Совет Союзалде гъорлъе унеб букIараб Гружиялда кIиго граммалдаса цIикIкIун марихуана кодоб батарав чи лъагIалица жанив тIамула ва гьесда тIад гIакIа къотIула. Гьесие гьединго къотIизе рес буго лъабго моцIалъ жамгIиял хIалтIаби гьари абураб тамихIги.
Гьел кьварарал къанунал рахъун рукIана 2006 соналда президент Михаил Саакашвили къуваталда вугев мехалда. Гьанже Гуржиялда бугеб цIияб нухмалъиялъул коалициялъ ва премьер-министр Бидзина Иванишвилица хал гьабулеб буго гьеб суалалдехун бербалагьи дагьабго тамах гьабиялъе ругел ресазул. РакIалде кколеб буго цIияб къануналъул проект парламенталде битIизе бугин гьаб моцIалъул ахиралдейин.
Гуржиязул захIматалъул, социалияб цебетIеялъул ва сахлъи цIуниялъул министр Давид Сергеенкоца абуна араб анкьалда наркотикал тIиритIизариялде данде къанунал цIакъго кьваризаруни гьезул «рикошеталъул эффект» букIине рес бугин ва наркотикал тIиритIизариялъул балъгоял ресал цIикIкIине ругин.
Нухмалъиялъул коалициялдаса депутат Коба Давиташвилица рикIкIунеб буго марихуана бухьулезе туснахъалъул болжал кIудиял гIакIабадалъун хисани лъикIаб букIинин.
Тбилисиялдаса наркоманал сах гьарулев тохтур Давид Отвиашвилил пикруялда марихуанаялъе легализация гьабичIого рорчIизе рес гьечIо.
Давид Отвиашвили: « Дида ккола цо кида букIаниги гьеб процесс халкъаздагьоркьосеб нормалъун ккезе бугин ва гьеб мехалда Гуржияги гьеб тенденциялде данде ккезе кколин».
Наркоманиялъул цIех-рех гьабулеб пачалихъияб гуреб «Гуржиялъул альтернатива» централъе нухмалъи гьабулев Отвиашвилил пикруялда махируана батаралъухъ туснахъалъур тIамулел къанун ТамихI гьабиялъул кодексалдаса нахъе рехизе бицунеб гьеб къануналъул проект парламенталда цебе лъезе буго маялъул ахиралда.
Гьанже бугеб къануналда гьарулел кинал рукIаниги хиса-басиял хурхарал рукIине кколин наркоманазул къадар дагь гьабиялдайин рикIкIунеб буго тохтурас.
Давид Отвиашвили: «ГIемерал соназ тIатIала Гуржиялъ кьварараб рагъ гьабулеб букIана наркотикал тIиритIизарулезде, ричулезде ва гьел росулезде данде. Гьеб хIалтIуца нилъее кьуна кIиго хIасил. Цо бугони, наркоманал къватIахъа тIагIана. ЖамгIияталъул цо бутIаялъ гьелда гIейги гьабулеб буго. Цоги рахъалъан, гьеб проблемаялъул кьалбал я гьитIинлъичIо я тIагIинчIо. Аза-азар чи тIамуна туснахъалъув. ГIемер руго кквезе щвечIел ва балъго жидер иш халат бахъинабулелги».
Гьанже бугеб къанун хисизабиялде ахIулезги кIвар кьолеб буго гьеб цIакъ цIодорго хисизабизе ккеялде. Парламенталъул сахлъи цIуниялъул рахъалъ комитеталъул нухмалъулей Гугули Маградзел пикруялда марихуана батаралъухъ гIадамазда тIад къотIулел гIакIаби ине ккола наркоманал сах гьариялъул ишалде.
Психикияб сахлъиялъул ва наркоманиялъул профилактика гьабиялъул рахъалъ Тбилисиялда бугеб централъул генералияв директор Ираклий Гемкрелидзеца абулеб буго гьанже бугеб къануналда кинал рукIаниги хиса-басиял гьариялъ гIадамазе мекъаб сигнал кьезе бегьуларин.
Ираклий Гемкрелидзе: «Марихуана бухIи тамихIалде цIазе кколеб такъсир бугин рикIкIине битIараб букIинаро, амма гьебго заманалда гьеб бухIи лъикIаб ва кинабгIаги зарал гьечIеб ишлъунги рикIкIине бегьуларо».
Гуржиялда киналго гурел разиял ругеб бицен гьабулеб къанун тамах гьабулеб букIиналда.
Имеретиялда гIемер йикIуней Тбилисиялдаса гIаданалъ абуна Эркенлъи Радиоялъе хIукуматалъ гьеб къанун хисизабизе бегьуларин.
Тбилисиялдаса гIадан: «Марихуанаялъе декриминализация гьабизе гьезда ракIалда батаниги, дида ккола гьеб рахъалъ къвари цIунизе кколин. Имеретиялъул мугIурузул мухъазда гIемераб бижуна гьеб габани. Ахирисеб кIиго соналда жаниб, риидал дида бихьулаан къануналъукьа хIинкъун гьеб бухIулеб гьечIолъи. Гьанже къануналъ толеб бугони, дица ракI чIун абила, Имеретиялда гьеб щибав чияс бухIизе бугин».
Окропир Рухадзе ва Рон Синовици