Ссылки для упрощенного доступа

Щиб абилеб парламенталъ?


Дагъистаналда республикаялъул нухмалъулев вищизе кколеб къагIидаялда хурхун бахIсал гьоркьоса къотIулел гьечIо. Хамиз къоялъ, 18 апрелалда Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалда гьоркьоб лъезе буго республикаялъул нухмалъулев вищулеб къагIидаялъул суал. ХIукму гьабизе буго нухмалъулев халкъалъищ вищизе кколев, парламенталъищ абураб суалалда хурхун. Гьеб суалалда хурхун дагъистанияз батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго.

ЖамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадил пикруялда рекъон, гьабсагIаталда Дагъистаналда ритIухъал рищиял тIоритIизе рес гьечIо. ГьанжелъагIан чанго соналъ гьарурал батIи-батIиял рищиязул цонигиял рукIинчIо ритIухъал, гьалги рукIине гьечIо абун рикIкIунеб буго гьес.

Набиев ГIисалмахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Набиев ГIисалмахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Набиев ГIисалмухIамад: «Дица рахъ ккола парламенталъул рищиязул. Парламенталъ вищи абураб жоялъул магIна буго Россиялъул президентас вихьизави абураб жо. Щайгурелъул, В. Путинил тIалабалдаса кьурараб парламент Россиялъул цониги регионалда букIинчIо ва букIине рес гьечIо. Дагъистаналда жеги унго-унгоял тIолгохалкъалъул рищиял рукIинчIо. Дун кидаго гьел рищиязда гъорлъ гIахьаллъула халгьабулев чи хIисабалда ва щибаб нухалъ рихьула гьарулел мекълъаби.

БакIалъулал территориалиял комиссиязда руго районазул ва шагьаразул нухмулъулез тарал чагIи. Гьез хъвазе буго жидее бокьараб процент протоколалда. Хадуб цониги диваналъ гьелъул халгьабун иш рагIалде бахъинабуларо, гьеб гьанжелъагIан бихьана. ГIабдулатIипов гурев, гьесдаса щуго-анцIго нухалъ къуватав нухмалъулесеги гьебго жо букIин буго. Гьанже заманалда ритIухъал рищиял тIоритIизе рес гьечIо».

Журналист МухIамадов Бияхъайицаги гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабулеб буго. Гьев божулев гьечIо гьабсагIаталда бугеб рищиязул системаялда ва Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда ритIухъав нухмалъулев тIолгохалкъалъ вищун нухмалъуде щвеялда.


МахIамадов Биахъай, журналист
МахIамадов Биахъай, журналист
Бияхъай МухIамадов: «Дица тIолгохалкъалъул рищиязул рахъ ккола, амма Рамазан ГIабдулатIипов хутIун, гьенир гьанже тIалъиялда ругел депутатал, шагьаразул ва мухъазул нухмалъулел, хIукуматалда ругел ва цоги политикал гIахьаллъичIого. Щайгурелъул гьел киналго руго криминалалда хурхарал, цере ратаниги, гьанже ругониги криминалалда гъорлъ журарал чагIи. Москваялъ лъазабуни муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезда рищиязда гъорлъ журан квал-квал гьабугеян, гьебмехалъ Р. ГIабдулатIипов бергьизе рес буго, нагагь гьел риччантани, гьев къезе вуго, щайгурелъул бакIалъулал рищиязул комиссиязда гьезул чагIи руго».

ЖамгIияв хIаракатчи Расулов Русланица рикIкIунеб буго тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе кколин, щайгурелъул гьеб кколин нилъер киназего Конституциялъ кьураб ихтияр ва гьелдаса нилъ махIрум гьаризе ихтияр гьечIин Халкъияб Мажлисалъул.

