Давла бикьа-къотIиялъулъ цоцазда ричIчIунгутIи лъугьун рагIула изну гьечIого яргъидгIуцIаразул бетIерлъуде Асельдеров Рустам вачIаралдаса нахъейилан бихьизабулеб буго рехсараб сайталда. Давла бикьа-къотIулеб букIиналъул баянин абуни хасал хъулухъалъулазухъе щун бугила, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьеразулъа кверде вачIарав цояс бицун.
«БатIи-батIиял бакIазда хIалтIи гьабулел изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабазул церехъабиги рази гьечIо амирас давла бикьа-къотIулеб къагIидаялдаса. Гьеб хIужа сабаблъун гьезда гьоркьоб кьватIиги ккун буго ва хIатта Асельдеровасдаса разилъи гьечIолъи лъазабулебги рагIула», - ян бицун буго Жанисел ишазул министерлъиялъул цIар рехсезе разилъичIев чияс.
Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетIераб идараялъул сайталдайин абуни хъвалеб буго, ахираб заманалда изну гьечIого яргъидгIуцIараз бихьизабулеб хIаракатчилъи релъунеб бугила жал гIадада чIун гьечIолъи бихьизабулел «хIаязда». Гьединаллъун рехсолел руго Хасавюрталда тукаде кьвагьдей, Губденалда бизнесчи чIвай, гьединго, Бабаюрталдаги тукен кьвагьизаби. Гьединал ишал гьари ва флешкабазул кумекалдалъун бизнесчагIазухъа гъазават гьабиялъе гIарац тIалаб гьаби лъугьун бугила гьезул аслияб ишлъунин хъвалеб буго рехсараб идараялъул сайталда.
Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул цевехъанлъун рикIкIунев Асельдеровасул тIокIцIар буго МухIамадмухтар ва гьев цевеккунги диваналде ккун вукIана. Амма ритIухъ гьавун тамихIалдаса ворчIунги вукIанаян бицана цIар рехсезе разилъичIев, къуваталъулал идарабазул хIалтIухъанас.
Гьадингоги захIматаб гьаб гIумру гьединаз, ай изну гьечIого яргъид гIуцIараз тIадеги захIмалъизабулеб бугила ва гьелъул хIасилалда бищунго кIудияб къварилъиги тIаде бегулеб бугила гIадатиял гIадамазде.
Амма журналист Темирханов ХIасаница бицухъе, сунда ва лъида божилебали лъалареб хIал рагIула Дагъистаналда. Ва лъугьа-бахъунелъе къимат кьейги лъугьун бугила цIакъ захIматаб ишлъун.
Темирханов ХIасан: «Гьанжеялдаса 5-6 соналъ цебего «рохьилазул» къадар рехсолелъул, кидаго бихьизабулаан гьезул 300-гIанасев чи вугилан. Жакъаги рехсола гьебго къадар ва къо гьоркьоб бахъун чIвалел ругониги гьелги дагьлъулел гьечIо. Гьедин бугеб мехалда, гьединал тарихаз щаклъи лъугьинабула. Гьединабго жо бугин ккола дида изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гьоркьоб бугеб дандеккунгутIиялъулги. Гьезул цолъиго бугищ абураб суалги буго чIванкъотIараб жаваб щолареблъун».
Къуваталъулал идарабазул цIар рехсезе разилъичIев хIалтIухъанасин абуни бицана экономикаги магIишатги кин данде бачинебали лъаларого тIалъиги, тIад ругезде божилъи гьечIого халкъги бугеб заманалда, тIадеги хIалуцинабулеб бугила «рохьилаз» гIумру. «Гьезда мустахIикъаб рагIи абулеб гьечIебгIан мехалда, гьединал харбалги гIемер рагIулел руго. Ахир-къад тункулеб бакIалда тункидал гьеб нилъер щивасда бичIчIилаха», - ян бицана къуваталъулал идарабазул цIар рехсезе разилъичIев чияс.
Гьединал ишазул хIасил кколин Хасавюрталъул мухъалда комендаталъулаб низам лъазабигиян тIадеги жубана гьес.
Амма гьеб баян ритIухъ гьабичIо Хасавюрт мухъалъул администрациялда. Гьениб бицухъе, кинаб бугониги коменданталъулаб низам гьениб лъазабун рагIуларо.