Вади уль Салам – ай Паракъалъиялъул жаниблъи, ян абулеб ГIиракъалъул Наджаф шагьаралда бугеб хабал дунялалда бищун кIудияблъун рикIкIунеб буго. Гьенив вукъун вуго миллион-миллион шиитав. Щибаб соналъ гьенив вукъула гIага шагарго 500 инсан. Гьениб, имам ГIалил мажгиталда аскоб жиндирго абадияб рукъ бати – гьеб буго ГIиракъалъул щивав шиитасул анищ.
Суратал рахъана RFE / RL Азербайджан хъулухъалъул мухбир ГIаббас ГIалитаица.