан «Эркенлъи» радиоялъул пикру ккана Ленин щив кколев вукIаравали гьанжесеб гIелалда лъалеб бугищали гьикъа-бакъи тIобитIизе. Нижер мухбир Юсупов Ашаханица гьеб суал кьуна МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалда цIалулел ругел байбихьул классалъул цIалдохъабазе

Совет хIукуматалъул заманаялъ дунялалъулго пролетариаталъул цевехъан Владимир Ильич Ленинил цIар щибав инсанасул рекIелъ хутIизе кIудияб пропаганда хIалтIизабун букIана. Ясли-ахазда гьитIичIаз рекIехъе лъазабулеб кечI букIана «Ленин чIаго вуго щулаго вуго, щварал бергьенлъаби баркулев вуго», абун.

Школалда хIурматалъул хъоршода хъван рукIана рагIаби: «ЦIализе ва нахъойги цIализе гьедин васият гьабун букIана нижее кIудияв Лениница», абун. ХIукуматалъул щибаб идараялъе жанире рачIунеб нуцIида тIасан, багIараб ххамида, советияб гIарцуда- киса кибего лъун букIана доб мехалъ Ильичил сипат. Щибаб шагьаралъул къватIалда гьесул цIар лъун букIараблъи, щибаб шагьаралъул аслияб майданалда гьесие эхетараб монумент букIинги лъаларев чи вукIун ватиларо доб мехалъ.

21 январалда 90сон тIубала ленин хваралдаса. Гьелда бан «Эркенлъи» радиоялъ хIалбихьана гIисинаб гIелалъул лъималазда гьоркьоб цIех-рех тIобитIизе. Лъалиш гьезда Ленин щив кколев абураб суал кьуна нижеца гьезие:

- Дида цо дагьаб жо лъалеб букIана гьесул, амма кIочон тана.

-Дир кIудияв инсул гьудул вукIана гьев, дир кIудияв эмен вукIун вуго ратIлил устар, гьев лъикIав гьудул вукIун вуго Ленинил. КIудияв инсуца бицун букIана гьев СССР алъул президент вукIанилан

-Лениница цо хан чIван вукIана, Кинав хан? Дида лъаларо. Лъица дуда гьедин бицараб? Эбелалъ бицун букIана гьедин цо нухалъ. ТIокIаб щиб дуда лъалеб Ленинил хIакъалъулъ? ТIокIаб щибниги лъаларо

-Дун Ленинил цIар лъураб къотIнов вуго гIумру гьабун, дунги, дунги, дунги вуго гьенив гIумру гьабун (чанго лъималаз цадахъ)

Гьадинал жавабал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалъул 2-б классалъул цIалдохъабазе.

Гьезда гьоркьор ругел цо-цоязул пикруялда рекъон Ленинил бакIалда гьезда цевечIолев вугоан Сталин, гьале мисалалъе цояс Ленин щивилан гьикъидал кьураб суалалъе жаваб:

- Гьа, Лениниш, Сталинха, фашистал нилъер гьанире рачIарабго нилъ цIунун вагъулев вукIарав чи ккола гьев.

ЦIех-рех гьабурал лъималазда гьорьоб гIицIго цо чияс кьуна Ленинил хIакъалъулъ хIакъикъаталда релълъараб жаваб:

«Ленин вукIана дунялалъулго пролетариаталъул цевехъан, гьес хисизабуна хIукумат, гьесие бокьун киналго ращад рукIине ва ращад хIалтIизе. Цояв бечедавлъун, цояв мискинавлъун вукIине бокьун букIинчIо гьесие».

Гьединал жавабал кьуна МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалъул кIиабилеб ва ункъабилеб классалда цIалулел лъималаз.

ЦIех-рех гьабурал цо-цояз рагьун абуна лъаларин щив гьевали лъан жинде гьесул хIажалъиги гьечIилан. Гьанже ругел байбихьул классазул тIахьазда жаниб Ленинил хIакъалъулъ кинабниги баян кьун гьечIин, гьединлъидал нижецаги гьесул хIакъалъулъ дарсида шибниги бицунарилан абуна «Эркенлъиялъе» цо мугIалималъги.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG