МахIмудов ХIажимухIамад: «Астраханалда гIагарлъи буго дозул. Цо къо бан буго доз доба. Астраханалдаса чагIаз бицана Дагъистаналдаса лъабго автомобиль цIурал къанун цIунулел рачIун ругила доре. Дозул къанун цIунулез гьезухъе кьун ругила гьел гIолохъаби. Абулеб буго гьабсагIаталда гьел гьанир, Дагъистаналда, хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалда жанир тIамун ругила».
Къанун цIунулез кIвар буссинабизе ккеялъе гIилла гьел гIолохъаби телефоналъ цо пуланал чагIазде кIалъан рати, ялъуни дагьа-макъаб лъай-хъвай букIин батани гурони, квешаб гIамалалъул вассал рукIинчIин, гIодориччарал, лъиениги зарал бугел гIолохъаби рукIинчIин бицана Эркенлъи радиоялъе ХIажимухIамадица.
МахIмудов ХIажимухIамадихъ ругел баяназда рекъон, исана сон байбихьаралдаса нахъе араб бакI лъачIого тIагIаралин тарал дагъистаниязул лъабго чи чIван ватун вуго, 18 чи жанив тIамун вуго гьезухъ ярагъ батанилан гIайибги чIезабун, гьединго лъиданиги лъалеб гьечIо жеги 28 чиясул къисматги.
Гьал къоязда гьез вукъун вуго лага-лага ккун тIу-тIунги ван, вухIун ватарав Батиров Тамерлан абулев гIолохъанчи.
МахIмудов ХIажимухIамад: «Сон-церекъад дова Ленинкенталда ватана гьал хасал хъулухъаз ккун вачун арав гIолохъанчиясул жаназа. ВухIун ватана гьев. Лага-лага ккун вакIарун вукъана нижеца гьев».
Аслияб куцалда дагъистаниязул ихтиярал хIукуматалъ хвезарулел ругин рикIкIунеб буго Сасикьа Абу ГIумарица. Щивниги цоцахъ гIенеккулев чи гьечIила, щивас кьолел ругила буюрухъал, амма цоцазе мутIигIал чагIи гьечIила. Гьединлъидал Абу ГIумарил пикруялда рекъон, Москваялъги Дагъистаналъги - щибалъ жинди-жиндир политика билълъанхъизабулеб буго республикаялда.
Абу ГIумар: «Цоял биххизабулел, цогидал – балел ругоха. Дол хIакимзабазда абизе буго нужецаго гIуцIараб хIукуматалъул къанунал нужецаго цIунейилан. Гьеб мехалда лъала нилъеда гIолохъаби лъица рикъулел ва щай жанир лъолел ругелали. Амма террористалин абун гIолохъабазда цIаралги лъун, жидецаго террор гьабулел ругеб мехалда гъозда щибиланха абилеб? Я Аллагьасул къанун кквезе ккола, яги жидецаго гIуцIараб хIукумат кквезе ккола. Нагагь гъалмагъир гьабуни, гьел чагIи кквезе ккола, диванги гьабизе ккола. Амма гьаниб гьабулеб буго доб рейстагалъ гьабулеб букIараб жо – рикъун, рухIун, чIван».
Дагъистаниязда гьоркьор провокациял гьарун, хасл къуватаз дагъистаниял цоцаде гьусулел ругин бицунеб буго Эркенлъи радиоялъе Абу ГIумарица. Масала, чанго къоялъ цебе Карамахьиб бухIана мажгитги чIван ватана мажгиталъул дибирги. Гьеб такъсир тIарикъатчагIазулгун дагIбаялда рукIунел вагьабиязде рехизе къваригIин букIине бегьулин гьениб гьоркьойин рикIкIуна цо-цояз республикаялда. Амма салафиязда гьоркьов рикIкIунев Абу ГIумарил пикру батIияб буго.
Абу ГIумар: «Бусурбанчияс Аллагьасул рукъ бухIуларо. Гьеб буго капурзабаз гьабураб унго-унгояб провокация. Гьединан гIадамал хъолел, мажгит бухIулеб жо бусурбабаз киданиги гьабуларо».
ПалхIасил, динияб гIаламаталда хурхун дагъистаниязул ихтиярал хвезарулел рукIиналъул суал хас гьабун республикаялъул нухмалъулесда цебе лъезе бокьун буго диниял церехъабазе. Гьедин гьел цин дандчIвана БекIмурзаев БекIмурзагун. Гьев ккола миллияб политикаялъул, диниял суалазул ва къватIисел бухьеназул министр. Астраханалдаса рикъун арал Лъондодаса гIолохъабазулги хабар ккана гьесулгун дандчIваялда. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъарал диниял церехъабазул рагIабазда рекъон, министрасул жаваб батичIо гьелги араб бакI лъачIого къойилго гIадин Дагъистаналда тIагIунел цогидал гIолохъабаздаги тIасан.