Рищиязул централияб комиссиялъ, бюллетеназул 90 процент хIисабалде босун гьабураб хасилалда рекъон, «Гуржиязул анищ» абураб ва гьабсагIат хIакимлъуда бугеб партиялъул рахъалъан улкаялъул президентасул рищиязда кандидат хIисабалда гIахьаллъулев Георгий Маргвелашвилие щолеб буго гьаркьазул цIикIкIараб къадар. Ай гIага-шагарго 62 процент.
«Цолъараб миллияб багъа-бачари» абулеб оппозиционияб гIуцIиялъул рахъалъан кандидат Давид Бакрадзие щолеб буго 22-гIан процент. «Цолъараб Гуржистан» абулеб демократиялъулаб багъа-бачариялъул рахъалъан кандидат Нино Бурджанадзее квер бакъи гьабуна рищарухъабазул анцIгогIан проценталъ.
ТIоцебесеб туралда бергьенлъи щвезелъун хIажатаб буго 50 процентгун цо гьаракь. Давид Бакрадзеца Георгий Маргвелашвилида бергьенлъи баркун, лъазабуна, оппозициялъул цевехъан хIисабалда жив хIадурав вугин цIияв президентгун ва хIукуматгун цадахъ рекъон хIалтIизе.
Амма Нино Бурджанадзе разияй гьечIо рищиял унеб куцалда. Гьелъул штабалъ Маргвелашвилиде ва Бакрадзеде гIунтIизабуна хIилла-макру гьабизе къасд гьаби.
Рищиязул Централияб комиссиялъ гьеб гIайиб нахъ чIвалеб буго.
Георгий Маргвелашвилица гIамал гьабулеб буго Цолъарал Штатазулгун ва Евроцолъиялъулгун бухьенал щулалъизаризе, гьев Абхазиялъул ва Жанубияб Гьириялъул лъидаго бачIеблъиялде данде чIолев политиклъун рикIкIула.
Цого мехалъ гьесие бокьилаан Россиягун бугеб гьоркьобакI лъикIлъизабизе.
Экспертазул ва мухбирзабазул пикруялда хасго нухмалъи гьабизе буго исана ноябрпь моцIалда Вильнюсалда букIине бугеб саммиталда гуржиязул делегациялъе.
Гуржиязул президентасул рищиязул официалияб хIасил лъазабун хадуб улкаялда хIалтIизе буго конституциялъул цIияб редакция. Гьелда рекъон Гуржистан букIине буго парламентияб республикалъун. Ай – тIолго квершел премьер-министр Бидзина Иванишвилие швезе буго.
Гьес лъазабуна кватIичIого жинца хъулухъ тезе бугин ва жиндирго ирсилавасул цIар загьирабизе бугин.
Гуржистаналъул Конституциялда рекъон лъабабилеб нухалъ тIатIала Саакашвилие гьукъараб буго президентасул рищиязда гIахьаллъизе.
Хасго гьеб сабаблъун гьес гIамал гьабуна улка парламентияб республикалъун гьабизе, амма арал парламентиял рищиязда Бидзина Иванашвилица нухмалъи гьабулеб Гуржиязул анищилан партия бергьун, Саакашвил рес къотIараб хIалалда хутIана. Тибилисиялъул пачалихъияб Университеталъул социологиялъул кафедраялъул бетIер Яго Качкачишвилица гьадин абулеб буго:
Яго Качкачишвили: «Гьел рищияздаса нахъе нижер улкаялда букIине буго политикиял къуватазул тIубанго батIияб дизайн. Гьенив вукIине вуго дагьал ихтиярал ругев президент. Гьадинаб буго цIияб конституционияб низам».
ГIаммаб къадаралда рищиязда гIахьаллъана 23 кандидат. Гьезул гIемерисел гьедегIан цIар арал политикал гуро.
ГIумрудул 44 сон барав Георгий Маргвелашвили цеве хIалтIулаан лъай кьеялъул министрлъун, ЖамгIиял бухьеназул суалазул рахъалъан Гуржистаналъул университеталъул ректорлъун, гьесда абулеб буго гьев вугин гьунар тIокIав философ ва лъикIав гIуцIарухъан. Гьале гьадинаб къимат кьолеб буго гьесие Яго Качкачишвилица:
Яго Качкачишвили: «Гьесул руго унго-унгоял гьунарал гьаб хъулухъалда лъикIалан хIалтIизе ресал кьолел. Гьев вуго гIатIидаб лъай бугев, лъикIаб хасияталъул инсан.
Гьев вукIинчIо политиклъун. Цониги политикияб партиялда хурхенги гьечIо гьесул.
Гьединлъидал, дида ккола, гьев гьел политикиял хIаязда гIахьаллъизе гьечIин».