Гендерил тоннель рагьиялъул тадбиралдt щвана Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялъул нухмалъулев Александр Хлопонин ва гьеб бутIаялъул киналго регионазул бутIрул (цохIо Чечанлъиялъул бетIер вукIинчIо).
Чанги нухалъ Генуб росдалчагIи рахъулел рукIана митингалгун пикетазде тоннель рагьеян. Гьез абулеб букIана тоннел гьечIолъиялъ жидее зарал ккезабулеб бугилан. РосдалчагIаз магIищат гьабулаан гIеч-пихъ бичун ва тоннель къаялъ гьезие захIмалъана жидерго бизнес бачине.
Жибго тоннель бахъизе байбихьун букIана 30 соналъ цебе. Жанисел хIалтIаби гьаричIого тун рукIана ва гьел хIалтIаби гьаризе байбихьана 2007 соналда ва гьелдаса нахъе исаналъагIан халатрахъана. Гьелдалъун магIарул ичIго мухъазде унезе нухги халалъана чанго сагIаталъ.
Тоннель къачIаялъе пачалихъалъ бичан букIана 9 миллиардалдаса цIикIкIун гъурущ. Гьеб гIарац хвезабуна тоннелалъуб канлъи гьабизеги, сигнализациягун телефоналъул бухьен чIезабизеги, видео-камераби ва кондиционерал лъезеги. Гьединго тоннелалда лъун буго сейсмологияб лаборатория. Гьебги хIалтIизабун ракьбагъираязул хал-шал гьабизе ракIалда буго гIалимчагIазда.
Гендерил тоннел ккола Россиялда бищун халатаблъун – ункъо километрги бащадабги. Тоннелалъул гIаблъи бащалъула анькго метралда, борхалъи – щуго метралда.
Тоннель къачIаялда тIад хIалтIулеб букIана «Мостоотряд-99» абураб фирма. Гьеб фирмадул хважаинлъун ккола «Сумма-групп» компания. РакIалде щвезабила, гьеб компаниялъул нухмалъулевлъун ккола магIарул миллиардер Зиявудин МухIамадов.
Тоннель рагьиялъул тадбиралда Хлопониница абуна мугIрузул ракьал церетIезариялъе квербакъизе бугин тоннелъ илан. Республикаялъул нухмалъулесни абуна жиндир ракIчIун бугин тоннель рагьиялъ нус-нус азар дагъистаниязул гIумру цIияб, лъикIаб даражаялде бахинабилин.
Хунзахъ мухъалъул бетIер ХIажияв Дарбишевас абуна магIаралуз гIемер мех банин тоннель рагьиялдаги балагьун чIун.
«ЦIикъачIараб тоннель евростандартияблъун бугин абизе бегьула ва гьелдалъун магIарухъ унезе нух чанги нухалъ дагьлъана. Гъарабудахкент ва Лаваша мухъаздаса унаго нухда чанги сагIат балаан, гьелдалъун пихъ бичизеги росдалчагIазе захIмалъулеб букIана», - ян абуна Дарбишевас.
Генуб росдал бегавул ГIалиасхIаб МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе абуна тоннель къачIаялъул рахъалдасан гьабураб хIалтIуда чIвазе гIайиб гьечIин цохIого цо гьеб цIацIан бачун букIин гурони.
ГIалиасхIаб МухIамадов: «Цо Унсоколо мухъалъе гурбеги гендериязеги рагьараб тоннель гуро гьеб, магIаруллъиялъе рагьараб буго. Дагьаб жойщи гIадмазул букIунеб нухдаса бачунеб. Гьединго нухазда кколелщинал лъугьа-бахъиналги дагьлъила лабцIунцин. Кинабго рахъалъан лъикI гьабураб тоннель буго гьеб. Цодагьго халатго гьабун букIиналда гурони, гьабураб хIалтIуда гIайиб чIвазе бакI гьечIо».
КIиабилеб октябралда Дагъистаналда щвана Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведев. Гьевгун цадахъ МахIачхъалаялъул Ленинил цIаралдлаъун бугеб майданлда рещтIараб вертолеталдаса къватIире рачIана чанги федералияв министрги.
МахIачхъалаялда Шималияб Кавказалъул социалиябгун-экономикияб цебетIеялда хурхараб данделъи бачана Медведевас. Данедлъиялда борхана кIиго аслияб тема – лъай кьей ва сахлъи цIуни.
Данделъи байбихьилелдаго Медведев гIахьаллъана Дагъистаналъул медикияб академиялъул гIелмияб шураялъул гургинаб столалда.