Пачалихъалъул рахъалдасан лъицаниги дунялалда ругищалицин цIехолел гьечIин жалин бицана Эркенлъи Радиоялъе ХIажиев Мамедил яц ГIаишатица. Мамед ккола 15 сон цебе ралъдалъ букъун хьвадулеб «Курск» гамида тIад гъанкъарав лъабго дагъистаниясул цояв. Дол къоял гьелъ гьадин ракIалде щвезарулел руго.
ХIажиева ГIаишат: «Нижер цохIого-цо букIараб жого буго хьул. Гьев чIаго рокъове тIадвуссинин абураб хьул нижер букIана Курскалдаса хваразул жаназаби къватIире рахъулеб мехалдаги. Гьале гьанже нуцIаги рагьун жаниве вачIинин кколеб букIана. Дол къояз нижеде бачIун букIараб балагьалъул бицун бажаруларо. Гьелдаса хадуб бичулареб унти ккана диде.
Жакъа Ахти мухъалъул Хрюг росулъ нижеца Мамедие рагьулеб буго мармаралъул си. Ниж киналго гьенире унел руго. Гьесул лъадиги кIиябго лъимерги гьенир рукIине руго жакъа».
Курскалда гъанкъарал цоги 118 чиясул гIагаразулги гьединабго хIал букIиналда ракIчIараб буго ГIаишатил. Амма гьелда бичIчIулеб гьечIо пачалихъалъул тIадкъай тIубалаго хварав жиндир вацасул хъизам щай кIочон тарабали.
ХIажиева ГIаишат: «Мамедил хъизамалъе лъицаниги кинаб букIаниги кумек гьабулеб гьечIо. Гьезда гьел кIочонго руго. Гьесие си лъезе гIагацги нижецаго бакIарана. Мамед гьечIого 15 сон аниги гьеб къоялъ дир чорхолъе лъугьараб унтул ва гьелдаса нахъе бухIулеб ругънал бицун хIалкIоларо. Бокьилаан лъица букIаниги гьесул цIехолеб букIарабани. ГьечIоха гьединал чагIи. Гьанже хьулго къотIун буго».
Дол къоязда бицунеб букIана Курскалда тIад кьвагьун бугин дагъистаналъул «Дагдизель» заводалда гьабураб торпедойин. Гьебгун Курскалде витIарав ХIажиев Мамедида цадахъ рукIана Борисов Альберт ва Ильдаров ГIабдулкъадир. РукIана гама гъанкъиялъул гIайиб гьезда гьабулелги. Амма гьел киналго гIайибал нахъчIвалел руго Курскалда гъанкъаразул хъизамазул адвокат ва гьениб ккаралъул жинцаго мухIканаб цIех-рех гьабурав Борис Кузнецовас. Вацасда щибго гIайиб букIинчIолъиялда ракIчIараб буго ГIаишатилги.
ХIажиева ГIаишат: «Мамед вукIана гIадатияв, лъикIав, хIалимав, ритIухъав чилъун. Гьесда лъалаан цIакъ гIемераб жо, лъикIаб цIали букIана гьесул. Гьесие ВатIан бокьулеб букIанин абурал рагIаби гьадингосел чIухIарал рагIаби гуро. Дол къоязда гьесул рахъалъан гIемераб батIи-батIияб жо бицунеб букIана, амма дида лъала гьев лъимадул магIу гIанги ваццадав чи вукIараблъи».
Адвокат Борис Кузнецовас рикIкIунеб буго Курсалда тIад кьвагьараб торпедоялъул хIалбихьи гьеб гамида гьабизецин кколароанин, щайгурелъул гьеб хIалтIизабулеб куц экипажалда лъалеб букIинчIин. Гьелде тIадеги, «Курс» гама ралъдалъе ругьунлъиязде унаго гьелъул ва гьелда тIад бугелъул лъицаго хал гьабун букIинчIин. Гьеб кинабго гьесда лъан буго трагедиялда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул иш 2002 соналда къан хадуб. Гъанкъарав 55 чиясул гIараз гьесда гьарун буго жидер адвокатлъун вукIайин ва гьес гьеб хIалтIи ракIбацIцIадго гьабун буго. Гьеб трагедиялда хурхараб ишалда бицунеб букIун буго 137 томалда. Гьел цIалулаго гьесие тIатун руго гIемерал гьереси-документал, гьереси-гъулбасал ва гьересиял мугьруял. Россиялда Курск гъанкъиялдасан байбихьанин кIудияб гьереси бицинейин ва гьеб букIанин президент Владимир Путинил «тIоцебесеб гьересийин» абуна Кузнецовас Эркенлъи Радиоялъе.
Борис Кузнецов: «Курск гъанкъиялдасан байбихьана гьереси бицине. Курск гъанкиялдаса хадуб пачалихъалъ байбихьана диванаханаялъул ва низам цIуниясул суалазде гьоркьобе лъугьине. Пачалихъалъ байбихьана информалатал жиндего гъоркье ккезаризе. Россиялда демократия гъанкъизабиялъул процессги байбихьана Курс гъанкъиялдасан".
