Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналдаса иргадулав хIакимчи туснахъ гьавуна


Москваялъул Внуково аэропорталда гьатIан къоялъул къаси ккун вуго МахIачхъалаялдаса гьениве вачIарав Дагъистаналъул вице-премьер МухlамадхIусен Насрутдинов. Гьесда гIунтIизабулеб буго пачалихъалъе кIудияб рекIкI гьабиялъул гIайиб. Кинал рукIаниги баянал кьезе хъулухъчияс инкар гьабулеб бугин лъазабулеб буго Россиялъул информалатаз.

Итни къоялъ Москваялъул аэропорталда къуваталъул идарабаз ккурав Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер МухIамадхIусен Насрудиновасда гIунтIизабулеб буго газалъул сфераялда экономикиял такъсирал гьариялъул гIайиб. Дагъистаналъул политикияб нухмалъиялда ва тухумчилъиялъулал бухьеназда ва экономикиялгун миллиял гьоркьорлъабазда гьеб лъугьа-бахъиналъ асар гьабизе бугилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.
Вице-премьер МухIамадхIусен Насрудиновасда цIех-рехалъул идарабаз гIунтIизабулеб буго «Дагъистанрегионгаз» абураб пачалихъияб идараялъе нухмалъи гьабулаго гьенир экономикиял такъсирал гьари. ЦIех-рехчагIазул пикруялда рекъон, жинцаго гIуцIараб «Даггаз» абураб компаниялъе цIакъго гIодобегIанаб багьаялъе ричун руго гьес пачалихъиял газалъул рогIрал. Рехсараб гIайиб вице-премьерасда гIунтIизабун букIана 2012 соналъул июлалда, амма доб мехалъ промысшленносталъул министерасул хъулухъалда вукIарав М. Насрудинов тIоцеве МахIачхъалаялъул Ленинский диваналъ ва хадубгIунтIун Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ эркен гьавуна киналго гIайибаздаса. ЦIидасан гьесда хадур цIех-рехалъул идараби лъугьиналъулъ батIи-батIиял гIиллаби рихьулел руго Дагъистаналъул экспертазда.

Адвокат Расул Къадиевасул пикруялда рекъон, республикаялъул нартилгун газалъул сфераялда кIудияб асар ва интересал ругев политик кквеялъе гIилла буго гьеб сфераялда рукIине ругел кIудиял хиса-басиял. Къадиевасул рагIабазда рекъон, гьелъие нугIлъи гьабулеб буго I5 январалда Халкъияб мажлисалда цеве кIалъалаго Р. ГIабдулатIиповас Дагъистаналъул хасаб нартилгун газалъул хасаб компания гIуцIизе кколилан лъазабиялъ. Гьел хиса-басиязул къурбанлъун ккун ватизе бегьула вице-премьер абун рикIкIунеб буго Р. Къадиевас. Гьеб лъугьа-бахъиналъул экономикиял кьалбал ругилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокатас.

Вице-премьер кквеялъ кинаб асар гьабизе бугеб Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул политикия имиджалда абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ «Миллат» газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасе.

МухIамад БисавгIалиев: «Рамазан ГIабдулатIиповасул имиджалда ва политикияб сурсаталда гьев жанив тIамиялъ букIинаро. ГIицIго, гьесул командаялъул чи М. Насрудинов вукIиналъ информационнияб фон кьерхине рес буго. Р. ГIабдулатIиповас республикаялъул нухмалъуде вачIараб къоялъго бицана федералияб централъ финансовиял ва политикиял элитаял рацIцIад гьаризе ругилан. Гьеб политикаялъул къурбанлъун ккун ватизе рес буго вице-премьер М. Насрудинов. Гьесда гIунтIизабулеб такъсир Р. ГIабдулатIиповасул заманаялъ гьабураб гуро, гьеб буго МухIамадгIали МухIамадовасул заманаялъго букIараб иш. ЦIияв нухмалъулес гьев хъулухъалда тун вукIана лъарагI миллаталъул вакил хIисабалда. Щибаб миллаталъул чи хъулухъазда ращадго толеб гIадат цIунана Р. ГIабдулатIиповасги. Гьеб лъугьа-бахъиналъ Р. ГIабдулатIиповасул политикияб сурсаталда кинабгIаги асар гьабизе гьечIо».

Гьесулгун гIаксияб пикру буго Дагъистаналдаса политолог Ханжан Къурбановасул. Гьесул пикруялда рекъон, цIакъго Р. ГIабдулатIиповасда аскIовегIанав вукIинчIониги, гьесул командаялда вугев политикасда тIад уголовияб хIалтIи гьабиялъ гьесул политикияб имиджалде рагIад реххулеб буго. Гьелъ рес кьезе буго оппозициялъе багьанаде гьеб уголовияб хIалтIиги батун республикаялъул бетIерасе критика гьабизе. Цебеккун цоги хIакимзабазда тIад уголовияб хIалтIи гьабун бугониги, гьел рукIана Р. ГIабдулатIиповас тIамурал гурел, гъоркьго рукIарал политикалин рикIкIунеб буго политологас.
XS
SM
MD
LG