Ссылки для упрощенного доступа

КигIан гIарац хIажалъулеб Шималияб Кавказ цебетIезабизе


ГIагараб анцIго соналда жаниб Шималияб Кавказалъул федералияб округ цебетIеялъе 320 миллиард гъурущ биччазе бихьизабун буго федералияб бюджеталдаса.

КигIан гIарац хIажалъулеб Шималияб Кавказ цебетIезабизе
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:10 0:00
Загрузить файл

Гьеб гIарац биччалеб буго 2025 соналде щвезегIан Шималияб Кавказ цебетIеялъе бихьизабураб программаялда рекъон. ГIарац харж гьабиялъе аслиял хIужаби кколел руго росдал магIишат цебетIей, социалияб кIваралъул бакIал рай ва цогидаб.

2025 соналда лъагIан Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул цебетIеялъе бихьизабураб программаялъул структура хисизабизе ккун бугин, гьелда гъорлъ ругел хIасил кьоларел бутIаби нахъе рехун, ва кIвар кьезе хIажатазе гIарац цIикIкIинабунин лъазабун букIана цебеккун Шималияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Лев Кузнецовас.

Гьал къояз баянлъана Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул цебетIеялъе бихьизабураб программаялъе тIадеги 120 миллиард гъурущ биччан букIин. Цебеккун гьеб программаялъе бихьизабун букIана бюджеталдасан 200 миллиард гъурущ.

Гьелда тIадеги, 1,4 трлн. гъурущ гIарац, прогнозазда рекъон, инвесторахъанги щвезе кколеб буго. Гьедин лъазабулеб буго «Коммерсантъ» газетаялъ.

Программаялда рекъон биччалеб гIарац цIикIкIин бичIчизабулеб буго гьелъие биччалеб гIарац гIемерлъиялдалъун, ай лъагIа-лъагIалие программаялда рекъон Шималияб Кавказалъул федералияб округалде биччазе бугила 33 миллиард гъурущ.

ГIарац харж гьабизе бугила аслияб куцалда Шималияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб хIалтIи гьечIолъи лъугIизабиялъе, росдал магIишат цебетIеялъе, ва туристикиял ресал рахинариялъе.

Аслияб кIвар хисизабураб федералияб программаялда буссинабун бугила экономикаялъул реалияб сектор цебетIеялдейин абулеб буго экономист Михаил Чернышовас.

Шималияб Кавказалъул республикаби церетIеялъе жакъа бищунго квал-квал гьабулел чагIи ккола хIакимзаби. Гьел цIакъго хираго чIолел ругила хIукуматалъе.

Программаялда рекъон, болжал лъугIилалде къалеб бугила цогидаб федералияб программа: Россиялъул жанубияб рахъалъул цебетIелъе бихьизабураб. Амма цо программа хисун, цогидаб бачIиналъ хIасил кьей щакаб бугила, гьеб гумруялде бахъинабулел чагIи хисулел гьечIонийилан абулеб буго экономикаялъул рахъалъ эксперт Эдуард Уразаевас.

Кидагоги хьулал рукIунила хIакимзабазул инвесторазда, амма Шималияб Кавказалъул республикабазда инвесторазе шартIал чIезарун гьечIила. Гьединго жалго гIадамалги инвестициял бизнес-проектазда гIахьаллъизе хIадурал гьечIила.

Гьес абухъе, Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъиялъ кIвар кьезе ккола росдал магIишат цебетIезабиялъе. Экспертас рикIкIунеб буго, гьеб сфераялда ришватчилъиялъул кIудияб процент бугин ва федералияб бюджеталдаса рачIине ругел цIиял дотацияз батIаго жо хисизе гьечIин коррупциялда дандечIараб хIалтIи гьабичIони.

Уразаевас рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда гIадамазе хайир букIинин гьез жидехъ кодоб бугеб гIарац микроинвестициял гьарун хIалтIизабуни.

ГIарац, мисалалъе, биччазе бегьулила росдал магIишаталда бараб бизнес рагьиялъе. БичIчIулеб бугила нусго-кIинусго гIака бугеб фермаялъ конкуренция гьабулареблъи чIахIиял регионалиял фирмабазе, амма кинаб-букIаниги хайир гьелдаса щолила: хIан гьабун бичун, гьан бичунин баян гьабуна экспертас.

Шималияб Кавказалъул регионазде цIикIкIараб къадар дотациязул унеб букIиналъе гIилла бугила республикаязда бищун цIикIкIараб къадар хIалтIудалъун хьезаричIезул букIин ва рагIдукь бугеб экономика букIин.

Аслияб хIалалъ кинаб босаниги регионалъул бакIалъул бюджет гIуцIараб букIунила ракIарарал магъалабаздаса, Дагъистаналда, масала босанани, ракIаризе кколел магъалабазул дагьаб къадар гурого бакIарулареблъи лъиего балъголъи кколарин бицана экономист Михаил Чернышовас «Эркенлъи» радиоялъе.

Михаил Чернышов: «Регионалда экономикиябгун социалияб хIал лъикIлъун букIин бихьула жанисеб валовый продукталъул къадар бахиналдаса. Гьеб бахун буго республикаялъул тIалиялъул хъвай-хъвагIаязда, магъалабазул, социалияб сфераялда ругел хисиязул бицунеб бугеб жо ккола батIияб иш.

ХIакъикъияб хIал республикаялъул экономикаялда хутIулеб буго негативияб. Экономикаялда бугеб хIал хисизабизе кканани хIажалъула 100 млрд. гъурщидаса дагь гьечIеб гIарац лъагIалие, амма гьеб гIарац гьечIо».

ТIалъиялъул киналго хьулал рукIунила дотацияби риччан бачIарабгIанасебго гIарац инвестирование гьабунги щвезе бугилан, амма инвестициялда иш цIакъго квеш бугин тIаде жубана экономистас. Гьединлъидал инвестированиял гьарун биччан бачIараб гIарцул экономикаялъе квербакъи букIинин ругел хьулал гIададисел ругила.

XS
SM
MD
LG