Расулов Руслан: «Цо-цояз абулеб буго дагъистаниял жеги политикияб рахъалъ кIудиял гIун гьечIин жидецаго нухмалъулев вищизе. Гьеб жо гьереси буго. Дагъистаналда демократиял принципал рукIана кидаго, тарихалъ гьелъие нугIлъи гьабулеб буго. Дагъистаналда кидаго рукIана эркенал, жидецаго жидее нухмалъи бищулел жамагIатал. Гьеб заманалда тIолго Россиялда лагълъи букIана. Хадуб Россиялъ Кавказ квегъарабго махIрум гьарурал нилъ демократиялдаса, гьелдаса нахъе Совет пачалихъалъул заманалъги букIинчIо демократия. Гьанже киса-кибего гьеб биччараб мехалъ нилъеда бичIчIизабулеб буго нужеда кIоларин нухмалъулев вищизе. Гьеб жо буго дагъистаниязда тIад лъураб бугьтан».

Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабулеб буго адвокат Къадиев Расулицаги. Гьесул пикруялда рекъон, Халкъияб Мажлисалъул ихтияр гьечIо нилъ рищияздаса махIрум гьаризе, гьез къанун хвезабулеб буго.

Къадиев Расул, адвокат, блогер
Къадиев Расул, адвокат, блогер
Къадиев Расул: «Халкъияб Мажлисалъ жидецаго нухмалъулев вищизе рес кьолеб къанун къабул гьабуни, гьеб мекъи буго, щайгурелъул, гьел депутатазул гьедигIанасел ихтиярал гьечIо. Гьел нилъеца рищун рукIана 20II соналъул марталда. Доб мехалда я халкъалъул, я гьел нилъеца рищулел депутатазул ихтияр букIинчIо регионалъул нухмалъулев вищизе ва нилъеца гьезухъе гьел ихтиярал кьезе рес букIинчIо. Нилъеда балъголъи лъаларо гурии. ГьабсагIаталда Халкъияб Мажлисалъ нилъер ихтиярал хвезарулел руго. Къокъго абуни, дица пуланав чиясухъе кьолеб буго дир машина бачине ихтирал, амма гьеб бичизе ихтияр кьолеб гьечIо. Гьеб кIиябго батIи-батIияб жо буго».

Шималияб кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Гереев Русланица бицана гьанжелъагIан букIараб системаялъул рахъ кколин жинца.

Руслан Гереев, журналист
Руслан Гереев, журналист
Гереев Руслан: «Дун кинал ратаниги рищиязда данде вуго, дица рахъ ккола Москваялъ вихьизавиялъул. Щайгурелъул, анцI-анцI соназ пачалихъияб тIалъи махIцун буго Дагъистаналда ва гьадинаб республикаялда гIадамазул киналгIаги рищиязул ихтиярал цIунизе гьечIо тIалъиялъ. КIиабизеги, гьабсагIаталда кинабгIаги божилъи гьечIо халкъалъул рищиязул процессалде. Нилъеда киназдаго ракIалда буго Россиялъул президент вищулаго Тарумовкаялда букIанаб хIужа. Гьениб видеокамераялъ бихьизабун букIана щалали лъаларел гIадамаз гIемерал бюллетенал реххулеб куц.

Ихтиярал цIунулел идарабазул рахъалдаса щибниги гали лъечIо гьенир гIайибиял тамихIалде цIаялда хурхун. Кин нилъеца гьединаб система бугеб мехалда гьанир рищиял тIоритIилел? Щай Халкъияб Мажлисалъ рищиялда данде вугев абун цIехани, гьенир руго гьелго чагIи гьаниб гьаб система гIуцIарал. Халкъияб мажлисалда щибниги халкъияб жо гьечIо. Цониги халкъалъ вищарав, ялъуни парламенталъ вищарав чияс жаваб кьечIо къануналда цебе гьес гьарурар такъсиразухъ. Федералияб тIалъиялъ вихьизавурав чияс гьезда цебегIаги жаваб кьез ккола».

Гьединал пикраби загьир гьаруна дагъистанияз республикаялъул нухмалъулев вищулеб къагIидаялда хурхун.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG