Гьеб ккола халкъалъ гьаркьалги кьун жидеего нухмалъулев вищи ялъуни гьединаб хIукму гьабизе ихтияр бакIалъул парламенталъухъе кьей. Гьелда бан гIуцIараб къануналъул проект Думаялъ къабул гьабун буго тIоцебесеб цIалиялда, 403 депутатги разилъун. 10 чи гурони дандеги вукIун гьечIо. Гьелдалъун Думаялъ хIучч цIалеб бугин гъоркьисала улкаялъул президентлъун вукIаго Дмитрий Медведевас гьабураб хIукмуялдайин абураб пикру буго гьелда тIасан. Гьеб мехалда Медведев сабаблъун депутатаз къабул гьабун букIана улкаялъул регионазул нухмалъулел халкъалъ рищизе изну кьолеб къануналъул проект.
Гьеб пикру Думаялъул депутатазул гуреб, гьабсагIаталда улкаялда бугеб тIалъиялъул пикру бугин, гьединлъидал улкаялъул жакъасеб тIалъиги цо-цо регионазул нухмалъулезда хадур унел ругин кIалъана проект гьоркьоб лъедал коммунистазул депутат Анатолий Локоть. I990 соназул байбихьуда жидеего бокьанагIан суверенитет босизе риччарал регионал ракIалде щолел руго гьесда.
Дагъистаналда гьеб къанун кин хIалтIизабилебали политолог ва жамгIияв хIаракатчи Денга Халидовас ЭР-ялъе гьадин бицана.
Денга Халидов: "Цо рахъалъ халкъалдаги гьечIо божилъи, парламенталдаги гьечIо. Америкаялда буго выборщиказул система. Дир хIисабалда, нилъер шартIазда рекъон билълъанхъизабизе ккола гьединаб къагIида. Рищиязда гIахьаллъулел кандидатазда цереги лъезе кколаха цIакъго кьварарал тIалабал - криминалалъулгун кинабгIаги бухьен гьабунгутIизе ва гьелда релълъараб цогидаб... Амма нилъер гьаниб гьез бокьа-бокьараб жоги бицун жидеего пропаганда гьабулеб буго. Халкъалъ тIаса рищизе ккола выборщикал. Гьел ккола бищун жамагIаталъ божилъи гьабулел, гIакълу бугел чагIи, Дагъистаналъул халкъазул вакилзаби гIадал чагIи. Дагъистаналда гьезул чанго нусго чи ватизе рес буго.
Цо заманалда Дагъистаналда букIана Конституциялъул шура абураб, 250 чиги гIахьаллъулеб идара. Нижерго ГIахьвахъ мухъалдаса дунги вукIана гьениве вакил гьавун. Гьеле гьединал - Дагъистаналъул халкъазул съезд батаниги, Конституциялъул шура батаниги - гьезда цере рахъун чIезе ккола рищиязда гIахьаллъизе рес бугел чагIи, моцIалъгIаги пропагандаги гьабун. Гьале гьабги гьабизе буго, гьале гьадинал ресалги ругилан бицине ккола гьез. Амма гьерсалги рицуна гьез. ГIадамалги бигьаго божула. БожичIони, гIарацги "хIалтIизабула". Выборщикал рукIине кколаха халкъ божулел чагIи - Къуръаналда гьедизеги гьедун, гьересиги бицинарин, халкъалъе къваригIараб куцалда гьаркьалги кьелилан абулел. Гьезул 300 яги 500 чи вукIаниги гIола. Гьеле гьез вищизе ккола президент".
Гьелда цадахъго Денга Халидовас рикIкIунеб буго цебе Дагъистаналда букIараб Пачалихъияб Шура гIадаб идараги бищизе кколин, гьелда гъорлъе унел чагIи рукIине кколин вице-президентал гIадал чагIи. Доб мехалда гIемерисез абулаан щибаб миллаталдаса вакилзаби рищараб гьеб идара чIалгIаде гIуцIараб жо бугин, гьезда бараб жоги щибниги букIунарин нухмалъи гьабиялъе. Амма Халидовасда лъикIаблъун бихьулеб буго гьеб къагIида.