Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул бицунеб гьечIо тарихалъул тахьазда


Пачалихъияб Думаялъ суал лъун буго тарихалъул рахъалъ цIалул цогояб тIехь бахъизе.

КъватIисел улкабазда ругин гьединал цогоял тIахьалин бицана Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевас гьал къоязда МахIачхъалаялда букIараб политологиялъул форумалда. Гьединабго тIехь гIурус мацIалъул рахъалъги хIадурулеб бугилан абуна гьес. Гурони щибаб регионалда гIадин батIи-батIиял цIалул тIахьал ругила улкаялда.

ХIажимет СафаргIалиев: «Россиялъул федерациялъул школазда буго тарихалъул рахъалъ бахъараб 87 батIияб тIехь. ГIурус мацIалъул тIехьин абуни буго 141 батIияб. Масала, цо регионалдаса цогидаб регионалде гочарал эбел-инсул лъимералъ тIубан батIияб тарихалъул яги гIурус мацIалъул тIахьал хIалтIизаризе кколел руго. Иш гьедин букIиналъ дагь-дагьккун рачине бегьула идеология гьечIолъиялдеги патриотизм чорхолъа лъугIиялдеги».

Гьеб хабар ккана цебехун бицухъе, гьал къоязда МахIачхъалаялда политологиялъул форум тIобитIулаго. СафаргIалиевас патриотизмалъул бицун хадуб Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абуна гьале гьанив гIодов чIун вугев Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул халкъияб фронталдаса Михаил Старшинов щибниги гьабичIониги рикIкIине вугин патриотлъун, амма гьав СафаргIалиев ХIажимет гьединавлъун рикIкIине ккани, гьес гьелъие рухI кьезе кколин.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дица анализ гьабуна Россиялъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб цIалул 34 тIехьалъул. Гьениб щибниги гьечIо Дагъистаналъул хIакъалъулъ. Гьеб мехалда щай лъица батаниги лъие букIаниги бадирчIваял гьаризе кколел, патриотизм абураб жо ялъуни гражданияб бичIчIи абураб жо дулъ гьечIилан абун. Нагагьлъун хъван батанигицин Дагъистаналъул хIакъалъулъ гьеб букIуна беццилеб гуреб хIалалда хъван. Масала, гIалхулал магIарулал Псков мухъалде кIанцIарал гIадинан. Гьединал жал цIакъ нахъе гIенеккун, даражаялда кьезе ккола. Масала, гIурус чияс Ермоловасул бицунеб бугони, гьеб цо жо буго. Гьесул пикруялда рекъон, Ермолов вуго жиндир улкаялъул гIорхъаби гIатIид гьабурав чи. Гьев гьесие БахIарчи вуго, унголъунги БахIарчилъун рикIкIуна гьес гьев. Амма Ермоловасул хIакъалъулъ нилъеца бицунеб бугони Чачаналда яги Дагъистаналда, кутакалда цIодорго рукIине ккола».

Дагъистаналъул тарих Россиялъул тарихалъул бицунел цIалул тIахьазда гъорлъе бачинелъун ахIи базе кколин рикIкIунеб буго ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан ХIайбула МухIамадсалихIовас.

ХIайбула МухIамадсалихIов: «Россиялда бищунго некIсияб шагьар буго Дербенталда. Гьеб цо. КIиабизе бугони, нижер директор Хизри ГIамирхановас абуна Россиялъул тарих гIатIид гьабун бугин ГIахъуша мухъалда нижер институталъул тарихчагIаз некIсиял чIвадназда хIалтIулаго гьез гьарурал хIасилаз. Гьеб хIужа тарихалъул тIахьаздеги босизе бугилан абулеб букIана гьес, щай босичIебали. Лъабабизеги, босилин Кавказалъул рагъ. Дунялалда жаниб гьелдаса магIна гъваридаб тарихияб къеркьей цойги батизе гьечIо. Кавказалъул рагъулаб тема тарихалъул тIахьазда баян гьабичIого тей гьеб буго бегьизе бегьулареб иш. Дагъистаналъулги гьединго Кавказалъулги тарих нахъе ккезабураб хIужа буго гьеб - Кавказалъул рагъулги Шамилилги гьез хъван батичIони. Гьеб жо битIизабизе ккола, ниж щай Россиялъул тарихалде росичIелин абун киназго ахIи базе ккола. СССРалъул заманалда гьединал тIахьазда цо-кIиго параграф кьун букIана Дагъистаналъеги Кавказалъеги. Узухъда, нилъер тарихалдехун гьединаб бербалагьи бихьизаби Дагъистаналъеги, хасго магIарулазеги рухIияб рахъалъ гьабураб гIадаб кIудияб кьаби буго».

XS
SM
MD
LG