Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналда руччабазул ихтияразде цIидаса гьужум гьабулеб буго


Ахираб заманалда  светиял байрамаздехун бербалагьи хисулеб бугин абизе  бегьула Дагъистаналда. Масала, ЦIияб Соналда сверухъ бугеб ахIи-хIуралде киналго ругьунлъун руго, гьеб Капурзабазул байрамиланги абун гьелде мугъ рехун чIолезул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Гьединабго  агитация гьабулеб буго  Микьабилеб марталъулги. Микьабилеб март бугин руччаби гуккизе ургъараб байрам, хIакъикъаталдаги гьеб лъикIаб гьечIеб хьвда-чIвадиялъул руччабазул байрам бугин абулеб буго цо-цояз.

Жакъаги Чачаналъги Дагъистаналдаги, Москваялдаго гIадин руччабазда байрамги баркулин, тIугьдул сайигъаталги кьолин, амма Советияб заманаялъ букIараб сиясатияб магIна гьеб байрамалъул тIагIун бугин хъвалеб буго жиндирго блогалда Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Шималияб Кавказалда бугеб проекталъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ.

Цогидал Россиялъул регионазул руччабазда данде ккун, Шималияб Кавказалъул руучабазул ихтиярал хвезарулел ругила диняб рахъалъги гIадатазги. Советияб хIукумат биххаралдаса светиял институтал рухIдакълъун руго ва цадахъго цIикIкIун буго диналъулги гIадатазулги кIвар. Гьелъ, руччабазул ихтиярал хвезариялдехун жамгIияталъул кьварараб гьечIеб бербалагьиги буго-ян хъвалеб буго Сокирянскаялъ.

Руччабазда рокъосеб хIал гьабиялъулги, цогидаб хIал гьабиялъулги такъсирал тIаса-масаго хал гьабун толел ругила низам цIунулез, гьединлъидал, жакъа Шималияб Кавказалда руччабазул ихтиярал цIунун диваназда къеркьолел ругила руччабийин хъвалеб ихтиярал цIунулелъ.

Жакъа шагьаралда гIумру гьабун ругел руччабазе рес бугин сверухъ бугеб жамгIият кинаб букIинебали тIаса бищизе; чIужугIаданалъ жинцаго тIаса бищулин, светиял институталищ гьелъ тIаса рищилел, яги диниялищиин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялъул шагьаралъул тарихалъул музеялъул нухмалъулей Зарема Дадаевалъ. Амма Советияб заманалъги жакъаги, масала, политикаялда йигей чIужугIадан гIадлъулила.

Зарема Дадаева: «Щибав чияс тIаса бищулеб буго жинда сверун кинал гIадамал рукIинелали. Цо рахъалъ гьеб битIарабги буго, амма цогидаб рахъалъ, дуца мунго цо хасал гIадамаз сверун кквезе кколей йиго, цогидазда мун йичIчIиларилан хIинкъун.

ЧIужугIаданалъул ихтиярал гьукъиялъул бицанани, нилъеда лъалаха, масала, я Совеияб заманаялъ, я жакъа цо кIвар бугеб хIалтIуда чIужугIадан тей гIадлъула жамгIияталда. Гьей чIужугIаданалъул лъай, хIалбихиьи ва профессионализм цIикIкараб бугониги, гьеб тIубан къабуллъуларо жамгIияталъе. Чиясул дуниял бичIчIиялъул культура гьечIолъи буго гьеб.

Жакъа цо чиясул эркенлъи лъугIула, цогидасул эркенлъи байбихьулеб бакIалда, амма гьеб кIочонеб буго, цо-цоязе тIадецуй гьабун хисизабизе хIажат буго жамгIиял институтал. Нилъер гьаниб, Дагъистаналда кин бугониги, тIуран батIи-батIияб даража буго бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги».

Шагьаралдаги росабалъги чIужугIаданалъул батIи-батIияб хIал бугин абулеб буго мугIалим, ХIасанова ГIайшатица. Масала, шагьаралда чIужугIаданалъе рес батани сверухълъи тIаса бищизе, росабалъ чIужугIаданалде тIадецуй гьабулила жамгIиятлъ гьелъие гIагарал бихьиназдасан.

Росдал жамгIияб ва политикияб гIумруялъул ручабазул кIвар кинаб букIаниги гьезего гьечIила.

ХIасанова ГIайшат: «МагIарул росабалъ кутакалда хисана чIужугIаданалдехун бугеб бербалагьи. ТIоцебесеб иргаялда, жамгIияб кинаб бугониги лъугьа-бахъин гьоркьоб лъун тIобитIулеб данделъиялда цIакъ къанагIат кьола руччабазе рагIи, гьезул пикруялъухъги гIенеккуларо. Диниял хIаракатчагIаз абулеб буго руччабазул иш букIунарин жамгIиял суалал рорхулеб бакIалда. Жеги жкги абулеб буго руччабиги бихьиналги цадахъ хIалтIизе бегьиларин.

Араб соналда букIана ахIи бахъун васалги ясалги батIа-батIаго цIализе ккелилан абун. Дир гIакълуялъ босулареб пикру буго гьеб. Светияб бербалагьиялдаса рухIияб бербалагьи жамгIияталда гьоркьоб цIикIкIунеб буго. ЧIужугIадан жойиде гьабичIеб бербалагьи буго гьеб. Нилъер кидагоги матриархат гуреб, патриархат букIана ва буго, амма жакъа кIудияб къадар хъизамазул буго руччабазул чIаголъиялъ цIунарал. Цогидаб жамгIияб гIумруялда гъорлъ щай гьелъ гIахьаллъи гьабизе бегьуларебали дида лъаларо».

Дагьаб цебегIан, росдал суалал гьоркьор лъун жамагIаталъул данделъи тIобитIулеб букIанила, амма гьенире гIицIго бихьинал гурого, руччаби рачIине ккеларин лъазабунила. Цо-цо гьеб данделъиялде арал руччабиги гьезул гIагарал бихьиназде тIадецуй гьабун, гьез нахъе ритIун рачIанила. Жакъа хъизамалда чIужугIаданалъ балагьуллеб чед кваназе бегьулеб бугила, амма жамгIияб гIумрудалъ гIахьалъизе гьелъие гьукъулеб бугила.

XS
SM
MD
LG