Дагъистаналда «Экспресс» банк къазе бугилан ахIи-хIур бахъун букIана араб соналъул декабралдаго, амма доб мехалъ гьеб информация мухIканлъичIо. Гьал къоязда цIияб ахIи-хIур бахъун буго банкалда сверухъ. Официалияб сайталда лъураб лъазабиялда рекъон, Россиялъул централияб банкалъ гьукъун буго «Экспресс» банкалъе хIалтIизе ва гьабсагIаталда гIемерисел офисал хIалтIулел гьечIо, официалияб номералъги жаваб кьолеб гьечIо. Сайталда кьураб информациялда рекъон, нагагьлъун банкалъе лицензия кьечIони, банкалда гIарац лъурал гIадамазе бецIизе буго 700 азаргоялдаса гъоркье бугеб гIарац. Къануналда рекъон гьеб цIунун буго ва банкалда кIвечIони, страховияб компаниялъ бецIизе тIаде босулаян лъазабулеб буго «Риа Дагестан» сайталъ.
Рехсараб банкалъ 140 азаргоялдаса цIикIкIун банкалъул картаялъе хъулухъ гьабулеб букIун буго, 500 батIи-батIияб идараялд гьеб банкалдасан кьолел рукIун руго харжал, гьезда жанир Дагъистаналъул Президентасул администрациялъу
Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул экономическияб факультеталъул мугIалим, банкалъулгун суалалазул специалист МухIудинова Динараца «Эркенлъи» радиоялъе бицана, гьабсагIаталда «Экспресс» банкалда сверухъ унеб ахIи-хIуралъ бицунеб бугин кватIичIого гьеб банк къазе бугилан ва жиб банкоротлъун лъазабизе бугин.
МухIудинова Динара: «Банкалъ нагагьлъун жал банкроталде кканин лъазабуни, гьениб гIарац лъурал гIадамазда жидерго гIарац нахъе бахъизе кIунгутIизе рес буго. БичIчIулеб гьечIо щай гьаб чанго моцIалъ ахIи-хIур бугеб «Экспресс» банкалда сверухъ. Банкротлъун жалго лъазаризе бегьула банкалъ гуреб, бокьараб кIудияб юридическияб идараялъ. Руго хасал документал гьез рихьизаризе кколел, гьелда рекъон лъазабула банкрот. Я пачалихъалъ, я цоги идарабаз гьезие кумек гьабизе ялъуни тамихIалде цIазе кIоларо гьел документал рихьизарун хадур. ГIадамазухъе гIарац тIад буссинабулаго, цо хасаб къадар гурони нахъе кьезе гьезда тIадаблъун гьабуларо къануналъ. Гьаб къагIидаялъ иш унеб бугони, гIага-шагарго цо бащдаб соналдаса гьеб банк къазе буго. ГIемерисеб мехалъ гьединал ишаздаса байбихьула: Централияб банкалъ кинал ругониги операциял гьукъула банкалъе, цо-цо счетал къала, лъазабула банкалда гIураб къадаралъ кьезе гIарац гьечIин ялъуни цоги багьанаби ургъула».
«Черновик» газеталъ цебеккун лъазабун букIана, «Экспресс» банкалда магъало бакIарулел идарабазул ва ихтиярал цIунулел идарабаз ахираб заманалда гIемер халгьабиял гьарулел рукIанин, амма гьезда щибниги такъсир батичIин банкалъул хIалтIулъ. Россиялъул централияб банкалъ гьукъун буго «Экспресс» банкалъе гIадамазухъе гIарац кьезе. Банкалъул нухмалъулез лъазабулеб буго информалатазда, гьединаб хIукму Централияб банкалъ къотIун бугин «Экспресс» банкалъул нухмалъулездаги лъазабичIого.
Жибго Централияб банкалъги жидерго хIукму официалияб къагIидаялъ тасдикъ гьабулеб гьечIо ва «Экспресс» банкалда хурхун щибниги баян кьолеб гьечIо. ГIагараб заманалда гьединаб баян щвезе буго. «Экспресс» банкалда цIунун букIараб гIарац гIадамазухъе нахъ буссинабизе буго цоги республикаялда бугеб банкалъ. ГIага-шагарго гьеб букIине буго «Сбербанк» ялъуни «Россельхозбанк» абун лъазабулеб буго «Лента.ру» сайталъ. Гьез лъазабухъе, январалъул байбихьуда «Экспресс» банкалда гIадамаз цIунулеб гIарцул къадар букIана 5 миллиард ва 600 млн гъуруш гIарац.
Централияб банкалъ цоги банкалъул хIалтIи гьукъизе ккани букIин ккола чанго батIияб гIилла, амма гьеб киналдаго хурхун цебеккун лъазабизе ккола банкалъул нухмалъулезда ва чанцIулго бичIчIизабизе ккола гIунгутIабиян бицунеб буго МухIудинова Динараца. Гьелъул пикруялда рекъон, гIунгутIаби ругеб ва банкроталде ккезе бегьулеб банк гIемерисеб мехалъ цоги къуватаб банкалъ жидеего босула. Гьаб сагIат «Экспресс» банкалда сверухъ унеб ахIи-хIуралъ бихьизабулеб буго Централияб банкалда ругел хасал къуватазе банк къазабизе бокьун букIин абун тIадеги жубалеб буго гьелъ.
Цо-цо экспертазул ва республикаялъул информалатазул лъазабиязда рекъон, гьеб букIине бегьула политикияб гали. «Экспресс» банк рикIкIуна Дагъистаналдаса Россиялъул Парламенталъул тIасияб палатаялъул вице-спикер ГIумаханов Илясил банклъун. Централияб банкалда асар гьабизе кIолел, Дагъистаналдаса гьесул политикиял дандиял рукIине бегьулилан бицунеб буго «Черновик» газеталъ.