Кузнецовасе буго 67 сон ва гьесие политикияб лъутизе бакI кьун буго Америкаялда. Россиялъул хIукуматалъ гьев жанив тIамизе халкъаздагьоркьосеб ордер хъван буго. Гьесда гIунтIизабулеб буго пачалихъияб балъголъи къватIибе загьир гьабиялъул гIайиб. Гьебин абуни букIун буго Россиялъул диванханаялда Кузнецовас ФСБялъ парламенталъул депататасул телефон гIенеккулеб букIанин абураб бицинаялда.
Баренцово ралъдалъ Курс гъанкъараб мехалда Путин президентлъиялде вачIун чанго моцI гурони ун букIинчIо ва олигархазул кверщаликь букIараб пачалихъияб телевидение хIукуматалде дандечIун букIанин абизе бегьула.
2000 соналъул октябралда Россиялъул ОРТ каналалдасан журналист Сергей Доренкоца абун букIана тIалъиялъ нилъее гьересиги бицунеб бугин нилъер адабги гьабулеб гьеч1ин нилъеца толеб букIиналъин.
Сергей Доренко: «Курскалъул история жеги лъугIун гьечIо. Нилъеца гIицIго рихьизаруна бищунго цересел суалал ва хIасилал. Аслияб хIасил буго тIалъиялъ нилъ киназулго адаб гьабулеб гьечIолъи. Гьединлъидал гьелъ гьерсалги рицунел руго. Амма бищунго аслияб жо буго гьадинаб-тIалъиялъ нилъ гьедин гьарулел руго нилъеца толеб букIиналъ».
2000 соналъул 22 августалда Путин Курскалда хваразул гIагаралгун данчIвараб мехалда щивго нечолев яги хIинкъулев вукIинчIо гьесде ахIдезеги, семизеги, щибго бажарулеб гьечIолъиялъул гIайибал гьаризеги.
Кузнецовасул пикруялда гьеб дандчIвай Путинил гIумруялда жаниб бищунго квешаб букIун батизе рес буго ва гьес кIвараб гьабун буго гьединаб тIокIаб бичIчIангутIизе.
Кузнецовас къватIибе бичIчIан буго «Гьеб гъанкъана» абураб тIехь.
Гьел рагIаби руго Америкаялъул журналист Ларри Кингица Курскалъе щиб ккарабин гьикъараб мехалда Путница кьураб жаваб.
Кузнецовасул пикруялда Курскалда тIад цин кьвагьи ккун буго торпедо жаниб лъолеб къалиниб, гьелдаса хадуб гамиде жанибе лъимцин бачIунебги букIун гьечIо, амма гьеб кьвагьидал гьениб температура цIикIкIиналъ рачун руго кIиго минутаялдасан гамида тIад букIараб яргъил нахърател кьвагьиялде, ай тротилалъул эквиваленталда 40 килограмм бугеб анцIго торпедо цадахъго кьвагьиялде. Гьеб ккун буго гама гъанкъиялъе гIиллалъунги.
ГIиллаби кинал рукIаниги гьенир чIаго хутIарал хвасар гьаризе гьабулеб букIараб хIалтIи гIураб букIинчIин, гьелде тIаде гьеб гьабулебцин букIинчIин абизе бегьулин рикIкIунеб буго адвокатас.
Борис Кузнецов: «Курс гъанкъарал ругьунлъиял рукIана Совет Союз биххун хадуб тIортIулел рукIарал ралъдалабгун рагъулаб флоталъул бищунго кIудиял ругьунлъиялъ. Узухъда, рагъулав тIадегIанав нухмалъулев хIисабалда, Путиница лъазабизе кколаан гьениб щиб гьабулеб бугебали. Гьев гьенив гьечIониги бегьулеб букIун батула, амма специалистазухъ гIенеккизе, главкомасул ва флоталъул бетIерасул докладазухъ гIенеккизе кколаан гьев. Амма гьев гIенеккичIо».
Гамаялъул 9-билеб бутIаялда 23 чи кIиго сордо-къоялъ чIаго вукIараблъи мухIканаб бугин, гьел жиндир заманаялда хвасар гьаричIин ва гьениб цIаги ккун ккуйдуца гъанкъун ругин чIезабун буго экспертизаялъ.
Цоги улкабаздаса бачIараб кумекги къабул гьабичIин Россиялъ, жинцаго гьабулеб букIаралъги хIасил кьечIин гIаммгьабун гама гьединал ишазде хIадураб букIинчIолъиялъ. 100 сон цебеги гъанкъулел гамуздаса гIадамал къватIире рачIине лъолел отсекал Северияб флоталъул гамузда рукIунцин гьечIо. Гьезул щивасе букIун буго живго бетIергьанаб акволанг, амма 108 метралъул гъварилъудаса цинтIаго лъеде тIаде рахъараб мехалда гьуърузе зарал ккеларедухъ гьел лъолел камерабигун гамул рукIун гьечIо гьел къабул гьаризе лъеда тIад чIун.
Цоги гьел хвасар гьаризе биччараб къвал гамаялъул гьеб щула гьабизе кколеб гордоялда щула гьабизе кIун гьечIо, гама балаго гъалатI биччан букIун.
Гьеб киналъулго ва 118 чи хвеялъул жавабчилъиялде цониги чи цIачIин Россиялда ва гьел цIангутIизе политикияб хIукму гьабунин Путиница, гьелдасан байбихьанин улкаялъул диванханаялъул ва низам цIуниялъул системаялде пачалихъалъ асар гьабизейин абуна Кузнецовас.