Аслияб къагlидаялда Страсбургалде гΙарзаби хъвалел руго Шималияб Кавказалдаса. «Астреаялъул» юридикияй директор Анастасия Кушлейкол рагΙабазда рекъон, Шималияб Кавказалда бищунго хΙалуцараб хΙал Дагъистаналда бугониги, Евродиваналде гьениса ритІулел гΙарзаби гІезегlан дагьал руго чачаналъа ритІулезде дандеккун. Гьелъие ругел гІиллабазул цояблъун Кушлейкода бихьулеб буго гІадамал хІинкъизарун рукlин.
Сонгун бащдалъ халат бахъунеб история- Гъизилюрт шагьаралда бухІун буго автотранспорталъул идараялъул инженер ГІабдулаев МахІамадил рукъ. Камуфляж ретІарав нусгогІан чияс сверун ккун буго мадугьал Атаев Русланил азбар. Хасаб операциялъул тадбиразда хадуб цІа рекІун буго аскІосеб щуго, гьездаго гъорлъ ГІабдулаевасул рукъалдаги. Гьесул рагІабазда рекъон, Атаев тІагІинавун хадубги "силовиказ" рес кьун гьечІо цІа синабулезе жидерго хІалтІи гьабизе. РухІун руго киналго минаби, кинабго къайи-цІа. МахІамадица рукъ бан гІемер заман бан букІун гьечІо.
Амма бищунго тамашалъизабулеб хІакъикъат загьирлъанила хадуб, жив махІрумлъараб минаялъухъ ва цогидаб буголъиялъухъ компенсация пачалихъалдасан тІалаб гьабизе байбихьун хадубила, бицана ГІабдулаевас. Гьес абулеб буго, жив щвечІел дагъиситаналъулги федералиялги идараби хутІун ратиларилан. Москваялдеги МахІачхъалаялдеги хъварал къагътазулги риккен лъаларила. Жиндир хитІабазде кьолел жавабаз жив цІакъ гІажаиблъизавунила, хасго гьез жиндие компенсация кьеялъе багьана гьечІилан жаваб кьураб мехалда. ТІоцебе Гъизильюрталъул мухъалъул прокуратураялдасан бачІун буго жаваб, нухмалъиялъул идарабазда бихьулеб гьечІин гьесие коспенсация кьеялъе къанунияб багьанайила хъвараб жаваб, хадуб Федералияб хасаб хъулухъалъ нахъ чІван буго гьениб хасаб операция тІобитІиялъул жибго хІужацин. ФСБялде хитІаб гьабун букІун буго, Дагъситаналъул гІорхъолъан рорчІарал ахІвал-хІалалъул министрелъиялъ, жинца ккараб зарал бецІизе бугин, рехсараб къоялда ва бакІалда хасаб операция тІобитІи бихьизабулеб ФСБ-ялдасан документ жидехъе щвезабуниян, гьесда лъазабун хадуб.
ГІабдулаевасул бербалагьиялда, гьес абухъего, гІинкъабги, беццабги, гьерсазулъ къарабги, низам цІунулебин абизецин данде кколареб системаялъул хІалтІухъабазда жидеего пайдаяллъун рихьулел руго гьел хасал операцияби. Гьелъие аргументал рачунаго, гьес абулеб буго жидер рукъазда кьвагьдеялъе гІоло гурин цІа рекІараб, гьезда хасаб операция тІобитІулез ургъунго цІа лъунин.
ГІабдулаев МахІамадица абулеб буго, жиндир ракІ буссун бугила республикаялъулги, жибго улкаялъулги идарабазул хъулухъчагІаздасанги ва гьединаб тІасса-масабго хІалтІи гьабулеб системаялдасангийила. Гьев хІадурулев вуго Европаялъул инсанасул ихтиярал цІунулеб диваналде (ЕСПЧ) хитІаб кьезе.
Кинаб бугеб нужехъе Дагъистаналдаса бачΙараб ахирисеб гΙарза? Гьелда хурхун хΙалтΙи унеб батани, божулищ мун гьеб кьурал гΙадамалги нужги мурадалде щвезе рукΙиналда? Гьадинал суалал кьуна нижеца «Правовая Инициатива» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб идараялъул Москваялда партнер «Астреа» гΙуцΙиялъул юридикияй директор Анастасия Кушлейкое.
Анастасия Кушлейко: "Дагъистаналдаса нижехъе ахирисеб хитΙаб букΙана февралада. Гьеб хурхараб буго МахΙачхъалаялда кΙиго вас киве ккаравали лъачΙого тΙагΙиналда. Гьел рикъун руго къад, киназулго берзуда цере, базаралда аскΙор. Дида ккола гьеб ишалда икъбал щвезе бугин. Европаялъул инсанасул ихтияразул диваналде гΙарза кьезе гьезул гΙагаразе кумек гьабулаго, нижеца хΙалтΙизабуна хасаб къагΙида. Гьезулалда релъарал лъугьа-бахъинал загьирлъаралго гΙарзаби ритΙани, гьеб диваналъ гьел къабул гьарула киналгΙаги тΙокΙал ишал тΙалаб гьаричΙого. Гьелъие къваригΙунаро улкаялда диваналъул киналго инстанциябазул хукΙмаби. ГΙадатияб къагΙидаялда Европаялъул диваналде хитΙаб гьабизе бегьуларо Россиялда диваналъул системаялъул киналго даражаби нахъ тун хадубгурони.»
