Спорталъул рахъалъ инструктор хIисабалда Мансурица хъулухъ гьабулеб буго Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Уралалъул регионалияб бутIаялда. Гьедин хъвалеб буго рехсараб министерлъиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул сайталда.
73 килограмалде бакIлъи бахунел спортсменазул категориялда дзюдоялъул рахъалъ 30 июлалда финалалда Мансурица къезавуна Япониялдаса Рики Накая. Финалалде щвелалде цо къоялда жаниб гьес босизе кколеб букIана ункъго бергьенлъи.
Мансурил эбел-инсуца гIумру гьабулеб буго Гъизилюрт шагьаралда. Гьезда бергьенлъиги баркулаго нижеца гьарана Мансурил эбел Асиятида нижер цо чанго суалалъе жаваб кьеян.
Гьелъ бицана вас бергьун хадусеб сордоялъ рогьинегIан жидеда кьижизе кIолеб букIинчIин рохиялъ ва рогьаралдаса бергьенлъи баркизе рачIунел гьалбал къабул гьарулел рукIанин. Мансур къеркьезе вугеб итни къоялъги киналго гIагарал ва мадугьалзаби ракIарун рукIанин жидер рокъоре цадахъ къецазухъ балагьизеян.
Васасул къеркьеялъухъ балагьизе жиндие цIакъ захIмалъулин, Олимпиадаялдаги ахирисеб гьесул къеркьей гурони жинца бихьичIин бицана нахъеги Эркенлъи Радиоялъе Асиятица.
ГIисаева Асият: «Дида кIвечIо ахирисеб къеркьеялъухъ гурони балагьизе, гьебги аскIор ругез ялагьизаюна дун гьелъухъ ккараб ккун букIининги абун. ХIалихъе балагьана гьелъухъги дун. ЗахIматго букIунеб буго эбелалъе лъимадул къеркьеялъухъ балагьизе. Эмен МустIападаги кIолеб букIинчIо берцинго гьеб къеркьеялъухъ валагьизе.
Нижеца хIаракат бахъулеб букIана гьелъул ургъел гьабичIого цоги сунде-букIаниги пикраби руссинаризе. Цоцахъ балагьизецин хIинкъун рукIана. Кинаб хабар бачIине бугебали лъаларого, гьелъукьаги хIинкъун рукIана. Нижее балагьараз бицунаан цоцIул бергьана, кIиабилебги дандечIеялда бергьанаян. Лъаларо, кинаб букIарабали бицун бажарулеб къо букIинчIо гьеб къо».
Эркенлъи Радио: «Цо интервьюялда Мансурица абулеб буго гьитIинаб къоялдаса жиндир анищ букIанин Япониялда тIобитIулеб дунялалъул чемпионаталда япониясда тIад бергьенлъи босизеян. Олимпиадаялдаги тIоцебесеб чIелалъе гIоло гьевгун японияв дандвазе ккун вукIана. ГьитIинаб мехалда кинав вукIарав Мансур?»
ГIисаева Асият: «ГьитIинаб къоялдаса Мансур вукIана жиндир мурадалде щун гурони чIоларев вас. Щиб букIаниги байбихьани, гьеб рагIалде щвезабун гурони гьес толароан. Кидаго тIоцебесеб чIел босизе хIаракат бахъулаан гьес, амма кидаго гуреб иш гьесие бокьухъе кколеб букIараб. Гьев гIемер къолевги вукIана, гьев нахъе ккараб мехги букIана. Дица абулаан гьесда, Мансур, къечIони бергьенлъи букIунарин, къезеги лъазе кколин, дурго гъалатIазда тIад хIалтIизе кколин хадусеб нухалда гьел гьаричIого тезе.
-Щай мун къурав, кинаб гъалатI дуца биччараб, дандиясе кколеб къимат кьечIогойищ тараб? Гьеб киналдаго тIад хIалтIизе ккола, гьеб дур гIайиб буго,-гьедин абулаан дица гьесда.
-Эбел, гьедигIанго кIудияб ургъел гьабизе кколаро дун къолев вукIиналъул,-ян абулаан гьес».
Эркенлъи Радио: «Нужер хъизан лъалез бицана спорталъул залалде гьев дуца щвезавунин тIоцебесеб нухалдайин...».
ГIисаева Асият: «(Елъулаго) БукIана гьединаб жо. Дие диегоги бокьулаан спорт. ГIемерго борхатаб лага-черхалъул гьечIониги дие цIакъ бокьулаан волейбол хIазе, республикаялъул тIаса бищараб командаялдацин йикIана дун цо параялъ. Амма гьаниб республикаялда букIа, шагьаралда букIа руччаби профессионалияб спорталда рукIин гIемерго бецIцIараб букIинчIо, гьебги 80-абилел соназда.
Амма кин бугониги спортсменал къецазде хIадурлъулел бакIаздеги (сборазде) унаан нижер команда. Цо гьединаб бакIалда нижер мадугьалихъ гIумру гьабулев вукIана ХIабиб Сиражудинович абулев тренерас. Цо заманалдасан шагьаралда дандеккарав гьес дида гьикъана дур лъимал щал ругелин. Дица абуна вас вугин. Ватани, ячIа гьев залалде дзюдоялде вачунин абуна гьес.
Дида доб мехалда лъалебго букIинчIо дзюдо щиб жоялицин. Байбихьана гьикъардизе, гьелъул хIакъалъулъ лъалев чиго гьечIоан. Амма кин бугониги дица лъазабуна гьеб спорталда гьурмалъ кьабулареблъи. Лъимадул гьурмада яги чорхода кьабулеб спорт дие данде кколаро. Бокьана дие гьеб ва абуна Мансурида гьенире рилъине ругин. Гьесги дида гьикъулеб букIана:
-Гьеб щиб жо, эбел,-абун.
Гьедин анаха ниж тIоцебесеб нухалда залалде».
Эркенлъи Радио: «Олимпиадаялда бергьун хадув рокъобе, инсухъе, духъе ахIун Мансурица щибин абураб?»
ГIисаева Асият: «(Елъулаго) Эбел, гьаб буго дур медалин абуна. Мун йигин жиндир чемпионин абуна. Дицаги абуна дуца киналго нилъер гIагарлъи, гьудулзаби, тIолабго улка боххизабунин. Дун кутакалда йоххарай йигин дудасайин абуна. Бокьун букIана нилъер киналго спортсменал бергьине. Киналго къураздаги ракI гурхIула дир, гIодизецин бачIуна».
Эркенлъи Радио: «БахIарай йигищха Мансурил?»
ГIисаева Асият: «Нижер хъизамалда гьечIо эбел-инсуца бахIарай ялагьулеб гIадат. Дица абула гьесда дуда берцин йихьарай яс ятани дида лъазабеян. ГьечIин жеги, эбелин, абулаха гьес. Спорталде машгъуллъун ясазде регIараб хIал букIинчIо гьесул. Дие абуни бокьилаан гьес рокьиги гьабун, жиндиего бокьарай яс ячине. Дие бокьила гьес жиндиего лъади жинцаго ялагьизе».
Гьедин бицана Лондоналъул Олимпиадаялъул чемпион ГIисаев Мансурил эбел Асиятица. Мансурица босараб месед ккола тарихалда жанибго дзюдоялъул рахъалъ Россиялъе щвараб кIиабилеб медаль. ТIоцебесеб босана гьебго Олимпиадаялда чанго къо цебе Адыгъеялдаса Арсен Галстяница.