МугΙалимзабазе моцΙрол харажал цΙикΙкΙинаризе ккеялъул программа Дагъистаналъул хΙукуматалъ къабул гьабун букΙана марталъул Ι5 къоялдаго. Гьелда рекъон Ι0 къоялдаса гьеб хΙукму гΙумруялде бахъинабизеги кколилан хъван буго рехсараб документалда. Марталъул 27 абилеб къоялъ мугΙалимзабазе моцΙрол харж цΙикΙкΙинабизе хΙукму гьабунилан лъазабуна заманалъ Дагъистаналъул лъай кьеялъул министрасул ишал тΙуразарулев ТΙалхΙатов Артурица.
Министрасул рагΙабазда рекъон харж цΙикΙкΙинабизе буго цΙохΙо мактабазда дарсал кьолел мугΙалимзабазе гуребги гьединго гьоркьохъеб махщалил лъай кьолел цΙалул идарабазеги , ясли ахалъул хΙалтΙухъабазегийилан абураб баян кьуна информ алатазе мугΙалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГΙамиродинов МухΙамадица. Гьесго тΙаде жубана мугΙалимасул гьоркьохъеб харж Ι4 азарго гъурущ чΙезабуниги Росссиялда ругел лъайкьеялъул хΙалтΙухъаби кингоги хутΙизе ругин жидер гΙодобегΙанаб хΙалтΙул мухь бугел чагΙилъун.
Гьебго пикру «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна Каспийскалда бугеб анлъабилеб мактабалъул мугΙалимзабазул махщалил цолъиялъул вакил МухΙамадов ГΙамирицаги. Гьабураб хΙалтΙуда рекъраб мухь щолеб гьечΙин жакъа мугΙалимасейилан абураб пикру буго гьесул.
МухΙамадов ГΙамир: «Дида лъала заман мугΙалимасул моцΙрол харж баналъул хΙалтΙухъанасдаса кΙиго нухалъ цΙикΙкΙун букΙараб. Жакъайин абуни банкирасе моцΙалъе мугΙалимасе щолелдаса Ι0 нухалъ цΙикΙкΙараб мухь. Гьединлъидал жакъа мугΙалимасул хΙалтΙи цΙакъ захΙматал шартΙазда буго унеб. Ниж кигΙанги лъикΙ хΙалтΙаниги щиб кьолеб мухь баччараб захΙматалда рекъон щолеб гьечΙони? Дагъистаналда ва улкаялда кибехунго гΙелмуялъул нухалда хΙалтΙулел чагΙазул захΙмат букΙине кколеб куцалда борцунеб гьечΙо. ХΙакъикъаталдайин абуни гьезул захΙматалда бараб буго улкаялъул букΙинесеб. Лъай кьеялда тΙад хΙалтΙулел гΙадамазе кьолеб мухьги гьелда рекъараб ритΙухъаб букΙине ккола».
МухΙамадов ГΙамирица мисалъе бачана Россиялъул централиял регионазда ругел лъай кьеялъул хΙалтΙухъабазе щолеб мухь. Гьеул рагΙабазда рекъон гьезие моцΙалъе щолеб 40 000 саги цΙикΙкΙараб мухь. ГΙумру гьабулеб бакΙалъул рукΙа-рахъиналъул суалазда рекъон кьолеб мухь батилинха гьеб, гьедигΙанасеб мухь гьечΙони гΙумру гьабизе кколарищин гьезилан абидал гьелдаги рази гьечΙо Каспийскалдаса мугΙалим.
МухΙамадов ГΙамир: «Дица абиларо рукΙа-рахъиналъул суал гьезул нилъералдаса батΙияб бугилан. РатΙлихъги кванихъги гьез кьолеб гΙарац нилъералдаса цΙикΙкΙараб гьечΙо. Дун гΙемерал щвана Россиялъул батΙи-батΙиял шагьаразде. Щвана Москваялдеги. Дица абиларо нилъералдаса батΙиял багьаби ругин гьезул дора кванил нигΙматазухъ ва цогидал квегΙенлъабазухъилан. БатΙияб суал буго рикΙкΙадаб севералъул мухъалда ругел гΙадамазул рукΙа-рахъин, гьезул захΙматаб яшав буго хΙакъикъаталдаги. Амма Россиялъул централиял регионаздаги Дагъистаналдги гьоркьоб щибниги батΙалъи гьечΙо рукΙа-рахъиналъул, гьединлъидал гьенир гΙумру гьабун ругезул харжги бащадаб букΙине ккола»
ГьабсагΙаталда шагьаралда ва росабалъ ругел мугΙалимзабазул моцΙрол гьоркьохъеб харж буго 7-8 азарго гъуруш, гьанжего гьанже хΙалтΙизе рачΙарал гΙолохъанал мугΙалимзабазул абуни ункъогун бащдаб азарго гъурущ. Гьанже Ι4 азарго гъуруш щвезе бугилан абураб хабар гΙемерисез хурхинабулеб буго Дагъистаналъул цΙияв нухмалъулев ГΙабдулатΙипов Рамазаница гьабулеб хΙалтΙуда. Гьединазул цояй ккола Каспийскалда бугеб анлъабилеб мактабалъул нухмалъулей Расулова Мадинаги.
Мадина Расулова: «ЦΙияв президентас тΙаде босани рагΙалде бахъинин гьеб суалилан кколаха дида. ЦΙакъ гьитΙинаб харж буго жакъа мугΙалимасул, гΙемерал лъималги руго, гΙемераб хΙалтΙиги буго, цебе гΙадин эбел-инсул кумекги щолеб гьечΙо нижее. Гьединлъидал харж цΙикΙкΙинабизе бугилан абураб хабаралъ кинха рази гьаричΙого рукΙинел. ЦΙакъ кΙудияб хьул буго хΙакъикъаталдаги гьеб гьедин букΙинилан».
Амма кин букΙаниги гΙемерисел тΙуранго божулел гьечΙо Ι4 азарго гъурщиде щвезегΙан харж цΙикΙкΙинабилин абураб жоялда. Гьедин араб 20ΙΙ соналъул декабралдаги букΙана хабар мугΙалимзабазе харж 30 проценталъ цΙикΙкΙинабулеб бугилан, амма гьезул мухь бащадаб къадаралъ гурони эхеде бахун букΙинчΙо доб мехалъ. Гьединлъидал тΙубанго кодобе харж щвечΙого божиларин бицунеб бугеб хабаралдаян мукΙурлъана гΙемерисел мугΙалимзаби.