Цебеккун, къануналда данде кколереб хIалалда приватизация гьабурал объектал хIукуматалъул ва муниципалияб буголъиялде тIадруссинаризе хIажат ккеялъул лъазабулеб буго Дагъистаналъул тIалъиялъ.
Дагъистаналъул Мал-мулкалъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ баян гьабухъе гьелъие гIуцIун буго хасаб къотIиялъул проект, регионалъул тIалъиялда ва МахIачхъалаялъул администрациялда гьоркьоб.
Гьеб къотIиялъул проект гIуцIи кколеб буго цебеккун Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас социалияб ва культурияб кIвар бугел, къануналда рекъечIегон буголъиялде, приватизация гьабурал объектал муниципалияб ва пачалихъияб буголъиялде тIадруссинаризе ккеялъул пикру заьир гьабидал, гьелъул рахъ ккун бахъараб проектлъун. ГIуцIун бугила сияхI, цере школазул, лъималазул ахазул ва цогидаб социаляб даражаялъул объекталлъун рукIарал минабазул.
Гьеб хIалтIи министерлъиялъул вакилзабаз тIобитIизе бугила низам цIунулел идарабигун цадахъин тIаде жубалеб буго министерлъиялда. Гьез хал гьаби тIобитIизе бугила киналниги сияхIалда ругел объектазул приватизация къануналда рекъон гьабун бугищали. Къануналда рекъечIогон приватизация гьабурал объектал пачалихъияб ва муниципалияб буголъиялде тIадруссинариялдалъун тIалъиялда ракIалда буго школазда ва лъималазул ахазда бакIал гIолеб гьечIолъиялъул суал тIубазе.
ГьабсагIаталда Дагъистаналъул Мал-мулкалъул министерлъиялда хал гьабулеб бугила пачалихъалъул балансалда ругел кIиго цере лъималазул ахал рукIарал минаби МахIачхъалаялъул муниципалияб буголъиялде кьеялъул суал. Гьеб къотIиялъул проекталъул хал гьабулеб бугила гьаб заманалдайин хъвалеб буго Мал-мулкалъул министерлъиялде ссылкагун «REGNUM» ИАялъ.
«Реальная политика» абураб фондалъул аслияв экономист Халил Халиловас баян гьабухъе, къануналъ изну кьолеб буго гьеб приватизация жидеца хIакъикъияб гьабун букIин чIезабизе бетIергьабазе ва къанунияб гуреб бетIергьанлъиялде тIадбуссинабизе хIукуматалъе.
Гьебго заманалда, гьеб къануналъул проект бахъулез хIисабалде босизе кколила хадубккун, цоязухъа босун цогиязухъе кьолеб жо ккечIого букIине, хIукуматалъухъе тIадбуссинабун хадуб объект реприватизация гьабиялде мараторий бихьизабиги, гурого, гьеб цоязухъа босун цогиязухъе кьолеб жо ккезе хIинкъи бугилан баян гьабуна экономистас «Эркенлъи» радиоялъе.
Халил Халилов: « Кверщел кодосезул рес буго цереккун жидецаго гьарурал постановлениял яги цогидал распоряжениял нахъе гьаризе, амма гьединго гIадатIиял гражданазул диваналдасан гьеб деприватизациялъул къанунияб кьучI гьечIолъи чIезабизеги изну буго. Кинаб рахъалъ бугониги къанун хвезаби чIезабунани, гьеб къануналда рекъон, яги хIукуматалъе ине ккола, яги бетIергьанасухъ хутIизе ккола, тIекъав щив вугевали хIисабалде босун.
Амма бичIчIулеб гьечIо, социалиябгун культурияб кIваралъул объектал щай республикаялъул буголъиялде унелали, гьел жидеца тIуралел тIалабазул хасияталда рекъон, муниципалияб буголъиялда рукIине кколеб заманалда. Гьеб ахIвал-хIалалда рекъон, рес буго гIадамазул социалияб хIал лъикIлъизе, щай гурелъул гьебго шагьаралъул буголъиялде тIад руссунел рукIиналъ объектал.
Амма гьединго хIисабалде босизе ккола, цоязул буголъи цоязухъа босун, хадубккун деприватизация гьабураб объект реприватизация гьабиялъе мараторий лъей хIисабалде босун, цо бихьизабураб заманалда гьукъизе ккола хадубккун гьеб объекталъе приватизация гьаби, гурого рес буго гьеб цоясухъа босун цогиясухъе кьураб гIадинаб жо ккезе».
Абизе ккола, Дагъистаналда цIакъго хIалуцин бугин лъималазул ахазда бакIал гIунгутIиялъул суалалъул, цIиял рагьулел ахаз бакIал гIунгутIиялъул суал кинго тIубалеб гьечIо, гьедин, Халкъияб мажлисалъул июнь моцIалда букIараб данделъиялда «Единая Россия» партиялъул депутат Людмила Авшалумовалъ лъазабуна, республикаялъул лъималазул ахазда 100 бакIалде 136 лъимер кколеб бугин. 30 процент лъималазул кколеб гьечIо социализациялда гъорлъе.