Ссылки для упрощенного доступа

Гъизляралда анкьго чи туснахъ гьавуна


Гъизляралъул базаралда кьвагьа-гIанхъи гьабиялда щаклъи бугев анкьго чи ккун вугин лъазабуна низам цIунулез – анкьго чи. Низам цIунулезул баяназда рекъон, гьезда гьоркьов рагIула гьеб базаралъул администраторги (26 сон барав гIолохъанчи).

Амма Гъизляраладсан щварал баяназухъ балагьун, гьезул кинавниги 15 гIанасев чи вукIине кколев рагIула (гьел рахча-хьван чIун рукIине рес бугила).

Исана 9 октябралда цо чIван, ичIгояв лъукъун вукIана. Абулеб буго гьезда гьоркьосаги цоги чиги хванин азарханаялда. Гьединго лъукъаразул цояв гьал къоязда Ростовалде вачинехъин вуго сах гьавизе.

Базаралда чIвай-хъвей ккеялъе гIиллалъун лъугьун буго гьенив нухмалъулев хиси.

Дарги миллаталъул чиги нахъе вахъун, республикаялъул нухмалъулесул ватIаналдаса Эльдар СалихIов абулев чи теялда хурхинабулеб буго гьеб хIужа цо-цояз.

Гьенир хиса-басиял гьаризе ракIалде ккун цIияв нухмалъулес лъазабун буго цо-цо павильонал, тукаби нахъе рахъизе кколин.

Гьеб мехалда разилъи гьечIолъи бижун буго ричарухъабазул. Цинги гьеб хIужаялдаса пайдаги босун, гъоркь вукIарав базаралъул директорасул рахъ ккураб къокъа бачIун буго нужеца гьаниса нух босейин цIирачIарал нухмалъулезда лъазабизе. Гьедин иш ун буго кьвагьа-гIанхъиялде.

БатIаго росани, гьеб кьвагьа-гIанхъиялда гъорлъ гIахьаллъарал гIадамал такъсирчагIазул гIамал бугел гIадамал гурони, цере казначейлъиялдаги, цоги-цоги бакIаздаги, гьединго Хасавюрталъул, Гъизляр мухъалъул нухмалъулезда цадахъги хIалтIарал бажари бугел чагIи ругин, амма принципалъе гIоло къорикье кканин гьелилан бицана ЭР-ялъе Гъизляралдаса Мухтар ГIалиев абулев чияс.

Мухтар ГIалиев: «ГIаданлъи учузлъун, гьабулебщинаб квешлъи хиралъун буго. ГIумруги буго учузлъун, гъурущ сабаблъун цояс цояв чIвалев вуго, хъулухъ сабаблъун чIвалел руго, мандат сабаблъун чIвалел руго. ЛъикIлъиги гьабун хвезе лъиениги къваригIун гьечIо».

Руго баянал гьеб базаралъул цевесев нухмалъулев вукIанин гьабсагIаталда туснахъалда вугев МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасул божарав чи вукIиналъулги. Амма гьесул заманалда гьеб базаралда хIалуцин букIинчIин бицунеб буго ричарухъабаз.

XS
SM
MD
LG