Ссылки для упрощенного доступа

Къисматалъ кIвекIанагIан…


Кироваул росдал мажгиталда
Кироваул росдал мажгиталда

ХIалуцараб рагъулаб дандечIей бугеб Шималияб Кавказалда ва хас гьабун Дагъистаналда гIемер дандчIвала гьеб дандечIеялъ кIудиял балагьал тIаде ккарал гIадамал. ГIемерисеб мехалъ гьел рихьичIогоги хутIула.

Кироваул росулъ киназдего гIагарун гIадамазда лъалеб буго Насибовазул хъизам, жидее пачалихъалъ гIакъуба кьолеб хъизам хIисабалда. Росулъ жанире лъугьарабго тIоцеве ватаравго чияс бихьизабулеб буго гьезул рукъ ва бицунеб буго гьезул къварилъиялъул.

Насибовазул хъизамалда кIиго вацасул – СаидахIмадил ва ГIабулазимил хъизамалда дагьабго заманалда жанив, чIван вуго щуго бихьинчи. 20I0 соналъул июналда СаидахIмадил рукъалъул кIалтIа машинаялдаса къватIире лъугьунаго чIвана кIиясулго 20 сон барал гIолохъаби. Гьезул цояв – СаидахIмадил МухIамад вукIана гьунар бугев спортсмен, гугариялъул рахъалъ бакI-бакIазда, батIи-батIиял къецазда бергьенлъи босарав. Эбел Хадижатица бицунеб буго доб къоялъ гьев МахIачхъалаядаса рокъове вуссунев вукIанин, хадусеб къоялъ къецазде ине кколев вукIун. Рукъалъул кIалтIе щварабго гьесда щал лъаларел гIадамаз автоматаздаса речIчIун буго. ГIабдулазимил рагIабазда рекъон, чIваразда тIад батун буго цоясда тIад 76, цогидасда тIад 170 гуллил ругъун.

Гьеб къоялдаса моцI иналде чIван вуго ГIабдулазимил цоги кIиго вас. «АскIоб бугеб росулъе гIагарал чагIазухъе щвезе унел рукIарал гьезул машина гъоркьчIелги гьабун гуллбуца басун буго» - ян бицунеб буго гьес. Гьезда цадахъ чIван вуго ГIабдулазимил цинагIал ва досул васги. Жиндир гьудулзабаздехун, вацасухъ рецIел босизе бугилан абурал рагIаби сабаблъун чIван вугин вас ва гьесда цадахъ рукIарал абун бицунеб буго гьес. Гьелда тIадеги, исана августалъул тIоцебесеб къоялъ чIвана Насибов СаидахIмад. МахIачхъалаяласа Гъизилюрталде унаго нухда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз машинаялъуса къватIивеги вахъизавун, чIужуялда ва гIагарал руччабазда цебе гьесде автоматалдаса кьвагьдана ва гьев вугелъувго чIвана.

Хадижатица бицаралда рекъон, гьелдалъунги лъугIичIо гьезул хъизамалда тIад гьабулеб зулму. КIиго анкьалъ цебе СаидахIмадил рукъ сверун ккуна бакIаб рагъулаб техникаялда рукIарал аскарияз ва рокъоб киса-кибего чIухь бана. «Жанив бихьинчиго гьечIеб рокъоб руччабаца ярагъ кин цIунун бугеб абун гьел рачIарал гьебгощинаб аскарги бачун, гIадамалги хIинкъизарун?» - абун кIалъалей йиго Хадижат. Щибниги батичIого нахъруссун руго, жалго гIажаиблъана. Щай гьел гIажаиблъулел, цебеккун нижехъ ярагъ батунищ, яги нижеца такъсирал гьарурал рукIунищ абун кIалъалев вуго ГIабдулазим. Живгоги гьев доб къоялъ полициялде вачун суалал кьолел рукIанин бицана гьес.

Насибов ГIабдулазим: «Дун полициялдеги вачун абуна, жидеда бихьанин дица машинаялда рекIун террорист вачун унев. ВукIун ватани щайха гьеб бакIалдаго чIвачIелин жаваб кьуна дица. Террористги чIванин, гьесда цадахъ подсобникги чIванин абизе рес букIана гури нужер, гьелдаса бигьаяб жо щиб букIунеб, гьедин гьабулелъул нужецаян бицана. 70-гогIанасеб бакIаб рагъулаб техника букIана гьаниб цоги гIисинаб техника рикIкIичIого. Дун хIинкъизавизе батIи-батIиял алаталги ругоан гьезухъе. Дица абуна дун гьел жалазукьа хIинкъулев вукIаравани гьанив вукIинароанин, дун ригьалдаги вугев чи вугин».

Къуваталъул идарабазул зулмуялъул бицунеб буго Кироваул росдал мажгиталъур данделъарал харабазги. Гьез бицунеб буго пачалихъалъул къануналда рекъон диван гьабизеги жал рази ругин, гьез жидецаго гьел къанунал хвезарулел ругин. Цогидал диниял рикьалабазул рахъ кколел гIадамзулгун жидерги кинабгIаги рагIи дандеккунгутIи гьечIин.

«ГIадмазда гьоркьоб дин сабаблъун кинабгIаги данде ккунгутIи гьечIо, амма гьебги хIалтIизабун, цоцалъ ниж разаризе хIаракат бахъулел чагIиги камулел гьечIо. Нижеца кIвараб дагIват гьабулеб буго гьезие, тIагъуталъе гьабугейин гIибадат, Аллагьасе гьабейин, амма рагъизе гьечIо.

ГIабдулазимица гьединго бицана жиндир машинаялда хадуб хал кколеб букIунин кидаго. Дагьалъ цеве Буйнакскиялдаса вачIунаго цIахIилаб кьералъул номерал гьечIеб машинаялъ чанцIулго хIалбихьанин жив чIезавизе, амма хъамун машинагун жив гьездасан ворчIанин. Къисматалъ кинал хIалбихьиял гьаруниги жив гьел къабул гьаризе хIадур вугилан тIадеги жубана.





XS
SM
MD
LG