Унсоколо мухъалъул гIадамазул церегоялдасаго гIарзал рукIана Унсоколо нухал къваридал рукIиналъги, гьенире рахине санагIат гьечIолъиялъги гьеб мухъалъул администрация Шамилхъалаялде бахъизе кколилан. Гьедин дагьалъ цевегIан Унсоколове щварав Дагъистаналъул нухмалъулес квербакъун буго гьелъие.
Унсоколо мухъалъул росабазда гьоркьосеб бакI букIиналъ жидее Шамилхъала кутакалда санагIатаб бакI бугин бицунеб буго ЭР-ялъе Зираниса АхIмад ХIамзатовас.
АхIмад ХIамзатов: «ХъахIабросулъа рачIарал дол цоязеги, Зиранисан рачIарал нижееги, цогидазеги санагIатаб бакI буго Шамилхъала, нижее къваригIунел идарабиги руго гьенир жанир. Доба (Унсоколо) нухазул рахъалъ буго къварилъи – данде машина ккани, нусго-кIинусго метраялъ машина цебе-нахъе кьолел рукIине ккола».
Генуса Париза абулей гIаданалъги гьадин тIаде жубалеб буго.
Париза: «Нухлул санагIалъи гьечIолъи буго гьениб. Бищунго квалквал кколеб жо букIуна (доре тIаде унеб мехалда) хабалазда цересан унелъул данде машина ккей. Цо машинаялъе гурони нух гьечIо гьениб. Гьединго гIемерисеб мехалда рекIине жо щоларо добе. Шамилхъалаялде ине абуни кутакалда санагIалъи буго – гIатIидал нухалги руго».
Имам Шамилил заманалдехун Унсоколо мухъалъул росаби унаан Гъойсубулиялъул жамагIаталда гъорлъе – магIарулаз гьезда нахъахьиндалалин абулаан. ГIурус пачаясул аскаралгун имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь магIарулал рагъулеб мехалда Унсокологи гьелда сверухъ ругел росабиги рукIун руго цIа боркьраб рагъул бакьулълъиялда. Гьеб мехалда имамас гIуцIана Имамат абураб пачалихъ. Унсокологи гьелда гъорлъе унаан. Цинги Гъуниб магIарда рагъ чIезе тараб 1859 соналдаса хадуб гIурус пачаяс Дагъистан бикьана рагъулаб ункъо мухъалде – Шималияб, Гьоркьохъеб, Къилбаялъул рахъалда бугеб, ТIадехун рахъалда бугеб. ТIубараб магIаруллъи унаан Гьоркьохъеб мухъалде, центрлъун Гъунибги гьабун.
Гьеб хIужа ЭР-ялъе гьадин баян гьабулеб буго Унсоколоса тарихчи Ибрагьимов ХIажица.
ХIажи Ибрагьимов: «1864 соналда рагъулал мухъалги риххизарун гьаруна административиял мухъал. Гьедин гьабуна Аварский абураб мухъ. Гьелда гьоркьобе унаан Унсоколо мухъалъул кIиго наиблъи – Унсокологун ГьаракIуни наиблъи. 1884 соналда гьеб кIиялъулго гьабуна Гъойсубулиялъул наиблъи. 1908 соналда пачаясул хIукуматалъ биххизабуна гьеб, гIуцIана Гъойсубулиялъул участок. 1926 соналде щвезегIан гьеб букIана Авар мухъалда гъорлъ. 1928 соналъ мухъалги (округал) риххизарун байбихьана районал гIуцIизе. Гьедин Унсоколо мухъалъул росаби рачана Хунзахъ районалда гъорлъе (цин кантонинги абулаан гьезда). МахIач Дахадаев Унсоколоса кколев вукIиндал, 1935 соналъул 23 январалда гьесул хIурматалда гIуцIана Унсоколо мухъ. Нилъеда лъалаха МахIач Дахадаев советияб заманалда цIияб тIалъиялъул къеркьохъан вукIараблъи. Гьесул цIар кьуна Дагъистаналъул тахшагьаралъеги».
Гьеб мехалда гIуцIараб Унсоколо мухъалда гьоркьобе унаан Хьаргаби мухъалъул Къудукь ва Гумбет мухъалъул Игьали росабиги. 1944 соналда Къудукь росу Хьаргаби мухъалда гъорлъе бачуна.
ХIажи Ибрагьимов: «1960 абилеб соналда хIукуматалъ байбихьана мухъал (районал) цолъизаризе. Гьедин цолъизарун рукIана Хьаргабигун Унсоколо мухъал (центр – Хьаргаби росу). ГIадамазда квеш букIана гьеб. МахIачил ватIаналдаса нахъеги бахъун центр Хьаргаби гьаби. ГIабдулаева Разиятин йикIана росдал бетIер, бажари бугей гIадан. Гьейги цогидалги Москваялде щвезегIанги ун, гьарун, 1964 соналда цIидасан гIуцIана Унсоколо мухъ».
Цо-цояз абулеб буго Унсоколо мухъалъул центр Шамилхъалаялде бахъиялъе гIилла нухал къваридал рукIин гуребги, цойги гIиллаги бугин. КъваригIелалъ Унсоколоре рачIунел цогидал росабалъа гIолохъабазулгун дагIба-рагIиги камулароанин. Гьединал хIужаби нахъчIвазелъун лъураб постги буго гьеб росулъе жанире рачIунеб бакIалда.