Кушлейкоца рехсарал гІолохъаби ккола вацгІалзаби - 24 сон гІелалъул Сиражудин ва ГъазимахІамад ГІалиевал. ТІоцевесесул эмен Низамудиница нижер программаялъе комментариял гьарулаго абуна, жиндир къварилъи бичІунев хъулухъчи кивниги жиндие ватичІила.
ГІалиев Низамудин: "Щиб, гьев рохьовейищ аравин гьикъула. Мугъзал гьодалде хІал ккун, щуго минуталъ вахъун чІезе я гІодовчІезе кІоларев вас вуго гьев. Кинаб рохь букІунеб! Цинги, тохтурзабаз кьурал кагъталги ругеб мехалда, гьедигІан цІакъ гІад-хочІ гьаризе, инжит гьаризейищ кколел?"
Къуватиял идарабаз гьеб ишалда хурхун гьабулеб хІалтІи жинда тасса-массаблъун бухьулин, абулеб буго ГІалиевас.
ГІалиев Низамудин: "Такъсирияб ишги цІехх-реххги гьабун буго тІасса-массаго, гьел ралагьулел рукІин бихьизабиялъе. Кинабго киназдаго лъала. Бокьарас бокьараб гьабулеб буго. Амма киналго руго бадиб хьухь баралгІадин. Гьедин буго иш. Гьезда тІокІаб жо гьабизеги бажаруларо."
Европаялъул инсанасул ихтиярал цІунулеб диваналде гІарза хІадур гьабун битІизе кумек гьабун буго "Астреаялъул" юридикия директор Анастасия Кушлейкоца.
ЭР: Аналитиказул къиматалда жакъа Чачаналъ гΙуралъ гΙодобе биччараб ахΙвал-хΙал буго. Дагъистаналда гΙагсалда тΙокΙал чΙечΙого кьвагьи-гΙанхъиял, тΙадекΙанцΙиял, гΙадамал рикъи, гьезие гΙазаб кьей ва цогидал лъугьа-бахъинал загьирлъулел рукΙуна. Гьелде балагьун бегьулищ жакъа Европаялъул инсанасул ихтияразул диваналде хитΙабал республикаялдасан гΙемерлъун ругин абизе? Кинаб хасияталъул рукΙунел аслияб къагΙидаялда гьединазул гΙарзаби?
Анастасия Кушлейко: "Нижехъе хитΙабал гьарула гΙемер. Аслияб къагΙидаялда гьел хурхарал рукΙуна хΙал гьабун рачун ун, хадур кире ккаралали лъачΙого тΙагΙиналда, ккураб мехалъ гΙазаб кьеялда, къокъго абуни, арест гьабулеб мехалдаги арест гьабун хадубги зулму гьабиялда.
ГΙарзабазул киналго гурел щолел Европаялъул диваналде. Сунда бараб гьеб бугеб? Нагагьлъун низам цΙунулел идарабаз ккурал эркен гьарулел ругони, гΙадамаз жидерго гΙарзаби нахъе росулел руго нижехъа яги байбихьарал процедураби гьоркьор къотΙизарулел руго. Щай? Щайгурелъул хΙинкъи хутΙулеб буго жидерго гΙага-божаразул гΙумруялда хурхун. Гьедин гΙемер гΙарзаби хутΙула Европаялъул диваналде щвечΙого. Гьединабго хΙакъикъат буго гΙадамал кире ккаралил лъачΙого тΙагиΙналда банги.
Нижеца чанги балагьалде ккаразул гΙарзабазда рекъон байбихьулеб буго хΙалтΙи. ГΙагаразде тΙадецуй гьабулеб буго. Гьез нижехъа нахъе росулел руго документал. Проблемаби рагΙалде рахъун рукΙиналъгуреб, гьезие хΙинкъиял кьун, тΙадецуй гьабулеб букΙиналъ. ГΙарзаби цΙакъ гΙемер руго, амма хΙассил гьитΙинаб буго. ЦΙакъ хΙалуцараб ахΙвал-хΙал букΙаниги, Дагъистаналдасан Европаялъул диваналде щолел гΙарзабазул къадар гьитΙинаб буго.»
«ГІумаров ва партенарал» абураб адвокатазул коллегиялъул бетІер ГІумаров Адильгерейица абулеб буго, хІинкъи кьолеб бугин абуралъни гьеб рахъалъан Дагъситаналда бугеб хІакъикъат тІубанго бихьизецин гьабуларин.
