Адвокат Исрапил Гададовасул рагΙабазда рекъон 12 сентябралда МахΙачхъалаялъул Советский мухъалъул диванханаялъ Малик Гъамбулатовасда изну гьечΙого ярагъ цΙуниялъул гΙайиб тΙад чΙезарулел гΙурал далилал гьечΙинги абун, гьев эркен гьавизе хΙукму къотΙун букΙун буго. Амма гΙайиб гΙунтΙизабулеб рахъалъул гьариялда рекъон Гъамбулатов туснахъалдаго тезе хΙукму къотΙун буго ахиралда диванханаялъ.
Исрапил Гададов: «Цин гьесде Россиялъул такъсиралъухъ тамихΙ бихьизабиялъул кодексалъул 222 бутΙаялда рекъон гΙайиб гΙунтизабун букΙана. Гьеб ккола изну гьечΙого ярагъ босиялъухъ, бичиялъухъ, цΙуниялъухъ тамихΙ бихьизабулеб бутΙа. Амма диванчияс гьеб гΙайиб тΙадчΙезабулел далилал гьечΙин гΙураб къагΙидаялъинги абун Малик Гъамбулатов къватΙиве виччазе хΙукму къотΙаниги , гΙайиб гΙунтΙулес гьес къватΙиве виччани захΙматал такъсирал гьаризе рес бугин, гьединлъиядал Гъамбулатов туснахъ гьавунго тейилан абуна. Диванчиги гьесухъ гΙенеккана».
Адвокатас бицухъе кΙиго къоялдасан къуваталъул идараб Малик Гъамбулатовасде изну гьечΙого яргъид гΙуцΙаразе кумек гьабулеб букΙанини абун гΙайиб гΙунтΙизабун буго. МахΙачхъалаялъул изнугьечΙого яргъид гΙуцΙаразул бетΙерлъун рикΙкΙунев гьесул вац АрслангΙали вукΙиналъ гьабулеб бугин гьесде гьеб гΙайиб рикΙкΙунеб буго Гададовас.
Исрапил Гададов: «Диванханалдасанго вачун анна гьев МахΙачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полицилде. Гьесухъе дунги виччачΙо, къватΙиве гьевги виччалищха. Гьелдаса нахъисеб къоялъ гьесде изну гьечΙого яргъид гΙуцΙаразе кумек гьабулеб букΙанин абун гΙайиб гΙунтΙизабуна. Диванханаялъги, гΙайиб гΙунтΙизабулезги хΙалтΙи къануналде данде кколаредухъ гьабулеб буго Щай гурелъул дица Гъамбулатовас такъсир гьабизе бегьулин абиялъул магΙна щибин, гьев жеги киданиги туснахъалда вукΙинчΙин, гьеб хΙинкъи букΙиналъе киналниги гΙиллаби гьечΙин абидал дие жаваб щвечΙо. Гьеб гуребги дун адвокат вукΙаниги дида вихьизе течΙо гьев, гьеб ккола инсанасул ихтиярал хвезаби. Гьанже диванханаялъул хΙукмуялда рекъон, гьесул ишалда сверун цΙех-рех лъугΙизегΙан моцΙица туснахъ гьавун вуго Маликъ Гъамбулатов. Гьеб моцΙ бугоха цΙех-рех чагΙазе гьесда гΙайиб чΙезабизеги дие гьев гΙайибияв гьечΙолъи бихьизабизеги.
Гададовас «Эркенлъи» радиоялъулгун букΙараб гара-чΙвариялда бицана жинда Гъамбулатовасул вац щивалицин лъаларила, гьесда гΙайиб букΙунилан абун гьесул гΙагарлъиялъе тамихΙ гьаби гьеб мекъаб иш бугин. Гьединго къуватазул идарабазе Малик Гъамбулатовасухъа жиндирго вацасда хурхун баянал щвезе къваригΙигΙун букΙиналъ ккун ватизе бегьулин гьевилаги рикΙкΙунеб буго адвокатас.
Гъамбулатовазул эбел Жувайриятица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеда бичΙчΙулеб бугила Малик вацасе гΙоло туснахъ гьавун вукΙин.
Жувайрият Гъамбулатова: «Дир гьитΙинав вас кив вугевалицин лъаларо дида. Гьев лъагΙалица вихьичΙо нижеда. Лъидаго щибгоги абичΙого тΙагΙана гьев рокъоса. ЧΙаго-вугищ гьечΙищалицин лъаларо нижеда гьев. Гьев изнугьечΙого ярггъидгΙуцΙаразул бетΙер вугин абулеб буго полициялъ, дида гьебги лъаларо. Амма ракΙчΙун абизе кΙола Маликиде гΙайибал гΙадада гΙунтΙихарулел рукΙин. Гьев жиндирго хΙалтΙуде вуссун гурев тΙокΙаб жоялде регΙарав чиги гуро. ГΙадамаздаги лъала гьеб, лъалеб букΙинчΙебани гьесулги нижерги рахъ ккун бащадаб росуйищ нижер митингалде рачΙинел рукΙарал. Гьениб полициялъ гьабуралдаса хадубги ракΙ буссана дир гьездаса. Гьебги гьелда релълъарал цойгидал ишазгиха халкъалда рихун бугеб полиция. Дир вас гьез абухъе рохьилазулъ ватани гьелъиеги цо гΙилла букΙун батила, жамгΙияталъулги гΙайиб буго гьелъулъ»
РакΙалде щвезабилин полициялъ Малик Гъамбулатов ккун хадуб Ι2 сентябралда гьесул росуцоял ва гΙагарлъи республикаялъул прокуратураялда цере ракΙарун рукΙана. Гьеб митингалда полициялъулгун ккараб тунка-гΙусиялъул хΙасилалда 75 чи тамихΙалде цΙана. Гьезда гьоркьоса 4 ясда тΙад такъсиргьабиялъул иш гьабун буго 71 чи 10 гъурущ гΙакΙаги къотΙун тана.