Ссылки для упрощенного доступа

Анкьго соналъ цебе гьабураб цIогь


Хасавюрт, 04Июн2010
Хасавюрт, 04Июн2010

Дагъистаналъул Хасавюрт мухъалда байбихьун буго гьанжеялдаса анкьго-микьго соналъ цебе бикъараб пачалихъалъул гIарцул лъалкI балагьизе. Амма гьеб мехалда гьенив вукIарав нухмалъулев ГIалимсолтlан Алхаматов чIван вукIана 2009 соналда.

Гьал къоязда низам цIунулез Хасавюрт мухъалъул администрациялдаса росун ун руго гIарац бикъа-хъамиялда бан гьабулеб цо цIех-рехалъе къваригIарал документал.

2004-2005 соназда гьеб мухъалда батIи-батIиял объектал ралаго бикъараб гIарцул лъалкI цIехолеб бугин бицун буго журналистазе Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилас.

Анкьго-микьго соналъ цебе гьабураб бикъа-хъамиялъул бицунеб батани, гьеб мехалда Хасавюрт мухъалъул нухмалъулевлъун вукIана ГIалимсолтIан Алхаматов. Гьев чIвана 2009 соналда Москваялда.

ГIалимсолтIан Алхаматов Хасавюрт мухъалъул нухмалъулевлъун тун вукIана Дагъистаналъе нухмалъи МухIамадов МухIамадгIалица гьабулеб заманалда. 90 абилел соназда республикаялъул тIалъиялъулгун цIакъго квешал гьоркьорлъаби рукIана Хасавюрт шагьаралъул мэр ГIумаханов Сайгидпашал. Республикаялъул шималияб рахъ, Хасавюрт рикIкIунаан ГIумаханов Сайгидпашал кверщаликь бугеб бакIлъун. Гьединлъидал гьесда дандечIеялъейин лъун вукIана гъоб мухъалда Алхаматовги, республикаялъул тIалъиялъе гIагарав политик хIисабалда.

ПалхIасил, живго Алхаматов чIваралдасагицин ункъо сон ун бугин, гьес нухмалъи гьабулеб заманалда бикъараб гIарцул цIех-рех гьабизе гьанжелъагIан теялда гIажаиблъи гьабулеб буго цо-цо чагIаз. Гьез гьеб хурхинабулеб буго Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе ГIабдулатIипов вачIаралдаса тIадчагIазде гьаризе байбихьарал гьужумазда.

Республикаялда буго ришватчилъиялда данде къеркьезелъун гIуцIараб комитет. ЖамгIияб гIуцIи хIисабалда бугеб гьелде кIудияб божилъи букIинарин халкъалъулин кканиги, гьеб комитеталъул нухмалъулев ХIажимурад ТIагьировас бицана ЭР-лъе жидеца киналго гIарзаби гьеб параялдаго Москваялде ритIулин, Дагъистаналда хал гьабизего течIого. Гьезухъе гIарзабиги аслияб куцалда рачIунел руго Казбек, Лаваша, Гъарабудагъкент, Дербент, Тарумовка мухъаздаса. 90 проценталъ гIарзабазул хIасилги кколин бицана гьес. ХIажимурад ТIагьировасул рагIабазда рекъон, бищун гIемер гIарзал рахъулел руго муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезда тIасан.

ХIажимурад ТIагьиров: «Щайгурелъул бакIалъул администрацияз гIемерисеб мехалда къануналда данде кколареб куцалда бикьа-къотIулеб буго ракь. Гьелъ рахIатхвезабулеб буго гIадатиял гIадамазул. Гьединго социалиял суалазда тIасан руго гIарзал. Масала, сахал рукIаниги сакъатал ругилан гьереси-документалги гьарун, пачалихъалдаса гIарац тIалаб гьабулел чагIи дагьал гьечIелъул. «Россельхозбанкалда» хурхарал гIарзалги руго. Ришват кьечIони, унголъунги росдал магIишаталда хIалтIулел, росабалъ ругел гIадамазе къарзалъе гIарац кьеларин лъугьунел руго банкалъул хIалтIухъаби. Руго тIасанкIалъаял гIиси-бикъинаб даран-базаралъе кумекалъе гIуцIараб комитеталда тIасанги».

Цебехун ТIагьировас бицен гьабураб Казбек мухъалъул гIадамаз дагIба балеб буго бакIалъул бюджеталъе 50 млн гъурщил къадаралда гьабураб пасалъиялда. Гьанже гьеб кибе арабали ревизия гьабулеб буго мухъазда гьоркьосеб Хасавюрталъул цIех-рехалъул комитеталъ.

Гьединго Казбек мухъалдаса жамагIатчи Идрисов Нургьамудиница ЭР-лъе бицухъе, 2008-2009-2010 соназда кьурал субсидиязул буго гьениб кIудияб дандеккунгутIи.

ПалхIасил, ришватчилъи пачалихъалъул идарабазда гурони гьечIин абулеб буго Нургьамудин Идрисовас.


пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:02:21 0:00
Загрузить файл

ГIабдулатIипов хъулухъалде тIамуралдаса гьес хIалтIудаса рахъана Ахти, Гъизилюрт, ЦIунтIа, БежтIа, Бабаюрт, ГIахъуша, Табасаран, Гъаякент мухъазул бутIрул. Гьелъие гIиллабазда гьоркьоб рехсола бюджеталъул гIарцуе пасалъи гьабилъиги. Масала, анлъабилеб июналда жиндирго хIалтIулеб бакIалдаса туснахъалде вачун арав Гъаякент мухъалъул муниципалияб гIуцIиялъул бетIер ХIамзаев Ильмудиница бесдал лъималазе биччараб гIарац бикъиялда щаклъи буго цIех-рехчагIазул. Россиялъулгун Азербайжаналъул гIорхъи бахунаго ккурав Табасаран мухъалъул нухмалъулев НурмухIамад ШихахIмадовасде гIунтIизарулел гIайибалги дагьал гьечIо".

Гьелги муниципалиял гIуцIабазул цогидал нухмалъулелги рачун туснахъалъур лъезе кколин халкъалъ чанго соналъ тIатIалаго балеб букIараб ахIи цIех-рехчагIазда гIицIго исана гьаб чанго моцIалда жаниб гурони рагIичIо.

XS
SM
MD
LG