ГІумаров Адильгерей: «ХІинкъизарунни щиб, гІарза хъваницин росун жанире рехулел руго, гІазаб кьолеб буго, чІвалел руго. ХІинкъизарулел руго, тІадецуй гьабулеб буго, низам цІунулел идарабазе, цебе доб кулакал тагІинариялъе кьолеб букІарабгІадаб, план кьурабгІадин. Зама-заманалдасан жидецаго ракьулъ гаранатаби яги цогидаб ярагъ букъунцин гьединал жал гьарулел руго гьез. БакІалъулав полициялъулас кьолеб буго диваналде информация, гьав пуланав чиясул жидехъ регистрация гьабун буго вагьабияв хІисабалдайила. Гьединаб къимат кьей гьеб щиб кколеб? Гьелъищ бихьизабулеб чиясул кинабго хасият ва хьвада чІвади! Амма Европаялъул диваналде гІарзаби хъвачІого чІолел руго хІинкъизариялъе гІоло гуребги, лъаларагоги. ГІадамазда берцинго лъалел гьечІо жидерго ихтиярал. Лъалеб гьечІо кибе хитІаб гьабизе колебали. ГІемерисел кватІулел руго гьел хитІабал гьаризе.»
ГІумаровас абулеб буго, гьезул клиентални щиб, жалго адвокатаз жидедаго гьабулеб тІадецуялъе гІолоцин Евродиваналде хитІаб гьабизе ккезарулел ругин. Гьединабго галиялде ккун йиго машгьурай адвокат МахІамадова Сапиятги. Гьелъул рагІабазда гьелъие щибаб къойилгогІадин хІинкъиял кьолел руго. Гьелъги абулеб буго республикаялда ритІухълъи балагьизе хІалбихьулезе чваялъулцин хІинкъи бугилан.
МахІамадова Сапият: "Дагьалъ цеве чІвана сонал ругев чи. Гьес хІалбихьулеб букІана ритІухълъи балагьизе, хасаб операция унеб мехалда 20І0 соналда щибниги гІайиб гьечІел васги васасул вацгІалги чІван хадуб. Гьев нижехъе вачІун вукІана гІарзагун. Нижеца гьесие кумек гьабуна хитІаб хІадур гьабизе. Гьес ахІулел рукІинчІо Россиялде данде рагъ гьабиялде. Гьес тІалаб гьабулеб жо букІана ритІухълъи. Щибха цинги? Ахирисел харбал цІалулеб мехалда дие батулеб буго информация, Гъумторхъала мухъалда машинаялдасан жанисан къватІивеги вахъун ясалъул берда цеве комуфляж ретІарав лъабго чияс гьев чІван вугилан абураб информация."
ЭР: - Логикаялда рекъон, Дагъистаналда бугеб ахΙва-хΙалалде балагьун, унгоги жакъа гьенисан рукΙине кколаан Евродиваналде кьолел гΙарзабазул аслияб къадар. Амма дуца абулеб буго, бищунго гΙемер хитΙабал чачаналъа ругин. ГΙадамазде тΙадецуй гьабулеб букΙингуреб, цогидаб багьана бугиш гьелъие, дур пикруялда?
Анастасия Кушлейко: «У, дир къиматалдаги, Дагъистаналда жакъа чачан республикаялде дандеккун, гΙуралъ хΙалуцараб буго ахΙвал-хΙал. Амма чачаналъан гΙарзаби гΙемерал рукΙин жакъасеб ахΙвал-хΙалалда хурхараб гуро. Гьел гΙарзаби руго аслияб къагΙидаялда хурхарал чачаназул кΙиабилеб рагъалъул мехалда лъугьа-бахъунеб букΙаралда. Бищунго гΙемер гΙарзаби рукΙана 2000-2002 соназ кьурал. Гьелда хадуб хехаб къагΙидаялда дагьлъизе байбихьана гьенисан гΙарзаби.»
Европраялъул диваналъул хΙукмуялда рекъон Россиялъ букΙине кколеб къагΙидаялда моралиябгун материалияб компенсация кьолеб буго гІадамзе. Кушлейкоца абулеб буго, гьеб кколарила россиялъул тІадтарал инсанасул ихтиярал цΙуниялъул рахъалъан гΙемер проблемаби рукΙиналъе мукΙурлъулел ругин абураб жо.
Анастасия Кушлейко: "Узухъда, Европаялъул диваналъул хΙукмаби хурхарал гьечΙо гΙицΙго гΙарац бахъиялда. Гьелъ къотΙараб хΙукмуялъул кΙабилеб бутΙа хурхараб букΙуна , такрар гьабила, цΙех-рех миллияб даражаялда халат бихъинабиялда. Гьеб бугоха дурусго Россиялъ жакъа кΙвар кьечΙого толеб рахъ, дицани жубала, кинабгΙаги кΙвар абун. Гьединаб рагΙалде рахъинарурал ишал риккине бегьула квералъул килщал риккун. Россиялъ систематикияб къагΙидаялда кьолеб букΙуна компенсация, амма систематикияб къагΙидаялдаго инсанасул ихтиярал хвезарулел рукΙиналда мукΙурлъуларо гьеб. Гьеб гуришха унго-унгояб балагь кколеб!"