Ссылки для упрощенного доступа

Дербенталда биччачlо митинг тlобитlизе


Сардар Агъаларов-Жанубияб Дагъистаналъул халкъазул культуриябгун-тарихиябгун ирс цIуниялъул Централъул директор
Сардар Агъаларов-Жанубияб Дагъистаналъул халкъазул культуриябгун-тарихиябгун ирс цIуниялъул Централъул директор

Дербенталда Советская абулеб къватIалъе Азербажаналъул вукIарав президент ХIайдар ГIалиевасул цIар кьеялда разиял гьечIез 8 июналда митинг тIобитIизе букIиналъул цебегоялдаса бицунеб букIана. Цебесеб къоялъ баккана шагьаралъул администрациялъ гьединаб изну кьун бугин абураб баянги. Амма къо тIаде щвараб мехалда митинг тIобитIизе гьукъана полициялъ митингчагIазухъ гьеб тIобитIизе изну кьурал документал гьечIинги абун. Амма гьелдалъун жидерго хIаракатчилъи къотIизе тезе ракIалда гьечIо акциячагIаздаги.

Полициялъулаз радалго дандеруссин т1обит1изе кколеб бук1араб Низами Гянжевил ц1аралда бугеб ах сверун ккун бук1ана, Советское къват1ги къан бук1ана. Гьедин митингалда г1ахьаллъи гьабизе рач1арал чаг1азул 14 чи полициялъулаз ккун вачун ана, г1емер заман иналде гьел къват1иреги риччан руго. Журналистазе митинг т1обит1изе бук1араб бак1 бахъизецин рес кьеч1о гьез, ч1обогояб гьеб бахъизеги биччагейин лъазабун бугин жидедайилан.

Гьелдаса хадуб митингалде рач1арал Дербенталъул аслияб майданалде ана, амма гьенибги киса-кибего полициялъулалги ч1ун гьенисаги г1адамал нахъе къот1ана. Гьеб данделъи ах1аразул цояв Сардар Агъаларовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиидеда нахъе къазе рак1алда гьеч1илан, ккани диванханаялдеги инила жеги цойги митингги т1обит1илилан.

Сардар Агъаларов: «Нижее митинг гьабиз теч1о. Аск1ор ругел районаздасагицин полицияги гьезул хасал къокъабиги ах1ун руго гьанире. Халкъалъе Советская къват1алда Х1айдар Г1алиевасул ц1ар лъеялда хурхун жидерго пикру загьир гьабизе толеб гьеч1о. Г1алиев Дагъистаналъе ва гьелъул халкъалъе дандекколев чи гуро. Гьесул сиясаталъул х1асилал ц1акъ нилъер г1адамазе квешал ва зах1матал рук1ана. Нижеда лъала гьев нухмалъуда вугев заманалда Закаталаялда лъебергоялдаса ц1ик1к1ун маг1арулазул, лезгиязул, цахуразул бажари бугел г1адамал, бизнесменал ч1вараблъи. 2001 соналъ Шамиль Имамасе бараб монумент кьвагьизабуна ва гьеб ц1идасан бач1о. Цониги лезги мац1алъ бахъулеб газета яги т1ехь гьеч1о гьениб.

Гъабали мухъалда ругел 4 лезгиязул росу т1аг1инабизехъин буго, цо росу т1убан т1аг1ана, Храх-Уба ва Урьян-Уба росабазул къисмат жеги кинаб бук1инебали лъаларо. Дагъистаналда азребайджаналъулазе киналго ресал ч1езарун руго гьел лъицаго рат1а гьаруларо. Гьезул телевидение буго, гьезул мац1алда газетал рахъула, театр буго х1алт1илеб. Нижее гьев Г1алиевасул ц1ар кьезег1ан нилъер пачалихъалъул президент Владимир Путинил ц1ар кьезего бокьила. Нижеца «Единая Россия» партиялъул вакилзабазухъе гьеб къват1алда Путинил ц1ар лъейин абун кагъат бит1ан, 27 июналда гьелъул халгьаби бук1ине ккола».

