Ссылки для упрощенного доступа

ТIабигIаталъеги инсанасеги пайдагун


МахIачхъалаялда рагьана рищни-къул пайдаялде сверизабулеб завод. Гьеб ккола республикаялда тIоцебесеб завод. Къойида жаниб заводалъ пайдаялде сверизабизе рес буго рищнидул 600 тонна. Гьенив хIалтIулев вуго 150 чи. Завод ккола инвестициялъул проектги. Гьелъие гIарац биччана кIиго бизнесменас.

Гьениб хIалтIи бащдаб машинабаз, бащадаб – гIадамаз гьабизе буго. Мисалалъе, рищни чIехьолеб буго хасаб майданалде, гьенисан гьеб бачун унеб буго картIал ругеб къалиялде, гьеб къали сверулеб мехалда рищни бикьулеб буго кIудиял ва гьитIинал кесказде. Гьел кескал конвеералда рехулел руго ва хIалтIухъабаз батIа гьабулеб буго цIер, пластик, кагъат, махх.

Ахир-къадги кинабго рищни-къулалъул 70 процент пайдаяблъун ккезе буго. Рищнидул хутIарабщинаб бутIа букъизе буго республикадул тахшагьаралдаса рикIкIад.

МахIачхъалаялда рищнидул суал кIвар бугеблъун рикIунаан. Ахирисеб кIиго соналда жаниб мэриялъ шагьаралъул бацIцIалъиялда хурхараб чанги тадбир тIобитIулаан. «МахIачхъала – бацIцIадаб шагьар», «Рищни – нилъер рогьо», «Чорокал рукIунге» - гьединал лозунгал ругоан тахшагьаралъул батIи-батIиял бакIазда чIван. Гьабулебищ гьез кумек, гьабуларебищ шагьаралъул администрациялда абизе кIвечIо, цохIо «рукIунгIаги лъикI» илан кьуна жаваб.

Нилъер шагьаразда
Нилъер шагьаразда

Дагъистаналъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъулаб министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, МахIачхъалаялда къануналдаги тартибалдаги рекъон гьабураб цониги рищнидул гохI гьечIо. Шагьаралда бакIарулеб рищни баччун уна Агъачаул росда гIагарда бугеб рищнидул гохIде. Гьениб рищни бухIулаан кидаго ва росда тIад кIкIуйдул парччаби чIолаан. Гьел мех-мехалдаса шагьаралдеги щолаан.
Министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, экологияб ахIвал-хIалалда хъинтIараб цIех-рех гьабун букIана гIадамазда гъорлъ. Гьеб цIех-рехалда гIахьаллъарал дагъистаниязда гьоркьосан 25 проценталъ рикIкIунеб буго республикаялда экологияб ахIвал-хIал лъикIаблъун кколин. 35 проценталъ рикIкIунеб буго ахIвал-хIал гIадатияб бугин, 40 проценталъ гьеб хIалуцараблъун тана.

ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъулаб министерлъиялъул нухмалъулев МухIамадов Шамилил рагIабазда рекъон, жиб-жиб соналъ республикаялда гIола рищни-къулалъул 800 азарго кубометр. ТIадежоялъе, гьеб рищни-къулалъул цо процент гурони сверизабуларо.

Эколог Мунгиев АхIмадица абуна Дагъистаналда рищни-къулалъул къануналда рекъон гIуцIараб цониги гохI гьечIилан. «Гьелдалъун гьечIо рищни-къул сверизабиялъул ва букъиялъул хасаб технология», – илан бицана Мунгиевас.
Рищни-къул пайдаялде сверизабулеб завод МахIачхъалаялда хIалтIизе байбихьи Мунгиев АхIмадида лъикIаблъун бихьулеб буго, амма цохIо завод республикаялъе гIезе гьечIилан абулеб буго гьес:

«Нилъер гьечIо рищни-къул пайдаялде сверизабулебги батIа гьабулебги цониги завод. Цебегоялдаса нахъе рукIунаан харбал гьединал заводал разе ругин республикаялда. Гьел раялъе чанцIулго гIарац биччарабги. Амма кибе гьеб арабали ва сунда хвезабурабали лъаларо.
Европаялъул шагьаразда
Европаялъул шагьаразда
МахIачхъалаялда бараб заводалъе къимат кьезе кIоларо, щай абуни мухIканго лъалеб гьечIо кин гьез жидерго хIалтIи гьабизе бугеб. Заводал гьечIониги, рищни-къулалъул гохIазда гьеб рищни батIа-гьабиялъул хIалтIи официалияб гуреб къагIидаялъ унеб буго. Рищни-къулалъул мафиялъ ккун буго гьеб хIалтIи. Гьез батIа-гьабула багьаяб мах. ГIемер гIарацги щола гьезие. Завод кин гьезда дандечIезе бугебалиги лъаларо. Гьелъие хIалтIи гьабулеб батила.

Амма республикаялъе цо завод гIоларо. Европаялъул мисал босани, гьезул шагьаразда рищни батIа гьабиялъул хIалтIи жалго гIадамаз гьабула. Мисалалъе, къотIноб букIа, рокъоб букIа рищниялъе рихьизарурал батIи-батIиял къулби рукIуна. Цоялде кагъат рехула, цогидалде – махх, лъабабилалде – цIер. Промышленияб рищни батIияб гохIалде реххула. НигIматазул рищни сверизабун букъула ва гьелъул удобрение, гумус гьабула».

«Эко-система» илан абураб фирма хIадур буго Россиялъул машрикъалъул регионазда рищни-къул пайдаялде сверизабулел заводал разе. Дагъистаналда завод базеги хьул буго гьелъул. Амма республикаялъул тIалъиялъухъе нух щолеб гьечIилан абулеб буго «Эко-системаялъул» вакилзабаз.
XS
SM
MD
LG