Гьаб соналъ Дагъистаналда рукIарал лъугьа-бахъинал гIемерисел экспертазул рагIабазда рекъон, рукIана политикияб рахъалъ гьарзаял. Дагъистаниязе бищунго кIвар бугел лъугьа-бахъинал кинал рукIарал абурал цIех-рехал гьаруна «Халкъияб пикру» абураб регионалияб фондалъ. Суал кьолеб букIана лъикIал яги квешал рахъал рикIкIинчIого, бищунго ракIалда чIараб лъугьа-бахъин кинаб букIарабилан. Фондалъул вакилзабазул рагIабазда рекъон, цIияб соналда цере гьединал цIех-рехал гьарулел руго гьез 1997 соналдаса нахъе, амма исана гурони тIоцересел бакIазда чанго политикияб лъугьа-бахъин букIинчIо.
«Эркенлъи» радиоялъ батIи-батIияб пишаялъул, батIи-батIияб ригьалъул, миллаталъул гIадамазда гьоркьоб гьабураб цIех-рехалъулги гьединалго хIасилал ккана. ТIоцебесеб ва бищунго кIвар бугеблъун, дагъистаниязул гIумруялъул киналго рахъазда хъвалеб лъугьа-бахъинлъун рикIкIунеб буго гIемерисез лъагIалил байбихьуда республикаялда политикияб нухмалъи хиси. Президентасул хъулухъалдаса МухIамадсалам МухIамадовги ун гьесул бакIалда Рамазан ГIабдулатIипов вачIин. «Эркенлъи» радиоялъул цIех-рехалда гIадамазда гьикъулеб букIинчIо тIалъиялда хиса-баси гьабиялъул рахъ кколищ нужеца абун, аслияб суал букIана кинаб бугониги лъугьа-бахъиналъул республикаялъе бугеб кIвар, гьелъул лъикIал ялъуни квешал рахъал цIехечIого. Амма гIемерисез тIоцебесеб бакIалда лъолел руго политикиял лъугьа-бахъинал.
ЖамгIияв хIаракатчи Цези МухIамадица бицана «Эркенлъи» радиоялъе политикиял лъугьа-бахъинал тIоцебесеб бакIалда лъеялъе гIилла бугин гьезда бараб букIин цоги рахъалги, гьел лъугьа-бахъинал политикияб, экономикияб, социалияб ва цоги рахъазда асар гьабулел рукIин.
Цези МухIамад: «Бищунго кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун дицаги рикIкIуна, цогидазги гьедин рикIкIунин ккола, республикаялда тIалъи хиси ва президентасул хъулухъалде Рамазан ГIабдулатIипов вачIин. Гьелда дагIба балев чи ватиларин ккола, щайгурелъул хисун вуго республикаялъул бетIер, гьелъул кIудияб кIвар буго дагъистаниязе. КIиабилеб бакIалда бугеб ва тIоцебеселда бухьараб лъугьа-бахъинлъун дица рикIкIуна МахIачхъалаялъул нухмалъулев Саид Амиров туснахъ гьави. Гьеб лъугьа-бахъиналъ кIудияб асар гьабуна политикияб, экономикияб ва цогидаб рахъалда, гьелъ гIемерщинаб жо хисизабуна республикаялда ва гьел хиса-басиял гьанжеги унел руго. Лъабабилеб бакIалда дица лъелаан шагьаралъул нухмалъуда ккурасул бакIалда цIияв - МуртазагIали Рабаданов тIами. Гьелъулги кIудияб кIвар буго, щайгурелъул республикаялда бищунго кIвар бугезул цояблъун рикIкIунеб хъулухъалде вачIун вуго тIубанго цIияв ва батIияв чи».
ЦIех-рехазул хIасилалда дагъистанияз кIвар бугеллъун гьал церехун рехсарал лъугьа-бахъинал рикIкIаниги, цо-цо экспертазул пикруялда рекъон гIемерал лъугьа-бахъиназул кIвар гIадатияб халкъалда бихьичIого хутIулеб буго. Гьелъие гIиллалъун рикIкIунеб буго информалатазул гIемерисез политикияб рахъалги цере лъун, цоги кIвар бугел лъугьа-бахъинал рихьизаричIого тей. «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал чагIаз загьир гьарурал батIи-батIиял пикрабаздасан кIвар бугеблъун бихьана журналист ва блогер Тамерлан МухIамадовас загьир гьабураб пикру.
Гьесул рагIабазда рекъон, араб соналъ республикаялда рукIарал аслиял лъугьа-бахъанал рарал рукIана Дагъистаналда жидерго интересал цIунулел политикиял ва бизнес къуватазда. Гьелъие мисаллъун бачана гьес республикаялда бизнесменал вацал МухIамадовазул асар цIикIкIин. Республикаялда тIалъи хисинги гьеб хIужаялда бухьинабуна Тамерлан МухIамадовас.
Тамерлан МухIамадов: «Дир пикруялда рекъон араб соналъ Дагъистаналъе кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун ккана республикаялде вацал МухIамадовазул бизнес бачIин. Гьез кодобе босана респуликаялда политикияб ва экономикияб рахъ, республикаялда гIумруялде рахъинарулел руго батIи-батIиял бизнес-проектал. Цевеккун Дагъистаналда кIудиял экономикиял интересал ругев Сулейман Керимов нахъегIан къазавун вукIинги бихьулеб буго нилъеда. Дов живго жиндаго хIалтIулев вукIун ватани, вацал МухIамадоваз жидер бизнесалда цадахъ республикаялде рачана батIи-батIиял Россиялъул цоги бизнесменалги, гIуцIана Стратегическияб данделъи. ХIасил, республикаялда тIад квер лъун буго Россиялдаго кIудияб асар бугел бизнесменаз. Республикаялда тIалъи хисиги гьеб процессалъул цо гIаламат буго. Гьединлъидал, дица аслияб лъугьа-бахъинлъун рикIкIуна МухIамадовал Дагъистаналде рачIин».
ТIадехун рехсаразда цадахъ дагъистанияз кIвар бугеллъун рикIкIунел руго гьединго гIемерал цоги лъугьа-бахъиналги. Гьезда гъорлъ – Расул ХIамзатовас 90 сон тIубай кIодо гьаби ва Москваялда гьесие мемориал рагьи, Дагъистаналъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цояв, вищунго машгьуравин рикIкIунев такъсирчи Генуса ХIажидадаев Ибрагьим чIвай.