Митингалъул г1ахьалчи, политик, журналист ва жамг1ияв х1аракатчи Альберт Эседовас бицухъе паркалдаса минигчаг1и нахъе къот1улаго полициялъулал ц1акъ хъач1го к1алъан руго гьезда. Гьедин бук1аниги жал гьелгун рагъизе лъугьинч1ин, лъугьани къуватги бащад бук1инч1ин жидерин, жал ракълилаб дандеруссин гьабизехъин рук1арал чаг1и ругин бицана гьес.

Альберт Эседов: «Нижеца митинг т1обит1изе бугин хъвараб кагъат жиндир заманалда щвезабун бук1ана шагьаралъул администрациялде. Гьелда бихьизабун бук1ана нижеца 3000 г1ахьалчи вук1ине вугин митингалдайилан. Нижее 500 чи вак1аризе бак1 гурони гьеч1ин шагьаралдайилан жаваб бач1ана гьез. 3000 яги ц1ик1к1ун чи данделъизе къвариг1ун ватани нужее Юстициялъул министерлъиялъ разилъи кьезе кколин лъазабуна гьез.

Ниж къуваталъул идарабаздеги цогидал бак1аздеги ун рук1ана нижер митингалда г1адлу бук1инабиялъе кумек гьабеян. Ниж щибниги тунка-г1уси х1ажатал чаг1и гуро. Ракълилаб, г1адамазе жидерго пикру загьир гьабизе рескьолеб митинг бук1ине кколаан гьеб. Нижехъ буго Советская къват1алъе Г1алиевасул ц1аркьеялде данде ч1арал гьебго къот1ноб г1умру гьабун ругел 272 чияс гъоркь гъулбас гьабураб кагъат. Къват1алда ц1ар хисулеб мехалда г1адамазда ц1ехезе ккола, дандбазе ккола гьезда, амма Дербенталъул администрациялъ гьеб киналъухъго г1ин т1амич1о. Гьел гъулбасал рак1ариги г1адамаз жидецаго гьабураб жо буго цониги идараялъ рак1арич1о гьел»

Дербенталдаса азербайджанав, журналист Мух1амад Ханмух1амадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана митингалда сверун шагьаралъул администрациялъ гьабулеб бугеб ах1и-х1ур гьез къуват бихьизабиялъе гьабулеб бугилан.

Мух1амад Ханмух1амадов: «Дир пикруялда рекъон жакъа митинг гьабизе квалквал гьаби гьеб буго бац1ц1ун политикияб иш, политикиял масъалабиги руго гьел чаг1аз жидедаго цере лъун. Бак1алъулаб власталъе къвариг1ун буго республикаялъул ц1ияб т1алъиялда къуват бихьизабизе. Къват1алда ц1ар хисиялъулги дир пикруялда рекъон лъик1лъи гуреб квешаб х1асил бук1инароан.

Т1адежоялъе гьеб къват1 къач1азе азербайданалъ 3-6 миллиард доллар харж гьабизехъин бугин абулеб буго. Ахираб къого соналда жаниб гьаб шагьаралдаса бикъун гуреб гьаб цебет1еялъе щибго харж гьабич1о. Гьеб къват1алдасан байбихьизе бегьулаан шагьаралъул ц1ияб г1умру. Дун шагьаралъул мажлисалъул депутаталгун к1алъана гьез бицана Х1айдар Г1алиевасул кумекалдалъун банин Дербенталда лъабабго кьо, къач1анин нух. Гьаб митинг гьабулел ругел чагIазин абуни Дагъистаналъул жанубияб рахъ цебетIеялъе щибго гьабичIо»

Ахиралдаги митингчагIигун данчIвазе администрациялъул цониги вакилги вачIинчIого, аслияб майданалда полициялъулалгун къацандун чIалгIарал гьел мухъ-мухъалъ ана. Амма жидеца къеркьей гьелда лъугIизе тезе гьечIин, МахIачхъаялда гьабунги митингги гьабилин лъазабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG