Ссылки для упрощенного доступа

Персиялъул лъел квачΙалда ккун буго инцидент


Цолъарал штатаз лъазабуна, ираналъул рагъулаб авиациялъ хΙалбихьанила гΙадатияб къагΙидаялда Персиялъул лъел квачΙалда хал гьабулеб букΙараб жидер дрон, ай, пилот гьечΙого боржунеб аппарат кьвагьизабизеян. Инцидент ккун буго нейтралияб зонаялда ираналъул гΙорхъабазда аскΙобеххун.

Цолъарал штатаз лъазабуна, инцидент кканила тΙоцебесеб ноябралда талат къоялда тΙоритΙала президентасул рищиязде 7 къо хутΙараб мехалдайила. Хамис къоялде щвезегΙан гьеб информация загьир гьабичΙого тун букΙун буго. Хадуб цо-цо бакΙазда раккун руго гьелъул хΙакъалъулъ лъазабиял.

Персиялъул лъел квачΙалда нейтралияб зонаялъул гьаваялъул гΙатΙилъиялда Цолъарал штатазул дроналде, ай, пилот гьечΙого боржунеб аппараталде кьвагьдун руго тΙоцебесеб нухалда. Пентагоналъул пресс-секретарь Джордж Литтлица лъазабун буго, Россиялда биччараб кΙиго СУ-25 аэроплан чанго нухалъ кьвагьданила аппараталде. Амма гьезда бажаричΙила гьелда щвезабизе ва аппарат зарал ккечΙого нахъе буссанила базаялде.

Литтлица абулеб буго, дроналъ киданиги бахун букΙинчΙила ираналъул гьаваялъул гΙатΙилъиялъул гΙорхъабийила. Халкъазда гьоркьосел къануназда рекъон, халкъазда гьоркьосеб гьаваялъул гΙатΙилъи байбихьула рагΙаллъаиялдаса 13 ралъадал мильалъул, гΙага-шагарго 20 километраялъул манзил тун хадуб.

Джордж Литтл: «Дида кΙола тасдикъ гьабизе: 1 ноябралда гΙага-шагарго щуго тΙабазе 10 минут хутΙараб мехалда, цолъарал штатазул тΙад ярагъ гьечΙеб MQΙ абураб дроналъ Персиялъул лъел квачΙалда гΙадатияб мониторинг тΙобитΙулеб мехалда, ираналъул СУ-25 аэропланал кьвагьдун рукΙин. Инцидент ккана халкъазда гьоркьосел лъиназда тΙад ираналъул ралъдал рагΙаллъиялдаса Ι6 милалъул манзилалда. РечΙчΙараб щун гьечΙо MQΙ ва гьеб нахъе буссун буго базаялде.»

Ккколищ гьеб рагъулаб акт абун кьураб суал пресс-секретарас тана комментариял гьаричΙого. Амма, гьес абуна, америкаялъул хъулухъчагΙазул версиялда рекъон, ираналъул аэропланал сигнал кьун гурила кьвагьдарал, гьезул мурад букΙанила гьеб аппарат кьвагьизабиян.

Джордж Литтл: «Цолъарал штатаз ираналъулазда лъазабуна, регионалда хΙинкъигьечΙолъи цΙуниялъул мурадалда ва гΙемер соназул практикаялда рекъон Персиялъул лъел квачΙалъул халкъазда гьоркьосел лъиназул гьаваялъул гΙатΙиялъиялда хал кквей хадубги халат бахъинабизе бугила. Дипломатияздаса байбихьун рагъулазде щвезегΙан ресалги жидер ругила регионалда жидерго рагъул къуватал ва техника цΙуниялъе. КъварагΙел бугони, жидеца гьел хΙалтΙизеги гьаризе ругила.»

Ираналъул ядерияб программаялда сверун хΙалуцин цΙиккун букΙиналда бан, гъоркьиса Цолъарал штатаз цΙиккинабуна жиндирго рагъулаб къуватги регионалда. Ормузалъул къваралъи цΙуниялъул мурадгун Персиялъул лъел квачΙалде щвезабуна чанго гама, гьездаго гъорлъ кΙиго аэропланал раччулебги. Ираналъул жанубияб рахъалда бугеб Ормузалъул къварилъиялдасахун баччулеб буго дунялалъул нартил гΙаммаб къадаралдаса лъабго бутΙа гьабун цо бутΙа.

Инцидент ккараб къоялдаго Цолъарал штатаз лъазаруна Ираналде данде цΙиял санкциябиги. Циял тадбирал гьарулел руго Вашингтоналъ цензура чΙезабиялъул ва интернеталде раккизе ираналъулазе рес къотΙизабиялъул гΙайиб гΙунтΙизабурав ираналъул чанго официалияв хъулухъчиясде ва хΙукматалъул хΙалтΙухъанасде данде.
ЭР-лъул цΙиял харбазул сервис
XS
SM
MD
LG