Араб соналъул лъабабилеб декабралда жий яхIун йикIанин жанисел ишазул министерлъиялъул экстремизмалде дандечIей гьабулеб Центр «Э» абулеб идараялде жинда тIасан цо пуланав цIар хъвачIев чияс гIарза хъван бугинги абун. Гьеб гIарзаги жинда бихьизабичIин бицана Фузаца. Гьелъго бицухъе, гьеб бакIалда гьелда гьикъун буго Бжикшиев Арсенилгун лъураб магьари букIанищанги. Арсен хун вукIана 2011 соналъул 21 сентябарялда Сухумиялда гьесул автомашина кьвагьизабун хадуб.
БукIинчIин абун буго гьелъ. Гьеб мехалда полициялъулаз абун буго дур паспорт кьейин ригьнадул хъвай-хъвагIай бугищали хал гьабизе ва копия бахъизейин. Гьевгун ригьин букIун батаниги, лъураб магьариялъул хъвай-хъвагIай букIунарелъулинги абунин жинца, амма паспорт гьезухъе кьунин бицана нахъеги Фузаца. Хадуб гьеб паспорталда бугеб жиндир суратги чIван республикалдаго тIиритIизарун ратанин жий жинцаго чIвазе къачIалей йигей террорист хIисабалда ялагьулей гIадан йигин абурал тIанчалин бицана гьелъ.
Гьелде тIадеги Фузал вукIарав рос Махотлов Алим рагIула полициялъул полковник ва гьелъие суалал кьолел рукIаралщинал хIалтIухъабазда гьев лъикI лъалевги рагIула.
ЙикIарай лъади хIисабалдаса росас дудаса сундухъ букIаниги рецIел босизе рес бугищан гьикъана нижеца Фузада.
Фуза Махотлова: «ГьечIо ва букIинчIо. БукIине ресги гьечIо. КIалдиб полоп ккунги бицине кIола дида гьесул вацIцIалъиялъул. 2006 соналда ратIалъаниги гьес хьихьун буго дида аскIоб бугеб гьесул кIиябго лъимер. Нижер вуго кIиязего гIаммав васул васги. Ниж цоцалъ рекъонги руго, киданиги нижеда гьоркьоб жахIда-къецги букIинчIо».
Щайха терроризм абураб рагIуда аскIобего ккараб Фузал цIар?
Фузал буго гIемерго кIудияб гьечIониги кондитеразул продукциялъе дарам гьабиялда сверун бизнес. Ахирал соназда жиндир дармил базар Абхазиялдеги тIибитIанин ва гьение нахъеги жий гIемер хьвадулей йикIанин бицана гьелъ. Лъалел-кIолезул гIакълуялдалъун Фузал хIукму ккун буго учуз букIинелъун Абхазиялда регистрацияги гьабун къватIисеб улкаялдаса автомашина босизе.
Регистрация гьабизе фирма балагьулеб мехалда гьеб республикаялъул Юстициялъул министерлъиялдеги ун хал гьабунин жинца «Нур» абулеб фирмаялъул лицензиялъулги гьелъул репутациялъулгийин бицана Фузаца. Киналго кагътал рукIалида ратанин, гьелде тIадеги фирмаялъул хважаин вугоанин Абхазиялъул бахIарчи ва республикаялъул «Леон» абулеб орденалъеги мустахIикълъарав Бжикшиев Арсенин бицана нахеги Фузаца. Гьес жиндие кумекги гьабунин, автомашинаги босун Гъабардагун-Балкариялде жийги тIад юссанин.
Гьебго заманалда Арсеница гьарун буго гьелда базаралда жиндир бугин цо-чанго гIадамал ричарулеб бакIал, гьениб бичизе кондитеразул продукция фабриказдасаго босизе кумек гьабиларищан. Жинца гьесул гьариги тIубанин, тIокIаб жидер кинаб букIаниги гьоркьоблъиги букIинчIин бицана Фузаца.
Низам цIунулезул баяналда Бжикшиев вукIун вуго Гъабардагун-Балкариялъул экстремистазул къукъаялъул бетIерлъунги 2005 соналда Нальчикалде тIадекIанцIи гьабуразда гьоркьовги. Жийго жинцаго чIвалей террористги хIалтIизаюн Россиялъул террориториялда терактги хIадурулеб букIун бугин гьесин лъазабулеб буго низам цIунулез.
Республикалда тIаритIизарурал танчазда абуни хъвалеб букIун буго Бжикшиевас теракталъе гьесул лъабго йигей исламиял лъудбузул цояй Махотлова Фуза хIадурулей йикIиналда щаклъи бугин.
Цо бугони, Арсенил гьеб хIаракатчилъи букIиналъул махIцин чIван букIарабани, жий гьесухъе ине йикIинчIин. Кiиабизе бугони, юстициялъул министерлъиялда жиндирго цIаралда гъоркь фирмаялъе регистарцияги гьабун, чанго дармил бакIалги ккун, кафеги хIалтIизабулевищ террорист вукIуневин гьикъулеб буго Фузаца. Амма вукIун батаницин жинда гьелъул лъалеб жо гьечIин абуна гьелъ.
Араб соналъул 21 сентябралда лъалел-кIолез гьелъухъе ахIун бицун буго Арсен кьвагьун вугин.
Гьесда низам цIунулезул щаклъиги букIун батани, гьесул лъалел –кIолезул халги гьез гьабулеб батани, гьезул хIалтIуда жиндир дагIба гьечIин, амма жиндир сурат жинцаго чIвалей террорист йигин ва полициялъ ялагьулей йигин гьай гIаданин тIибитIизабиялъул магIна щибан гьикъулеб буго гьелъ. Гьелъулго рагIабазда рекъон, гьей рагIула диналдаса рикIкIадай гIадан.
Фуза Махотлова: «Дица абиларо дун динияй чIужу йигин. Дир руго релъарал халатал малъалги, модаялда рекъон къокъго къотIараб расги. ГIурмуялъ къокъаб гурони гурдеги ретIинчIо дица. Республикаялдаги дун лъаларей чи ватиларо. Динияб бербалагьиялъул гIадан дун йикIараяни, дин гъваридго дилъе биун тIунги букIарабани, лъидаго кIвезе букIинчIо дир пикру хисизабизе. Дие буго 55 сон ва жакъа дие хIажат гьечIо террористка йигин абураб цIар».
Террористка абун жиндир хIакъалъулъ информация интернеталдаги тIибитIизабун букIанин ва гьеб киналъго жиндир репутациялъе гуребги гIумрудуегицин хIинкъиги гьабулеб бугин бицана гьелъ.
Жиндие ккаралда тIасан Фузаца хъвараб гIарза исана январ моцIалдаго прокуратураялъ къабул гьабун ва гьелъие гIайибиял жавабчилъиялде цIазе рагIи кьун букIаниги, жакъа къоялдеги хисараб жо гьечIин бицана гьелъ.
Гьанже Нальчикалъул диваналъ Фузал гIарзаялъул хал гьабизе буго I5 декабралда.