«Майдан» абураб лъарагI газеталъул редакторас ЭР-ялъулгун гара –чIвариялда абуна жакъа гьединав вакил гьечIин гьеб шураялдаян. Гьединав вакил гьенив вукIине ккеялъул хIажалъи абуни цебегоялдаса нахъе бугин ,щайгурелъул жиб -жиб миллаталъул рахIат хвезабурал суалал гьеб миллаталъул вакиласда гIадин лъикI лъиданиги ричIчIуларин. Гьеб данделъиялд гьез вищун вуго жидерго харабазул шураялъул нухмалъулевги.
Гьев ккола гьелде щвезегIан «Толеранс» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулевлъун вукIарав Абсалудин Мурзаев. Дагъистаналъул нухмалъулес дагьаб цебегIан жиндирго хитIабалда ракь хасаб бетIергьанлъяилъухъе кьезе бугин абураб лъазабиялда тIасан рукIана гьенир бищун хIалуцарал кIалъаял.
ЦIивищарав лъарагIазул харабазул шураялъул нухмалъулесул рагIабазда рекъон ракь бикьа-къотIи ва бича-хиси гьабизе лъугьин цIакъго хIинкъизе краб иш бугин, халкъалъулгун дандги бачIого гьеб тIубазе бугьуларин рикIкIунеб буго гьес.
Жиндирго кIалъаялда гьес тIадчIей гьабулеб бугоан жидеца, лъарагIазул вакилзабаз абулеб бугин ракь, гьеб гIицIго магIишат цебетIезабулеб бутIа гуребги, гьеб гьединго тарихияб бутIалъун кколеблъиги.
Ракьалдаса махIрумлъидал лъарагI миллат хутIизехъин бугин миллияб бечелъиги гьечIого. Нижеца бухьен гьабуна Абсалудин Мурзаевасулгун, амма нуж журналистал божизе бегьулел чагIи гурин, нужеего пайда кколедухъ хиса –сверизабун кьун батулин нужеца информация къватIибеян инкар гьабуна гьес комментарий кьезе.
«Майдан» газеталъул редакторас гьелда тIасан баян кьолаго абуна данделъарал киналго дандечIанин ракь хасаб бетIергьанлъиялъухъе кьезе гьабулеб хIукмуялдейин. Мисалалъе гьенив кIалъазе вахъарав Буйнакск мухъалъул Гъазанущиса чияс бицен гьабураб ракьул приватизация гьабулаго Буйнаксиялъул тIолабго ракь бичун босараб куцалъул мисал бачана гьес.
ХIажи Мирзоев: «Ракь кккола халкъалъул буголъи, гьелда къайимлъи гьабизе ихтияр гьечIо лъилниги, я муниципалиял гIуцIабазул, я цогидазул. Ижараялъе кьезе бегьула, амма гьел рикьа къотIизе изну гьечIо лъилниги. Мисалалъе гьанив кIалъалев вукIана Гъазанущиса вачIарав чи ва гьес бицунеб букIана приватизациялъул хIасилалда цо хасал бечедал чагIаз жидеего росанин Буйнакск мухъалъул тIолабго ракьалгун цогидалги магIишаталъул бутIабигиян.
Гьединлъидал гьеб цIакъ кIвар бугеб суал лъугьун буго Дагъистаналда, гьелъул хIасилал цIакъго пашаманал рукIинин ккола кIвар кьечIого тани. Щайин абуни гIарац бугев чияс ракьалги росун хутIараз щиб гьабизе бугеб. Гьединлъидал кIалъазе рахъарал киналго данде чIана гьеб хIукмуялда».
Гьелда рази гьечIолъи загьир гьабураб митинг тIобитIун букIна гьез 2010 соналъ ЛъарагIазул театралда цебе. Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамад- Салам МухIамадовасул кадровияб политикаялда дандечIей гьабун къатIире рахъун рукIана азарго гIанасев чи. Доб мехалъ Россиялъул президент Дмитрий Медеведевасухъе гьабураб хитIабалда гьез абулеб букIана республикаялъул политикиябгун- экономикияб гIумруялъул кIвар бугел лъугьа-бахъинал лъарагIазул ракьалда лъугьунел мехалъ, жалго гьеб миллаталъул вакилзабазул 20 процент гурони хутIун гьечIин жакъа Дагъистналдаян.