Ссылки для упрощенного доступа

Халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цΙуниялъул къо


10 декабрь ккола Халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цΙуниялъул къо. Гьединаб къо календаралде босана 1948 соналда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияб Ассамблеялъул хΙукмуялда рекъон, «Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул киназего гΙахьалаб декларация» къабул гьабиялда хурхинабун.

Амма жибго къо тΙоцебе кΙодо гьабизе байбихьана 1950 соналдаса байбихьун, Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияб Ассамблеялъул «Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул киназего гΙахьалаб декларация» къабул гьабун кΙиго сон тубΙан букΙин ракΙалдеги босун. Рехсараб декларациялъул автор йикΙана Цолъарал штатазул вукΙарав президент Франклин Рузвельтил лъади Элеонора Рузвельт. Доб заманалда гьелъул букΙана кΙудияб авторитет инсанасул ихтиярал цΙунулей хΙисабалда.

«Киналго гΙадамал гьариялдасаго руго эркенал ва цого къадруги ихтияралги ругел. Гьезул буго гΙакълуги намусги ва цоцада бан гьезул хьвада-чΙвадиги букΙине ккола вацлъиялъул.» - абун хъван буго «Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул киназего гΙахьалаб декларациялъул» тΙоцебесебго статьялда. Гьединабго инсан кΙодо гьавиялъул хасияталъул буго декларациялъул кинабго лъеберабго статья ва гьез цΙунулел руго инсанасул кьучΙиял ихтиярал.

Жийго Элеонора Рузвельтица «Инсанияталъул эркенлъиязул тΙадегΙанаб хартияян» цΙар кьун букΙараб декларация къабул гьабуна Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияб Ассамлеялъул данделъиялда гΙахьалал улкабазул аслияб къадаралъ гьаркьал кьун.

Жидерго позиция загьир гьабичΙого чΙараб яги данде гьаракь кьураб Ι0 улкаялда гъорлъ букΙана Совет Союзги. СССРалъ жиндирго гъолбас гьеб документалда лъуна Ι976 соналда, гьеб Экономикиял, социалиял ва культуриял ихтияразул, гьединго декларациялъул кьучΙода гΙуцΙараб Гражданиял ва политикиял ихияразул хΙакъалъулъ халкъазда гьоркьосел пактал къабул гьарун хадуб. Гьебги щиб гьел пактазда гΙахьаллъиялъе тΙадаб букΙун буго бицен гьабулеб декларация къабул гьабийги. Гьединаб къагΙидаялда, доб заманалда тоталитарияб улка формалияб къагΙидаялда гъорлъе лъугьун буго инсанасул ихтиярал цΙунизе разилъарал улкабазде гΙуцΙиялде гъорлъе.

Инсанасул ихтиярал цΙунулезул цо-цоязул пикруялда, жакъасеб Россиялда батΙи-батΙияб къагΙидаялда бихьулеб буго жибго инсанасул ихтиярал цΙуни абураб терминцин. ТΙадтараз риккунеб буго президентасда цебе гΙуцΙараб Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул рахъалъан мажлис кколин хΙакъаб къагΙидаялда жиндирго цΙаралъ магΙнаялда рекъон хΙалтΙи гьабулеб идаралъун.

Пачлихъалъул гурел инсанасул ихтиярал цΙунулел гΙуцΙиязул пикруялда, гьеб Мажлис ва гьелда релъарал цогидал пачалихъиял гΙуцΙиял улкаялда руго халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъе рихьдае гьарурал гΙуцΙиял. ХΙакъикъаталдагиян абулеб буго ахирисезул вакильзабаз, улкаялъул нухмалъиялъ, хасго Пачалихъияб Думаялъ ахирисел соназда бихьулеб къагΙидаялда захΙмалъизабуна инсанасул ихтиярал цΙуниялъул хΙалтΙи. Ахирисел соназда парламенталъ бахъараб чанго къануналъ цо-цо инсанасул ихтиярал цΙунулел гΙуцΙаби ккезаруна жалго гΙуцΙи хΙисабалда хутΙиялъул суалал цебе лъезабиялде.

Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул нухмалъулей Людмила Алексеевалъги абулеб буго, гьел къануназ жидер хΙалтΙиги захΙмалъизабунин. Амма гьелдаго цадахъ гьеб хΙакъикъат загьирлъулеб мехалда кΙиго цΙакъ ракΙалъе гΙолеб рахъ бихьанин жидедаян бицана Алексеевалъ нижер радиоялъе комментариял гьарулаго.

Людмила Алексеева, Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул нухмалъулей
Людмила Алексеева, Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул нухмалъулей
Людмила Алексеева: «Инсанасул ихтиярал цΙунулеб жамгΙият букΙун буго гΙуралъ гъункарабги, щулиябги, цΙакъ цолъарабги. Гьелъ гΙаммаб бербалагьи къабул гьабуна коммерциялъулалгурел гΙуцΙабзада хурхун бахъараб къануналде. МухΙкан гьабуни, нижеца нижго къватΙисел пачалихъалъул агентал хΙисабалда къабул гьарулел гьечΙо ва гьединаллъун нижерго регистарация гьабизе инкар гьабулеб буго. Дица риккуна гьеб цΙакъ лъикΙаб рахъ бугин. КΙиабилеб лъикΙаб рахълъун дица риккуна гьадинаб жо. Гьанже къватΙисан грантал щвеялъул ресал хутΙулел гьечΙолъи ракΙалде босун, Москваялъул Хелсинкиялъул группаялъ кумек гьарун хитΙаб гьабуна россиялъулазде. Халкъазда гьоркосел гΙуцΙиязул грантал щвеялъе къагΙидаби ралагьи нижеца халат бахъинабизе буго, инсанасуло ихтиярал цΙунулезул буго гьелъие ихтиярги. Амма ниж тамашалъизаруна, цΙакъ гΙемер чияс, гΙадатиял гΙадамаз нижее гьитΙинаб букΙаниги кумек битΙулеб букΙин бихьун."

Инсанасул ихтиярал цΙунулелъул пикруялда, гьединал къанунал къабул гьарулел рукΙиналда нахъ букΙине бегьула рохиялъе бакΙ толареб перспектива. Гьединал къануназ нухмалъиялъе рагьулел руго гΙатΙидал нухал эркенал пикраби загьир гьарулел гΙадамазул гΙумру гΙуралъ захΙмалъизабиялъе.
ЭРадиоялъул цΙиял харбазул сервис
XS
SM
MD
LG