Ссылки для упрощенного доступа

Р.Гереев: «Исламалъул пикру щулалъулеб буго къо бахъанагIан»


Гьанже россиялъул армиялда хъулухъ гьабулел ругел Шималияб Кавказалъул республикаялдаса гIолохъабазе рес щвезе буго рузманалъул как базе аскIор ругел шагьаразул мажгитазде ине.

ТIоцебе гьелъул хIакъалъулъ хабар къватIибе бачIана араб моцIрол ахиралда. 27 июлалда Москаялда вугев Дагъистаналъул вакил хисулев ИсмагIилов Анвар дандчIвана Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялда цебе бугеб дивизиялъул нухмалъигун. Исана ихдал гьенире хъулухъ гьабизе ахIун руго Шималияб Кавказалдаса нусгониги чи.

Рагъулаб бутIаялъулгун гьез къотIи гьабун буго хъулухъ гьабиялъул рахъалъ тIад кIалъай гьечIел гIолохъабазе рузманалъул какал разе шагьаралде ине рес кьезе. ХIатта нухмалъиялъ рагIи кьун буго хас гьабун гьел гьенире-нахъе рекIине транопрталдалъунцин кумек гьабизе

Гьеб хIакъикъаталдаги рохизе ккараб иш бугилан абуна ЭР-ялъе ислам лъазабиялъул рахъалъ Шималияб Кавказлда бугеб централъул нухмалъулев Руслан Гереевас. Дагъистаналда биччалеб «Настоящее Время» газеталъул бетIерав редактор хисулевги ккола гьев.

«Ярагъ тIад борчараб гIибадат» абураб цIар лъураб макъалаги бахъун буго Русланица бицен гьабулеб темаялда хурхун газеталъул иргадулаб номералда. Гьес рикIкIунеб буго гьеб суалалде гъорлъе дагьалги гъваридго раккун хал гьабуни лъалеб жо бугин жакъа Россиялъул армиялда хъулухъ гьабулел бусурбабазул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунеб букIин. Гьединлъидал бачIунеб бугин хадуб щиб гьабизе кколеб абураб суал. Москваялъул гарнизоналада абизе бегьулин гьеб рахъалъ тIоцебесеб гали лъунин. Амма гIаммаб къагIидаялъ босани гьеб суал жеги рагьаралъун бугин абуна гьес.

Руслан Гереев: «Бусурбабаз армиялда хъулухъ гьабулеб букIиналъул суал кида -къадги тIубазе кколеб суал буго. Гьеб заман щун буго, щай гурелъул дунялалдаго бугеб хIал-хIукмуялде балагьидал бихьулеб буго илсамалъ жиндирго бакI кколеб букIин. БатIалъи гьечIого бусурбабиги армиялде хъулухъ гьабизе уна ватIаналда цебе жидерго тIадаб налъи тIубазе, ватIаналъ гьезиеги чIезаризе ккола хIажатал шартIал, гьеб буго аслияб суал»

Русланица хадубги абуна гIемерлъулел ругин гьединго армиялда радикалияб идеология тIибитIизабиялъул хIужабиги. Армиялда ислам гьеб жиндирго классикияб формаялда гуребги гьелъул батIи-батIиял рикьалаби тIиритIиялдалъунги загьирлъулеб бугин. Гьединго гьес тIаде жубана кавказалдаса гIолохъабаз гIурус миллаталъул гIадамазедхун рокьукълъи бихьизабиялъул мисалалги жеги лъугIун гьечIилан.

Рагъулаб низамалдеги къохIехьеялдеги кавказалъулал хекко ругьунлъулин, щайгурелъул тIабигIаталъго лъураб кьварараб гIамал- хасият букIиналъ. ВатIаналда цебе тIубазе кколеб борчалъул бичIчIи щун букIунин гьезухъе гIицIго хIажат бугин гьеб къваригIел ккаралъуб гурони загьир гьабизе кколареблъи гьезда бичIчIизабизейин абуна гьес

Россиялъул конституциялдаги бихьизабун бугин щивав чиясе изну кьун букIин жиндего бокьараб диналда гIумру гьабизе. Жакъа россиялъул бакьараб шагьаралда ансариязул килисабиги гьенир хъулухъ гьабулел кашишал рукIаго нилъ щайин руцIцIухIун чIезе колел? Гьединлъидал жинда лъикIаблъун бихьулин гьабсагIаталда как базе рузманалде ине кьураб рес юридикияб статус кьун къанунияб куцалдаги щула гьабизеян рикIкIунеб буго Гереев Русланица.
XS
SM
MD
LG