Ссылки для упрощенного доступа

Пачалихъияб пресса ва конкуренция


«Нилъеца хIалтIи гьабизе ккола цадахъ рекъон ва хIажатаб информация халкъалъухъе щолеб куцалда. Гьелдаго цадахъ, пачалихъияллъун кколел СМИяз гьабулеб хIалтIиги гIемерго хисизабизе ва цIияб къагIидаялъ гIуцIизе ккола. Нилъеда бихьулеб буго пачалихъияллъун кколел газетазулгун журналазул хIалтIи хашлъун букIин ва гьелъие мисаллъун бачине бегьула тиражал тIадеялдаса тIаде гIодоре кколел рукIин», - ян абуна республикаялъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас республикаялъул газетазулгун журналазул ва радио-телевидениялъул нухмалъулелги ахIун тIобитIараб данделъиялда.

Хизри ШихсагIидовас бицухъе, гьаб ахираб анкьго соналда жаниб СМИязе пачалихъалъ гьабулеб кумек гIемерго цIикIкIун рагIула ва исана гьезда тIад харж гьабизе буго 218, 9 миллион гъурущ. Гьедин бугониги, жиндир заманалда ва хехго цIалдолезухъе информация щвезабиялъул рахъ рекъдулеб бугила.
«Электронниял СМИязде дандеккун пачалихъиял газетазда тIад гьабулеб харж ункъо нухалъ цIикIкIараб бугониги, гIемерисел газеталгун журналал руго цебегосеб, гIадатлъун батараб къагIидаялъ хIалтIулел. Масала, гIемерисез пикруго гьабулеб гьечIо жидерго интернет-сайтал гIуцIиялъул, социалиял мухъал церетIезариялъул.

Миллиял мацIазда рахъулел газетазе гуребги гьебго унти хасиятаблъун буго «Дагъистанская правда» газеталъеги. Араб гIасруялъул 90-абилел соназда гьелъул тираж 160 азарго букIун батани, жакъа гьеб анкьазаргоялде ккун буго. ГIолилазул къадар цIикIкIараб регионлъун рикIкIуна Дагъистан. Амма «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул тираж кIиазарго гурони гьечIо. Коми республикаялдацин гIолилазе биччалеб газеталъул тираж 12 азарго бугеб мехалда», - ян абун кIалъана республикаялъул парламенталъул спикер.

Гьесул рагIабазда рекъон, чара гьечIого хIажат рагIула СМИязде гIолилал хIалтIизе росиялде кIвар кьезе. Щайгурелъулила, газетаздагун журналазда хIалтIулезул гIемерисел ругила ригьалде рахарал чагIи.

Гьайгьай, газеталгун журналазда 10-20 ва жеги цIикIкIун соназ хIалтIулел нухмалъулезда гIезегIан лъикI лъала церечIарал масъалабиги, ругел гIунгутIабиги. Амма мина базе ккани бищун аслияблъун ккола щулияб кьучI лъей. Гьеб кьучI лъеялъе харж гьабизе ккола гIарацги. Хизри ШихсагIидовасин абуни, данделъиялда бачIинахъего абуна материалияб рахъалъул бициналде цин газетазда макъалаби кьеялъул ва республикаялда унел ругел хиса-басиязулъ гьезул кинаб бутIа бугебали бицине.

Щибха гьелъул магIна: нужее кьолеб мукъсанабго гIарцухъ, ай мухбирасе щолеб 10 азарго гъурщихъ, нуж цIияб къагIидаялъ ва лъикI хIалтIизе кколин абурабищ? Гьеб суал кьуна нижеца рехсараб данделъиялда гIахьаллъи гьабурав Дагъистаналъул журналистазул гIуцIиялъул нухмалъулев, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор Камалов ГIалие.

Камалов ГIали: «Цогидал республикабазде дандеккун жакъа Дагъистаналда букIине кколеб куцалда идеологиялъулаб хIалтIи гьабизе ккани, гIемерго захIмат буго. Мадугьалихъ ругел чачаназул, асетIиназул, гъарачаязулгун черкесазул, кабардиназулгун балкаразул ва цогидал миллатазул газетазул хIалтIул бицунеб мехалда, нилъер газетазул бицине ккола дагьаб батIайисан. Нилъер республикаялда буго, цогидал информациялъулал алатазул бицинчIого, 14 миллияб мацIалда риччалел газеталгун журналал. Дол республикабазда буго цо ялъуни кIиго мацIалда риччалел газетал. Гьединлъидал, Дагъистаналъул газетаздагун журналазда тIад гьарулел харжал гIемерго цIикIкIунел руго. ГIарцул суал борхани, бугеб ресалда рекъон хIукуматалъ кумек гьабулеб буго.

