Дагьал церегIан къояз Дагъистаналде тIад руссана Гъаза секторалъе квербакъигун кумек гьабизе ун рукIарал «Инсан» фондалъул вакилзаби. «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабуна гьезул цояв- Шигьабудин ХIусейновгун.
Август моцIалъул авалалдаса нахъе ГIизраилалъ цIи гьабун байбихьана рагъ Гъаза-секторалда. Дунялда кколел рагъулал лъугьабахъиназулъ гьеб цо батIияб цIияб жо гIадинго бихьичIин, гIадамал ругьунлъун ругин чIвай-хъвеялде, амма гьеб битIараб гьечIин бицана Шигьабудиница. Дагъистаналда гьенир тунка-гIусиял ккараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе фондалъ лъазабуна гьезие кIвараб кумек гьабизе ракIалда букIин. Фондалъул хIалтIухъабаз бицухъе, гьенире магIил цIун бералгун рачIунел рукIун руго гIадамал, жидер ресалда рекъараб кумек гьабизе. Гьедин гIемер заман бахъилалдего гьениб гIизагIан кIудияб гIарцул къадар гIун буго. Кинабниги гьез бакIарун буго 8 млн гъурщидаса цIикIкIун гIарац.
Шигьабудин ХIусейновас бицана бакIарараб гIарацги босун жал цин щванин Туркиялъе. Гьениб Дагъистанияз гара-чIвари гьабун буго батIи-батIиял благотворительныял гIуцIиялгун. Гьел дандчIваязул хIасилалда гьезда ракIалде ккун буго Мисралде Каиралде роржине, гьенир ругел гIуцIцIиялгун дандчIвазе. ГIемерал батIи-батIиял гIуцIиязул данчIваязул хIасилалда къотIи ккун буго гьел гIуцIиязул кумекалдалъун Гъазаялъул гIадамазе дараби ва квен-тIех босизе. Гьединго Шигьабудиница бицана жидее бокьун букIанин Гъазаялде ине, амма гьенире риччазе кканани Россиялъул рахъалдасан гIемерал батIи-батIиял кагътал хIажалъулел ратанин, ва гьединго жеги жегиги гьениб унеб рагъ букIиналъ гIорхъаби къан рукIиналъ жо ккечIин. Дагъистанияз гьабураб кумекалъе тIадегIанаб къиман кбун буго Туркиялъул, Иорданиялъул ва Мисралъул тIалъиялъ.
Гьединго «Инсан» гIуцIиялъул тIалъиялъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеда жегиги ракIалда бугин бажарараб квербакъи гьабизе Палестинаялъе.
ЖамгIияв хIаракатчи – Къебедов ГIабасица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб бугин нилъер гIаданлъиялъул гIаламат. Дунялалда тIад кколел лъугьа-бахъиназул гIемерлъиялъ нилъеца гIинде гьабичIого толеб бугин гьениб бугеб вахIшилъи, амма заман щун бугин ургъизе, пикру гьабизе сундулго.
ГIабас Къебедов:
«Дие цIакъ рекIее гIуна гьеб Дагъистаналъул бусурбабаз кIвар кьун, Гъазаялъул гIадамазе кумек гьаби. Цебе, гьениб рагъ ккедал, Дагъистаналдаса цогияб «Надежда» абураб гIуцIиялъ ва «Солидарность» абураб Москваялда бугеб гIуцIиялъ гьабун букIана кумек Палестинаялъе. Исламалда сверухъ ругел проблемаби кутакалда кIвар бугел ккола. Гьелъ Жакъа дунялалда кколеб жоялъул пикру гьабизе ккола, нилъ хIайваналги гурелъул. Гьеб бичIчIи букIиналъе зарал гьабулеб буго бусурбаби рикь-рикьун рукIиналъ. Амма дагь-дагьккун гьеб бичIчIи нилъер бачIинилан ккола дида.»
Гьединго Къебедовас бицана гIемерисел хIукуматазул тахшагьаразда аза-азар гIадамал къватIире рахъанин Гъазаялда ругел гIадамазул рахъ ккун, ва гьениб кидагоялдаса нахъе бугеб, кIвар кьечIого толеб букIараб вахIшилъи гьанже тIолабго дунялалда бихьун бичIчIулеб бугин.