Новодворская йикIана Россиялда машгьурай ва жиндир адаб гьабулей гIаданлъун, амма рукIана гьелъ бицунеб санде гьабуларел гIадамалги.
Советияб заманаялдаса нахъе йикIана гьей диссидентазул багъа-башариялда. Гьей чанги нухалда жаний тIамунги йикIана антисоветияб агитация гьабуралъухъ абураб гIайибги гунтIизабун, хIал гьабун дару гьабизейин абун психиатриял азарханабаздаги тIамун йикIана гьей. Советияб заманаялда гьей милициялъ ккун йикIана кинабниги 17 нухалда.
Новодворскаялъ абулаан инсанасул ихтияразе гIоло жинца гьабулеб рагъул тактикияб хасият бугин ва гьелъул аслияб мурадги бугин СССР биххийин. Гьеб гьелъ рикIкIунаан классикияб тоталитарияб пачалихълъун «квешлъиялъул империялъун».
1988 соналда Новодворскаялъ цогиязда цадахъ гIуцIун букIана «Демократияб союз» абураб партия. 1993 соналда гьеб биххун хадуб, гьелъ гIуцIун букIана «рацIцIадал либералиял ва антисоветиял принципал» цIунун «Россиялъул Демократияб союз» абураб партия. Ахирисеб 15 соналъ Новодворская йикIана президент Владимир Путиница гIуцIараб политикияб системаялъул даимай ва радикалияй критиклъун.
Эркенлъи Радиоялъул авар хъулухъалъе кьураб ахирисеб интервьюялда социалиял сайтазда чиясул хасаб гьумералде сордо-къоялда жаниб лъабазарго чи ваккулев вугони, гьединал гьумерал информалатазда бащалъизаризе къабул гьабураб къануналда тIасан Новодворскаялъ гьадин бицун букIана.
Валерия Новодворская: «Россиялъул тIалъи-гьеб буго абсолютияб квешлъи. Гьездасан къватIибе борчIулебщинаб жоги буго-квешлъи. Гьединлъидал дандекквеял ралагьизелъун ургъизецин кколаро. Лъазе ккола гьез гьеб щибизе гьабулеб бугебали. Гьеб буго журналисталго гIадин блогералги жанир тIамизе сайталги къазе гьабулеб жо. Лъидаго рачIел информалатал къарал гIадинан къазе руго блогалги. Гьезие къваригIун буго эркенаб пресса билараб гIадинан эркенал блогалги рилизаризе. Жиндир чол тIикъваялда гъоркь хер бижуларин абулаан Аттилаца. Гьелъухъего, Россиялъул тIалъиялъул машиналъул гьакиберазда гъоркьги зазхараб тел гурони щибго бижуларо».
Новодворская йикIанин «гурде ретIарай мушкетер» ва «яхI бугей иснанин» рикIкIунеб буго россиялъул политикияв ва жамгIияв хIаракатчи Николай Сванидзеца.
Гьей йикIанин унго-унгояй лъай тIибитIизабулей чIужу. Гьей киналго телеканалаздеги ахIун гьелъ бицунелъухъ гIенеккизе кколел рукIанин, амма гьей гьение ахIулей йикIинчIин бицун буго Deutsche Welle газетаялъе машгьурав инсанасул ихтиярал цIунулев «За права человека» абулеб багъа-башариялъул нухмалъулев Лев Пономаревас.
Новодворскаялъ хъван руго "КIкIалалда тIад гьерсилъ», "Дир Карфаген биххизе ккола", "Рес къотIиялъул гъоркьияб рахъалъ", "Славянкаялъул къо-лъикI гьаби", "Поэтал ва ханзаби" абурал тIахьал. Гьел кьолел рукIана Грани.ру ва "Эхо Москвы" радиостанциялъул сайтазда.
Лев Пономаревас рикIкIунеб буго Валерия Новодворская политикаялда радикаллъун йикIанин ва гьелъ рес кьолеб букIинчIин гьелъие унго-унгояй политиклъун яхъине. Политика-гьеб компромиссал ралагьи бугин ва радикалаз кIудиял партиязе нухмалъи гьабизе кколарин рикIкIунеб буго Пономаревас.
Сванидзел пикруялдаги Новодворская йикIинчIо политиклъун. Амма гьес рехсолел руго батIиял гIиллаби. Гьесул пикруялда Новодворская йикIинчIо я циниклъун я прагматиклъун.
Лъазабиязда рекъон, Новодворская хун йиго инфекциониябгун-загьруяб шокалдаса Москваялъул 13 азарханаялъул реанимациялда.