Ссылки для упрощенного доступа

Джоан Баэзил «гьитIинал бергьенлъабиги кIудиял къеркьеялги» (видео)


Джоан Баэз «Форум 2000» абулеб тадбиралда Прагаялда, Сентябрь 2013
Джоан Баэз «Форум 2000» абулеб тадбиралда Прагаялда, Сентябрь 2013

Джоан Баэз «Форум 2000» абулеб тадбиралда Прагаялда, Сентябрь 2013 ккола америкалъул машгьурай кочIохъан ва инсанасул ихтиярал цIунулей активист. Гьелъ ахIула халкъиял кучIдул. Аун Сан Су Чжигун, Далай-ламагун ва Фредерик Виллем де Клеркгун цо кьерда чIун гьаб моцIалда гьей гIахьаллъана Прагаялда тIобитIулеб букIараб щибаб лъагIалилаб «Форум 2000» абулеб тадбиралда. Гьеб буго Чехиялъул вукIарав президент Вайлав Гьавелица демократия ва инснасул ихтиярал цIуниялъе квер-бакъизелъун нахъе тараб ирс.

Дагьаб цебегIан тIолабго дунялалда ракIалде щвезабулеб букIана Мартин Лютер Кингица «Дир буго анищ» абураб калам гьабуралдаса 50 сон тIубайги жидерго ихтияразе гIоло тIом чIегIерал американияз Вашингтоналда 1963 соналда тIобитIараб маршги. Гьеб тарихияб тадбиралда гIахьаллъулей йикIана Джоан Баэзги. Гьеб къоялъ гьелъ Вашингтон бакьулъе бакIарараб халкъалда цебе ахIун букIана We Shall Overcome ай «Нилъ бургьуна» абураб кечI. Жакъа халкъаз жидерго ихтияразе гIоло гьабулеб къеркьей кибха бихьулеб бугеб Баэзида? Щванищ гьел мурадалде яги гьеб халатаб процессищ кколеб?

Джоан Баэз: «Дида ккола дунялалдаго гьеб бугин халатаб нухин. Гьанже цебе чIезабизецин захIмалъулеб буго чIегIарал гIадамал хъахIал унел хIажатханабахъецин ине бегьулел рукIинчIеб заман. Рестораналде жанире яги петералъуреги гьел унароан киналго хьвадулеб цIунихъан, гьезие бихьизабулеб букIана къваригIелазе хIалтIизабулеб нуцIа (ред. аслияб къагIидаялда Америкаялъул Цолъарал Штатазул жанубияб рахъалда). Гьелдаса нахъе гIемерал хиса-басиял ккана. Гьанже нижер президентцин вуго чIегIерав. Амма гьелдалъун гьеб проблема рагIалде бахъанин абизе кIоларо дида. Расизмалъул проблема цIунун хутIулеб буго. Проблемаби гьеб гуреб цогидалги руго, амма гьебги буго кIудияб проблема».

Джоаница бицана жиндир девиз бугин «гьитIинал бергьенлъабиги кIудиял къеркьеялги» абурал рагIабийин. Къеркьеял кIудиял ругонагIан къиматал рукIунин гьезда щварал гьитIинал бергьенлъабиян.

Радио Эркенлъи: 2009 соналъул июналда Ираналда «ГIурччинаб багъа-башариялъул» рахъ ккуразул бищунго кIудияб гьаракь букIанин абизе бегьула дур. Дур гьаркьилъ рагIулел рукIана фарси мацIалда рагIабиги. Абизе бегьула ираналъулазда гьеб рагIанин ва гьезул хIакъалъулъ дунялалда рагIизабулеб гьаракьги букIанин абизе бегьула гьеб. Дурго богорокъойги гIодойчIун «ГIурччинаб багъа-башариялъул» рахъ ккун We Shall Overcome абулеб кечI ахIулаго видео бахъизе кин дуда ракIалда ккараб?

Джоан Баэз: «Дида цадахъ хIалтIулей дир кумекчIужуялъул цIакъ рахIат хвезабулеб букIана гьел лъугьа-бахъиназ. Цинги дица абуна чIун рукIинчIого рачIа цо щиб букIаниги гьабизейин. Гьелъ абуна: «ЯчIа дуца кечI ахIизе»,-ян. Гьедин бижараб букIана гьеб пикру. Цинги гьелъул телефоналъул гьитIинаб камераялде бахъана гьеб. Бищунго захIматаб букIана фарс мацIалда рагIаби лъазаризе».





Амма жакъа Ираналда кколеб бугелда хадуб жинца хал кколеб гьечIин абуна Баэзица.

Джоана Баэз лъикI лъалаан Советияб лагералъул улкабазда. Магърибалъул рок-бакъан букIана гьениб цIакъ машгьураб. Чехиялъул вукIарав президент Вацлав Гьавелица абун букIана цо-цо бакъаназ «маххул пардавал» рортизарулин ва халкъияб революциял гьарулин.Лъалеб букIанищ Баэзица дунялалъул цоги рагIалда гьелъул гьединаб асар букIин ва гьелъул кучIдузухъ балъго гIенеккулел рукIараблъи?

Джоан Баэз: «Дида гьеб лъалаан. Дида лъалаан гьелъул кIвар бугеблъи. Гьединго дида лъала дунялалдаго зулму бугеб бакIалда балъго тIибитIулелъул кIвар бищунго кIудияб букIунеблъиги. Гьелъиеги къваригIуна бахIарчилъи. Amnesty International идарагун хIалтIизе байбихьараб мехалда, узухъда, хIалтIул суалалгун дир бухьен ккаралщинал улкабазда кколеб дида лъикIго лъана».

Баэзица бицана жинца кидаго квагIисезул рахъ кколаанин, амма Россиялдаса гражданияй активист Горбаневская Натальял ва гьелда релъарал цогиязул хIаракаталъул жинда лъараб мехалда жиндие батIалъи букIинчIин гьел квагIиселищ ругел квараниселищ ругелали. Гьединлъидал Россиялда политикиял туснахъазул рахъ кквей гьеб букIанин жиндие гIадатияб ишин. РитIухълъиялъул рахъ чияс кколеб бугони, гьев витIарав вукIуна.

Гьанна Кавиани ва Саломе Асатиани
XS
SM
MD
LG