Гьел соназ нус-нус гIалимчи Сибиралде витIун, гьез хъварал ва гIелалъ гIелалъухъе цIодорго цIунун кьун рукIарал гIарабалъ хъварал гIемерал тIахьал тIагIинаруна большевиказ. Амма кигIан кIудияб гIамал гъоз гьабулеб букIаниги доб камураб ирсалъул хутIараб бутIаялъгицин нугIлъи гьабулеб буго Дагъистаналъул кIудияб рухIияб бечелъи букIиналъе, ва гьеб бечелъи халкъалъе тIад буссинабулеб буго жакъасел гIалимзабаз.
Гьезул цояй Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул гIалимчIужу ГIалибегова ПатIиматица гьалкъояз аслияб докладгун цее яхъана Хунзахъа Дибир-къадил гIумрудул тарихалда хурхараб гIелмияб данделъиялда. Гьелъ гьадинаб баян гьабуна:
ГIалибегова ПатIимат: «Дагъистаналъул гIелмияб централъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб мацIалъул, адабияталъул ва маданияталъул институталда тIобитIараб конференциялда бицен унеб букIана XVIII гIасруялъул кIудияв гIалимчи Хунзахъа Дибир-Къадил гIумруялъул ва гьес гьарурал асаразул. Гьев вукIана ГIумма-Ханил мирзалъун ва божарав чилъун. Гьес росдал къадилъиги гьабулаан жиндирго эменги хисун. Дибир-къади вукIана Ираналда, Туркиялда, ГIараб ракьазда гIелмаби цIаларав гъваридго парс, гIараб, турк, азирбижан ва гуржи мацIал лъалев чи. Гьес гIуцIарал дица рехсарал мацIазул рагIабазул тIахьал гIелмияб рахъалъан кутакалда къиматал руго.
МагIарулазул гуребги тIолго Дагъистаналъул ва тIубараб Шималияб Кавказалъул гIалимзабазда гьоркьов вукIинчIо ва гьанжеги гьечIин абизе бегьула батIи-батIиял мацIазул рагIабазул тIахьал гIуцIиязе Дибир-къадицагIан гIемераб хIалтIи гьабурав чи. Гьеб рахъ босани Дибир-къади рикIкIине бегьула гIицIго Дагъистаналъул гуребги Бакъбаккул рахъалъул улкабазул гIалимчилъунги. Гьев вукIана машгьурав шагIирлъунги, гьес хъвана кIудиял поэмаби ГIумма-Ханидихъ гьарурал, Дербент бахъиялде хъварал, гьесул руго вагIзаби, туркаби».
Конференциялъул гIахьалчагIаз кIудияб къимат кьун буго ГIалибегова ПатIиматица гьабураб докладалъе. Жийго ПатIиматица абулеб буго гьеб бугин тIоцебесеб иргаялда Дибир-къадил наслудул чагIазул хIаракатилан.
ГIалибегова ПатIимат: «Дибир-къадица хъварал тIахьазул лъикIаб экспозицияги букIана гьабун. Гьеб конференциялда гIахьаллъана машгьурал гIалимзаби, Хунзахъа рукIана рачIун жамагIаталъул вакилзаби, Дибир-къадил наслудул чагIи. Гьезда гьоркьов вукIана бищунго кIудияв 90 барав Дибир-къадил тухумалъул тарихги лъикI лъалев Шалапов Муса, библиотекалъул къиматги гьабулев. Дибир-къадил тухумалъул мунагьал чурайги ГIабдусамадицаги ХIасаницаги цIунун рукIана ва гьанже гьезул лъималазги цIунун буго Дибир-къадица ва цогидал къадизабаз бакIарараб библиотека. Гьанже гIун бачIунеб гIелалда лъазе кколелъул умумазул тарихги адабиятги гьеб рахъалде кIудияб кIвар кьола нилъер гIалимзабаз».
Дибир-къадил асаразул гъваридаб цIех-рех гьабурай ГIалибегова ПатIиматица абулеб буго кватIичIого къватIире риччазе ругин цо-цо асарал.
ГIалибегова ПатIимат: «Институталъул басмаханаялда хIадурулеб буго гьесул 538 тIамач бугеб рагIабазул тIехь. Гъолда гъорлъ руго гIемерал баянал парс классиказ хъварал кучIдузул магIнаби кьолел. Чанги сон дун хIалтIизеги хIалтIана гьелда тIад. Исана гьеб рагIалде бакIарун лъугIун бугин абизеги бегьула, ва институталъ биччазе ракIалда буго. Факсимилеги жибго текстги букIине буго. ХIатта авар мацIалдаги руго дора рагIаби. Гьединаб кIудияб хIалтIи бугоха хIадурун бахъун бугин абизе бегьулеб».