Гьенир гIемерисел лезги миллаталъул чагIи рукIана. Амма гьенив бищун ватани 15 чи гурони вукIинчIин бицана ЭР-ялъе лезги миллаталъул жамгIияв хIаракатчи Руслан Гереевас. Гьеб жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIуда ракI рекъонгутIиялъ «Садвал» абун жидер миллияб багъа-бачариялъ кинабгIаги гьоркьоблъи гьабуларила гьеб гIуцIиялъулгун. Гьебго пикру загьир гьабуна ЦIоралда ругел магIарулазул вакилзабазги. ХIакъикъаталда жидер масъалаби рорхулеб мехалда «Дагъистан-Азербайжан» гIуцIиялъ кинабгIаги гIахьаллъи гьабуларила. Гьелуъл цIар рагIулила гIицIго официалиял данделъаби тIоритIулеб мехалда.
Дагъистаналдагун Азербайжаналда гьоркьор бухьенал щула гьариялъе 15 соналъ цебе гьеб цолъи гIуцIун буго цеве партиялъул нухмалъиялда ва лъикIал хъулухъазда вукIарав ГIабдулгъафар АхIмадовас. ЖамгIиял хIаракатчагIазул пикруялда рекъон, гьеб гIуцIизе пикруги доб мехалда Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасгун МухIамадгIали МухIамадовас кьун букIун батила. Амма жакъа къоялда гьелъул магIна гьечIила.
Миллияб библиотекаялда букIараб данделъиялда тIасан пикру загьир гьабизе инкар гьабуна лезгиязулгун ЦIоралда ругел магIарулазул вакилзабаз. Щайин абуни гьелдалъун бичIчIизе бегьулила жидеца ГIабдулгъафар АхIмадовасул хIаракатчилъиялде кIудияб кIвар кьолеб бугилан. Гьединлъидал гIицIго тарихчи Тимур Айтберов разилъана гьелъул бицине.
Тимур Айтберов, тарихчи: «ГIабдулгъафарие бокьун букIинарищха партиялъул къагIидаялда «гьудуллъи-вацлъи» йилан, сургу бан, хабар бицине. Гьеб мехалда эхе-эхеде кIанцIезе лъугьанаха лезгиял – эб щибдила дуца бицунеб. Гьезда квеш букIун буго гьабсагIаталда жидер гIолохъаби Азербайжаналда туснахъ гьарун рукIин. Гьеб мехалда кIалъана «Садвалалъул» цевехъан Назим ХIажиев. 1920 абилел соназда Дагъистаналъул нухмалъулез гьел азербайжанал рихьизарунила кьолболал халкъаллъун. Амма гьеб гьадингосеб жо бугила. Гьединлъидал гьел азербайжанал, жидерго хIукуматги бугелъул, Дагъистаналъул кьолболал халкъазда гьоркьоса нахъе хъвагIазе кколила. Гьединго Азербайжаналда дагъистаниязе чIезарурал шартIал гурони Дагъистаналда гьезул чагIазеги чIезариларин абураб хIукму гьабизабизе кколила нилъеца нилъерго депутатазда. Масала, нилъеразе хъулухъал кьолел ратичIони, дозулазеги кьезе кколарила нилъеца. МацIалъе квалквал гьабулеб батани, нилъеца дозиеги гьабизе кколила».
Хадурги гьенир лезгияз квешго бадирчIваял гьаризе лъугьун руго «Дагъистан-Азербайжан» цолъиялъул нухмалъулев ГIабдулгъафар АхIмадовасе къажараз дагъистаниял гIайиб гьечIого туснахъ гьарулел, хъулухъаздаса хъамулел ругилан. Гьединго тIубарал росаби ккун гьел дораса нахъе гъолел ругин. Масала, Дагъистаналда бугеб МухIарамкент мухъалъул Храхуба ва Уряноба росабазул ракь жидер кколинги абун, гьениса лезгиял нахъе инарулел руго Азербайжаналъ. Гьелда бан лезгияз гIезегIан митингал тIоритIана МахIачхъалаялда, хъвадарана. Гьелдаса хадув ГIабдулгъафар АхIмадов мукIурлъана гьеб цолъи гIуцIулеб мехалда цере лъурал мурадалги тIалабалги батIиял рукIанин, жидеда гьел тIуразе кIвечIилан.