Ссылки для упрощенного доступа

Лъелго хlежалде


Сагlудиязул Гlарабия -- Кагlбаялда цебе Рузман-как балел бусурбаби, 2011 соналъул 4 билеб ноябрь
Сагlудиязул Гlарабия -- Кагlбаялда цебе Рузман-как балел бусурбаби, 2011 соналъул 4 билеб ноябрь

Моцlгlанасеб заманаялъ цебе таджикистаналдаса анкьго чияс байбихьун буго хlежалъул сапар. Чанго улка къотlун Маккаялде гьез лъелго тезе ккола 4600 километралъул манзил. Гьезда лъалеб букlана гьеб нух бигьаяб гьечlолъи, амма гьезда ракlалдегицин кколеб букlинчlо захlмалъаби хехго гьезда дандчlвазе ругин.

Жидеро мурадалде щвезе ай хlеж борхизе бугеб анищ тун батlияб гьезухъ щибго букlинчlо. Гьанже сапаралда моцl бараб мехалдаги гьезул гьеб анищ дагьабги щулалъун буго.
Гьеб къукъаялъул лидер Ражабов Гlабдулгlазизица Эркенлъи Радиоялъе телефоналдасан бицахъе тlоцересел захlмалъаби гьезда дандчlван руго Таджикистаналъул гlорхъода.

Гьесго абухъе, гьезул рукlун руго Афгъанистаналъул ва Ираналъул визаби, Тегераналде щвараб мехалда сагlудиязул вакиллъиялда виза гьаризе ракlалдаги букlун буго гьезда. Амма таджиказул гlурхъи цlунулез гьезда абун буго сагlудиязул виза гьечlого нужеца улкаялъул гlурхъи бахун лъикl гьечlилан.

Жидеца бухьараб сапаралда дандчlвазе ругел захlмалъабазде жал хlадурал рукlанин ва гьединлъидал жидер цояв Душамбеялде тlадвуссанин гьел визаби гьаризе ва хутlараз хlукму гьабунин гьеб заман пайдаялдаялда хвезабизейин бицана нахъеги Ражабовас.

Гьез байбихьун буго Таджикистаналъул жанубияб рахъалда ругел росабалъе щвезе гьенир ругел тlабигlиял рукlа, архитектуриял рукlана берцинлъабазухъ балагьизе. Гьел цо-цояз сордо базе рокъореги рачунел рукlун руго, гlалхуда сордо бараб мехги кколеб букlун буго.

Амма гьезул лъугьа-бахъиназе квешаб асар ккун буго Сагlудиязул вакиллъиялъ визаги кьечlого чапар тlад вуссараб мехалда.
Гьедингоги дагьаб букlараб гlарац улкаялъул гlурхъи бахиналде лъугlараб мехалда гьез хlукму гьабун буго гlурхъи цlунулез бицунелъухъ гlенеккичlого ай сагlудиязул виза гьечlого Афгъанистаналде ине.

Ражабов Гlабдулгlазиз: «Нижер щивасухъ гьанже хутlун буго l50гlан доллар. Гьеб гlарацги лъугlараб мехалда нижеца щвараб хlалтlи гьабизе буго сапар халат бахъаинабизе гlарац букlинею».

Гlабдулгlазизил рагlабазда рекъон, Тегераналде щвараб мехалда, байбихьуда ракlалда букlахъе, сагlудиязул виза гьаризеги ракlалда буго гьезда.

Ахирисеб нухалда Эркенлъи Радиоялъулгун бухьен гьабураб 7 июналда гьел рукlана Афгъанистаналъул Шерхан-Бандар абулеб шагьаралда ва жидеца къаде щиб кваназе бугебали гьезда лъалеб букlинчlо.

Лъелго жидеца хlежалде бухьараб сапар цlакъ интересаб букlанин ва жакъаги гьеб ракlалде щвараб мехалда жиндие лъикlаб асар кколин бицана ЭР-лъе 1l994 соналда лъелго хlеж борхарав дагъистанияв Хlажимурад Доногъоца.

Доб мехалда визаби щвеялъе квал-квалал рукlинчlин, гlицlго Сагlудияз гьикъанин нужее гьеб щибизеян. Хlежалде унел ругилан абидал, жеги ригьалдаго бугин, жидеца гьел визаби жеги кьолел гьечlин абун буго гьезда. Хадуб, жал лъелго унел рукlин бичlчlизабураб мехалда, тlадкlалъай гьечlого гьебги кьунин жалги нухаре рахъанин бицана Доногъоца.

Дагъистаналдаса микьго чиясдасан гlуцlараб къукъаялъ хlежалде нух босун буго гьелъул заман щвезе лъабго моцl букlаго. Советияб Союз биххун гlемераб заман иналде батlи-батlиял улкабаздасан лъелго ине рес щвеялдасаги роххун рукlанин жалин бицана гьес.

Хlажимурад Доногъо: «Нижеца нух босана цин Хасавюрталъул рахъалде, хадуб ана Чачаналде, гьенисан Чlегlер ралъдал рагlалде Сочиялде, гьенир ниж рекlана бурамалда ва щвана туркиялъул Трабзон шагьаралде.

Хадубги ккун цебе картагун халат бахъинабуна нижерго сапар. Кире ниж щваниги нижеда дандчlвалел рукlана ракl рагьарал гlадамал. Туркиялда, Шамалда, Иорданиялда ва Сагlудиязул Гlарабиялда киса-кибего букlана лъикlаб дандчlвай ва нахъе хутlана гвангъарал ракlалдещвеял».

Доногъол рагlабазда рекъон петеразда сордо бачlониги ва цадахъ чадирал рукlинчlониги нухлулаз къватlиб цониги сордо бан гьечlо лъабго моцlалда жаниб.

Кире щванги гьезие бакlалъул гlадамаз гьоболлъиги гьабулеб букlун буго, гьедин рес рекъечlони бакl-бакlазда мажгитаздаги рогьунеб букlун буго гьез сордо.

Хlатlал унтунги, пинкъал рахъунги, сваканги рукlаниги жидеда гьел захlмалъаби гьединаллъун рихьулел рукlинчlин, гьеб киналъго жидер ракlазулъ ислам дагьабги щула гьабулеб букlанин бицана Доногъоца.

Хlажимурад Доногъо: «Маххул пардав бортун хадуб Туркия, Иордания, Шамгlадал бусурбабазул улкабаздасан унаго ниж ункъго-щуго къоялъ чlолел рукlана Дамаскгlадал цо-цо шагьаразда.

Нижее кlудияб асар гьабулеб букlана цере суратазда гурони рихьичlел шагьаразги, гьенир рукlарал мажгитазги, цогидалъги. Гьеб киналъго нижер иман дагьабги щула гьабулеб букlиналда дир ракlчlарабги буго».

Цоги лъелго хlежалде инаанищ мунан гьикъидал Хlажимурадица бицана цере хlежалде лъелго яги чуялгун вараниязда унаанин гьанжегlадаб транспорт букlинчlолъиялъ.

Хlеж борхи ругони, цоги улкабазде щвезе мурад гьечlев чи аэропланалда Маккаялде воржиналъулъ щибго квешаб жо бихьулеб гьечlо Доногъода. Живго гьениве лъелго щвеялъулъги кинаб букlанги гlадатияб гуреб жо гьесда бихьулеб гьечlо.
XS
SM
MD
LG