МухIамад Сулейманов МахIачхъалаялъул мэриялда тасдикъ гьавиялдалъун Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас кIудияб хIилла гьабунин абун гIайиб чIвалеб буго ГIабдулатIиповасда гьесул политикаялда данде ругез. Масала, гьелдалъун дарги миллаталъул чагIи дандразе ругила. Цеве вукIарав мэр СагIид Амировги, заманаялъ гьесул бакIалда тун вукIарав МуртазагIали Рабадановги, МухIамад Сулеймановги цого миллалъул чагIи кколелъул. Гьедин Сулеймановас хIаракат бахъизе бугила тахшагьаралда мэрлъун жив вукIаго даргияв Дагъистаналъул нухмалъулевлъун ккунгутIиялъе хIалтIи гьабизе.
ГьабсагIаталда гьеб миллаталъул чагIазухъ гIезегIан руго жавабиял хъулухъал – Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулесул, рсепубликаялъул прокурорасул, ТIадегIанаб Диваналъул ва МахIачхъалагун Каспийск шагьаразул нухмалъулезул хъулухъал. МагIарулаздаса хадуб кIодолъиялъул рахъалъ кIиабилеб бакIалда бугеб гьеб миллаталъул чагIи цIикIкIун кIуди-кIудиял хъулухъазда ругогIан, магIарулав Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIине ресги кIудияб бугин рикIкIуна оппозициялъул чагIаз. Гьединго гьелго чагIаз абулеб буго МухIамад Сулеймановас байбихьизе бугин МахIачхъалаялда гIадамал СагIид Амировасул чагIазда данде хIалтIизаризе.
Амма юрист Бияхъай МухIамадовасул рагIабазда рекъон, Сулейманов гьеб хъулухъалда теялдалъун республикаялъул нухмалъулес кинабгIаги сихIру яги хIилла ургъун гьечIо. Гьес гIицIго хIалбихьулеб буго республикаялъул нухмалъулесул хъулухъ щвезелъун къеркьезе байбихьарал жиндир дандиязе жаваб кьун, гъоркьбакI щула гьабизе. Цевехун республикаялъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадгIали МухIамадовас хIалтIизабулаанин гьединаб къагIидаян ракIалде щвезабулеб Бияхъай МухIамадовас. Жиндаго дандечIезе рес бугел, къуватал гIадал чагIазухъе кьолаанила досги бищун лъикIал хъулухъал, гьединан гьелги гIодориччазарулаанила. КватIичIого Сулеймановги лъугьунин Амировго гIадав къуватав нухмалъулевлъунилан рикIкIунеб буго юрист Бияхъай МухIамадовас.
Амировасго гIадин тахшагьаралъе бажарун нухмалъи гьабизе Сулеймановасул махщалида щаклъи гьечIо политолог Константин Казенинил. Амма тахшагьаралъул гIумрудулъе цIилъи гьес бачIинабизе букIиналда гьедигIан божулев гьечIо. Регнум агентлъиялъе гьес кьураб баяналда абулеб буго гIемер мехалъ Москваялдаги хIалтIун Дагъистаналде тIадвуссарав гIалимчи Рабаданов туснахъ гьавурав Амировасул бакIалде тIамураб мехалда кколеб букIанила гьанже ахир-къадги бачIанин гIадамал хъулухъазде росиялъулъги цогидалъулъги цIилъи лъугьинабулеб заман. ТIадежоялъе гьев вугила кинабгIаги тухумчилъиялдехун бухьен гьечIев чи. Амма Амировасулги гьесда данде ругел къуватаздасаги батIа кIанцIун, нейтралитет ккун чIун вукIаниги, анцIго моцIалда жаниб Рабадановасухъа бажаричIин модернизациялде рукIарал хьулал ритIухъ гьарунилан рикIкIунеб буго Казениница.
Амма «Дагъистаниял» газеталъул бетIерав редактор ва жамгIияв хIаракатчи ГIалисултанов ГъазимухIамадица рикIкIунеб буго Сулейманов мэриялде тIамиялъ тIалъиялдехун цодагьабниги божилъи гьабизе бачIунеб бугилан.
ГIалисултанов ГъазимухIамад: «ГIабдулатIиповасул хIалтIул хIасил ккунгутIиялъул мурадалда руго гIемерисел хъулухъчагIи. Гьединлъидал ГIабдулатIиповас бицунелдаги республикаялда лъугьунелдаги гьоркьоб буго кIудияб батIалъи. Гьелъ буго тIалъиялдаса гIадамазул ракI буссунги. Мисалалъе, ракIалде щвезавилинха гъова тун вукIарав Рабаданов. Жидее бокьараб гурони гьабулеб букIинчIо гъол хъулухъчагIаз, гьев нухмалъиялда вукIаниги. Гьединлъидал ГIабдулатIиповас Сулейманов тей ккола жиндирго хIалтIи билълъиналъе, лъикIалдехун хиса-басиял ккеялде хьул букIин. Масала, гъова аварав тун вукIаравани, жакъа гIемерав чи Дагъистаналда ГIабдулатIиповасдаги Амировасдаги гьоркьоб кьал ккезабизе, даргияздаги магIарулаздаги гьоркьоб рагъ ккезабизе къваригIарав. Гьединлъидал Сулейманов гъова тей ккола ГIабдулатIиповас гьабураб гIакъилаб хIукму, шагьаралъул гIадамазеги лъикIлъи. Щайгурелъул 15 соналда жаниб Амировас шагьар, гIурусаз абухъе, раздербанить гьабуна (кIала-гъоркье буссинабуна – ред.)».
МуртазагIали Рабадановас рукIахъего тун рукIана цебесеб командаялъул чагIи. Гьедин мэриялда жеги къуваталда руго Амировасул позициял. Амма гьанже Сулеймановас гьел цересан рехизе ругин хъулухъаздасаян абураб пикру буго гIемерисезул.