Гьединлъидал, цебе лъолеб суал буго бугеб ресалда рекъонгIаги хIалтIизе ккелин абураб. Нилъ ругьунлъун руго кьейилан абизе, жидецаго гьабулеб хIалтIул букIине кколедухъ тIалаб гьабулеб гьечIо. Хизри ШихсагIидовасги абулеб буго нужерго жаниселин абулел ресаздасагIаги битIун пайда босизе ругьунлъизе заман щванин. КIиабизе, республикаялъул президентас хIаракат бахъулеб буго ругел гIунгутIаби къватIир чIвазаризе, церечIарал захIмалъабаздаса рорчIиялъе нух балагьизе. Гьеб рахъалъ кумек ва квербакъи гьабизе ккола щивав чияс, газетазул хIалтIухъабаз. Гьеб иш тIубазабизейин абуни газетазул редакцияби хIадурго гьечIо. Бугеб гIунгутIи бихьизабизе хIинкъулел руго, хIалтIи гьабулеб буго жидерго мурадазе гIоло, цIунулел руго жидерго гIагарлъиги миллатцоялги.

Гьединлъидал, рачIайин нилъеца гьелъул бицине, ругел гIунгутIаби къватIир чIвазаризейин абураб магIна букIана Х. ШихсагIидовасул каламалъул аслияб мурадги».

ЭР: «Данделъиялда кIалъалаго республикаялъул спикерас бихьизабуна газетазул редакциязда хIалтIулел журналистазул гIемерисел ригьалде рахарал рукIин ва гьенире гIолохъаби цIаялъе хIалтIи гьабизе кколеблъи. 10-15 азарго гъурщихъ рачIине ругелищха гIолохъаби газетазде хIалтIизе»?

Камалов ГIали: «ТIоцебесеб иргаялда, хIалтIизе вачIунев чи вукIине ккола лъай бугев. Лъай бугев чийин абуни 10-15 азарго гъурщихъ хIалтIуларо. Редакциязда хIалтIулезулги цо даража букIунарелъул, нижеда абулеб буго лъикI хIалтIулесе мухь цIикIкIун кьейилан, хIалтIуларесе дагь кьейилан, ай гьеб иш нужеца жанибго рекъезабейилан. Гьедин гьабулебги букIана, масала, дица. ХIукуматалъ гьединаб ихтияр кьолеб буго. Информациялъулгун печаталъул министрас абулеб буго гьеб законалда данде кколарилан. Законалда рекъон цого харж кьезе кколеб буго ракIбацIцIадго хIалтIулесеги тIаса-масаго хIалтIи гьабулесеги. Гьединго, министрас мисалалъе бачунеб буго гьадинаб хIужа: редакциялда хIалтIулев ункъо чияс, ай редакторас, заместителас, жавабияв секретарас ва бетIерав бухгалтерас босулеб бугила тIолабго харжалъул 50 процент. Гьединлъидал, щивав нухмалъулев ургъизе ккола гьеб хIал роцIцIинабиялда тIад.

КIиабизе, щибаб районалъул буго жиде-жидер газета. Щибаб газеталда хIалтIулел руго 8-10 чи. ХIакъикъаталдайин абуни, гIемерисел бакIазда газета гьабула 2-3 чияс. ХутIарал руго харжалги росун къо аги, сордо агиян абухъе. Гьединлъидал, хIукуматалъги министерствоялъги суал лъолеб буго щивав нухмалъулесул жавабчилъи букIине ккелин абураб. Нилъ капитализмалде рачIун ратани, нухмалъулесул бербалагьиги букIине ккола заманалда рекъараб».

ЭР: «Дагъистаналда пачалихъияллъун рикIкIунел газетаздагун журналазда лъагIалие харж гьабулеб 219 миллионгIанасеб гъурущ республикаялъе гIемераб жойищ кколеб яги…»

Камалов ГIали: «Дир хIисабалда, гьеб буго дагьаб къадар. Идеологиялдехун балагьи гьабизе бегьуларо хайир кьолеб яги кьоларебин абулеб жоялдехун гIадин. Идеологиялъ кумек гьабизе ккола хайир кьолел бутIаби хIалтIизаризе. Гьединлъидал, газетазегун журналазе биччалеб гIарац гIемерго цIикIкIараб букIине ккола. Амма суал буго гьелда рекъон хIалтIизеги ккелин абураб, цебе гIадин гуреб, цIияб къагIидаялъ. Гьеб кин гьабилеб, кинаб нух балагьилеб абураб суал букIана гьеб данделъиялда борхарабги. Гьелъие кьучI лъолеб буго Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ. Гьелъул буго гIезегIан лъикIаб план, лъагIалие ва лъабго лъагIалие хIадур гьабураб программа. Гьеб программа гIумруялде бахъинабизе кIвани, хIакъаб жо, цо-цо газетазул нухмалъулел ине ккезе руго хIалтIудаса, цо-цо газеталгун журналал данде кIутIизе ккела. Гьедин гьабуни журналистазе харжал цIикIкIинаризе рес щвела ва гьелдаго цадахъ хIалтIизе рачIине бокьаралги гIемерлъила».

Данделъиялда борхун букIана газетазулгун журналазул тиражазул суалги. Масала, «Дагъистаналъул правда» ва «Дагъистаналъул гIолилал» газетазул тиражал гIодоре кколел рукIин бихьизабуна гьениб. Гьелъие гIайибияблъунин абуни, «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул нухмалъулев ГIабашилов ГIабашица рехсана редакциялъул хIалтIухъабаз ва редакторас букIине кколеб куцалда хIалтIи гьабичIолъиялъул хIасил кколин гьеб абун.
XS
SM
MD
LG