Мансура шагьаралда талат къоялда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго 14 ва лъукъун вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи.
Гьебго заманаялда Вацал-бусурбабаз гьабураб лъазабиялда кьварун какулеб букIана жибго гьеб терактги ва гьеб гьабуралги.
Мансура шагьаралда кьвагьи ккараб бакIалде щун хадув Мисралъул жанисел ишазул министр МухIамад Ибрагьимица абуна жидеца жавабчилъиялде цIазе ругин Мисралъул пахаралъи хвезабизе къваригIарал «терроралъул бецIал къуваталин».
МухIамад Ибрагьим: «Сон нижеца ккуна ункъго чи. Гьезул цо-цоял гьединал инцидентазда гIахьаллъиялъе гьанжеялде мукIурлъун руго ва гьезда лъала жидеда данде тадбирал нижеца байбихьун рукIин. Гьел киналго инцидентал руго диверсиял ва 2014 соналъул январалда букIине бугеб референдумалда цебе халкъалъе парахалъи теларин гьарулел ишал.
Дие бокьун буго халкъ парахалъиялде ва сабруялде ахIизе. Низам цIунулел идарабаз гьабулеб буго гьезул парахалъи ва рищиязул бутIаби цIунизе хIалтIи. Аллагьас хъван батани, гьеб къо ракълида ина».
Июлалда президент МухIамад Мурси хъулухъалдаса рехун хадуб Вацал-бусурбаби багъа-башариялда гьарулел руго низам цIунулел къуватазе гьужумал гьариялъул гIайибал.
Мансур шагьаралдаги бакIалъул гIадамаз ккаралъул гIайиб гьезда гьабулеб буго.
Шаймаа абулей гIаданалъ Вацал-бусурбаби багъа-башари ахIулеб буго улкаялда гьабулеб зулму чIезабизе.
Шаймаа: «ГIадамал чIвайги, рукъзал рихизариги-гьеб кинабго Аллагьасде данде бугеб жо буго. Анкь цебе гьанив чIван вукIана расги гIайиб гьечIев гIолохъанчи-таксист. Киналго депрессиялда руго, лъидаго кьижизе кIолеб гьечIо. Нижеее къваригIараб жого буго гьаниб хIинкъигьечIолъи букIинаби. Аллагьасде данде гьабулеб жо буго гьеб, гьеб Ислам гуро. Гьедин балагьуларо ритIухълъи».
Вацал-бусурбаби абулеб халкъаздагьоркьосеб диниябгун-политикияб ассоциация гIуцIун букIана 1928 соналъул марталда ХIасан аль-Банна абулев чияс Мисралъул ИсмагIилиялда. 1933 соналда гьеб идараялъул аслияб офис гочинабун букIана Каиралде. 1949 соналда аль-Банна хун хадуб гьелъие нухмалъи гьабуна литератор СагIид аль-КъутIбаца. Гьев гъанкъун вукIана 1966 соналда. Гьеб ассоциациялъул бутIаби рукIана Шамалда, Палестиналда, ГIиракъалда. Дунялалъул КIиабилеб рагъ лъугIилалде гьеб идараялда вукIана 500 азарго чи. 2003 соналъул февралалда Россиялъул ТIадегIанаб диванханаялъ гьеб багъа-башариялъул хIалтIи гьукъун букIана улкалъул территориялда.
Гьеб гьукъиялда абулеб буго жиндир идеологал ва лидерал аль-Баннагун КъутIбал пикрабазда хадуб билъараб ай исламиял гурел хIукуматалги риххизарун, «КIудияб исламияб халифатги» гIуцIун тIолабго дунялалдаго исламияб нухмалъи чIезаби мурад бугеб гIуцIи бугин гьебан. Гьеб гIуцIизеги кколеб буго байбихьуда бусурбабаз гIумру гьабулел регионазда, гьездаго гьоркьоб Россияги Советияб Союзалде гъорлъе унел рукIарал бусурбабазул улкабиги. Гьенибго абулеб буго рехсараб багъа-башариялъул хIаракат хурхараб бугин исламияб пропагандаялда, мажгитазда жидерго рахъалде гIадамал ралагьиялда ва рагъулаб жигьадалда гьебги территориалияб гIурхъаби бихьизабичIогоян.