Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналда лъикIал хIалтIухъаби дефициталда рагIула


Балугълъиялде рахарал ва хIалтIулел гьечIел гIадамазухъа социялияб мухь боси тIадаблъун гьабизе рес буго Россиялда. Гьелдалъун формалияб гуреб хIалтIул гьоркьолъаби тIагIинаризе ракIалда буго Россиялъул ЗахIматалъул министерлъиялда. Гьеб идараялъ лъазабухъе, улкаялда 15 миллионалдаса цIикIкIун чи вуго къотIи-къай гьечIогон хIалтIулел. ЦIакъго гIемер формалияб гуреб хIалалъ хIалтIудалъун хьезаруразул къадар бугеб регионазул цояблъун кколеб буго Дагъистан.

Формалияб гуреб хIалалъ хIалтIулез Россиялъул экономикаялъе кIудияб зарал гьабулин, гьединал хIалтIул гьоркьолъабазда данде къеркьеялъе тIолго регионазда къотIи-къай гьечIого хIалтIулел тIатинаризе тIадкъай букIана, амма гIицIго 279 азарго чи гурони тIолго улкаялда кIун гьечIо легалияб куцалде руссинаризе. Дагъистаналда 2015 сон байбихьаралдаса гIицIго 1140 чи гурого ватун гьечIо легалияб гуреб хIалалъ хIалтIулел. Дагъистаналъул ЗахIматалъул министерлъиялъ баян гьабухъе, жакъа къоялде официалияб куцалъ хIалтIи гьечIеллъун рикIкIарал 150 азарго чи вуго республикаялда. Гьебго заманаялъ формалияб гуреб хIалалъ хIалтIулезул къадар лъидаго лъалеб гьечIо.

Аслияб куцалъ формалияб гуреб хIалалъ хIалтIулел кколин гIолилалин рикIкIунеб буго Мусаев Артурица. Гьев кколев вуго минаби ралеб гIуциялъул хIалтIухъан. ТIадегIанаб лъай кьеялъул идараяз цIалуде къабул гьарулеб мехалъ, цIалун рахъиндал хIалтIудалъун хьезариялъул агъаз гьабичIого росулел ругин, амма гьелъул хIасилалда дипломал ругел хIалтIи гьечIел гIадамал цIикIкIунел ругин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Формалияб ва формалияб гуреб хIалтIуда гьоркьоб бугеб батIалъи гIолилазда бичIчIуларин абулеб буго гьес.

Мусаев Артур: «Дир пикруялда, бищун кIудияб гIунгутIилъун ккола гIолилал чIухIулел рукIин гIадатияб хIалтIи гьабизе. Гьелъ киналго экономисталлъун ва юристаллъун цIализе унел руго. Гьединго ккана дирги. Экономистасул диплом буго нахъе лъун, амма гьеб хIажалъичIо дие. БакIал раялъул лъай хIажалъулеб буго гьелдаса. Дица рахъула проектал гIемертIалаял гурел минабазе. Дица дицаго тIалаб гьабизе кколеб буго хIалтIи щвеялъул».

ТIадегIанаб лъай щвеялъул дипломги нахъе лъун, тукабазда, батIи-батIиял гIуцIабазда гьитIинаб персоналалда хIалтIизе унин гIолилалин тIаде жубана гьес.

РетIел бичулеб тукада къойие бичараб къайиялдаса проценталъухъ хIалтIулей йиго Гьарунова Ариза. Араб соналъ лъугIун буго гьелъ Дагъистаналъул пачалихъияб университет. Профессиялда рекъон хIалтIи щвезегIан хIалтIулей йигин жий тукадайилан абулеб буго гIолилалъ. Гьелда бичIчIулеб буго жий формалияб гуреб хIалалъ хIалтIулей йикIин амма гьелъул щибго кIвар бихьуларин жиндайин абулеб буго гьелъ.

Гьарунова Ариза: «ЦIализе лъугьунаго юридикияб факультет бищун престиж бугеблъун бихьана дида. Гьелдаго цадахъ юридикияб лъаялда рекъон, хIалтIиги щвелин кколаан, амма цIалун яхъиндал бичIчIана хIалтIи щвезе бигьаяб иш гьечIолъи. ГьабсагIат тукада хIалтIи буго гIодой йикIун йикIинчIого гьабулеб иш. ХIалтIи гIарац гьечIогон ва лъай-хъваялдаса гурого щоларелъи бичIчIула дида, гьединлъидал дадаца кумек гьабулин абухъего, балагьизегIан чIун йиго».

Дагъистаналда бищун тIиритIарал вакансияби кколин официантал, ричарухъаби, кассирал, мебель бакIарулел чагIийилан баян гьабулеб буго «Тролль» абураб рекрутингалъул компаниялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадгIумаровас. ХIалтIи бугин, амма хIалтIизе бокьарал дагь ругин рикIкIунеб буго гьес. ГIадамазе гIемер гIарацги дагь хIалтIиги бугеб бакI къваригIун букIунила.

МухIамад МухIамадгIумаров: « Нижего жанисеб статистикаялъул хал гьабун абунани, нижехъе рачIарал вакансиябазул 60 процент къачIогон хутIула. Гьелъул магIна ккола гIадамал рачIунин хIалтIи къварагIун, амма гьел данде кколарин абулеб. ХIалтIи къваригIаразул тIокIрорчIарал тIалабал рукIуна хIалтIудехун. Гьебго заманаялъ, хIалтIи кьолезул тIалабал тIокIрорчIарал рукIунаро, гьез жидерго ресазе обективияб къимат кьола. ХIалтIи балагьулезда жидерго ресазе объективияб къимат кьун бажаруларо. Гьезул цIакъго тIокIрорчIарал тIалабал хIалтIудехунги цIакъго гIодорегIанисел тIалабал жидерго квалификациялдехунги рукIуна».

Бищун дагьалдасан, битIун гIуцIараб калам ва гъалатIал риччачIогон хъвадаризе лъаларел гIадамал рукIунин, гьел хисизе хIадурги рукIунарин тIаде жубана МухIамадгIумаровас.

МухIамадгIумаровасул пикругун рази вуго бизнесчи ГIарип МухIамадов. Гьев ккола лъималазул ах ва хIухьбахъи гьабулеб гIуцIиялъул бетIергьан. ХалтIи къваригIун рачIарал гIадамазе цIикIкIараб харж ва жидедаса дагьал тIалабал хIажат рукIунин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ГIарип МухIамадов: «Аслияб квекIен ккола хIалтIи къваригIун вачIарав чиясул жиндехунго тIалабал гьечIолъи, масала тарбия кьолей чIужулъун йосизе ячIарай гIаданалда дагьаблъун бихьулеб буго 15 азарго гъурущ харж. Гьебго заманаялъ, гьелда лъалеб гьечIо компьютергун ва цогидаб цебетIураб техникагун хIалтIизе. ЦIализеги бокьун гьечIо. Гьадинго, щибго гьабичIого гIарац къваригIун буго. Дица абилаан, цIализе лъугьунаго кIвар кьейин кинаб специализация хIажат бугеб жакъаяли. Масала, лъикIал технологал, инженерал, программистал гIемер гьечIо».

Формалиял гурел хIалтIул гьоркьолъаби тIагIине кканани, экономикаялъул секторалда ругел хIажатазда рекъон гурого бегьуларин тIадегIанаб лай кьеялъул система гIуцIизейин абулеб буго бизнесчияс.

XS
SM
MD
LG