Мисалалъе, юридикиял гIелмабазул доктор Шагьрудинил МухIамадие нижеца кьуна суал жакъа республикаялда гIумру гьабун ругел гIадамаз пачалихъиял къануназде мугъчIвай гьабизелъун кинал хиса-басиял гьаруни дуда лъикI бихьулебан. Гьаниб абизе ккола къуваталъул идарабаздехун ва республикаялъул нухмалъиялдехун божилъи хварал гIадамал гьединго божуларо республикаялда хIалтIизарулел пачалихъиял къануназдаги.
Шагьрудинил МухIамадица абуна жакъа къануназде халкъалъ мугъчIвай кинила гьабилеб, гьеб къанун хIадур гьабиялъулъ гIахьалъи гьабулел халкъиял депутаталин цIар кьурал гIадамазда жидедагоцин гьелъул кигIандагьабги бичIчIи гьечIеб мехалъ.
Шагьрудинил МухIамад: "2004 соналда республикаялъул хIукуматалда хIадур гьабулеб букIана лъедасан пайда босулел чагIазе бигьалъаби чIезариялъул программа. Гьелдаса нахъе арал соназда жаниб гьеб хIукмуялда жаниб 24 нухалъ гьаруна хиса -басиял. Ва жеги гаргалелги рукIуна Европаялда, ялъуни Америкаялда гьадин гьабулеб рагIулин, додинаб мисал хIалтIизабулеб бугин абун. Цолъарал Штатазул улкаялдайин абуни 200 соналда жаниб гIицIго 24 нухалъ гьабуна къануналда жаниб хис- баси, гьебги жибго къануналъул аслияб къуват хисизе биччачIого."
Нилъер ругила гьелъул берцинго бичIчIцин гьечIел чагIиян, жубана гьес.
Шагьрудинил МухIамад: «Гьелъул гIилла щиб, гIилла буго бокьа -бокьарав вахьначи лъолев вуго къанунал хIадуриялда тIад хIалтIи гьабизе. РикIкIаде инаро Халкъияб Собраниялъул депутатазухъ хал гьабе хIукмаби цIалулеб мехалъ кидаго цере рахъунел лъабго- ункъо чиги кIалъазавула, хутIаралин абуни рукIуна кьижун щиб, газета цIалулел щиб заман чIвалел. ГьедигIанцин ургъел гьечIеб гIадамалги гьенир рукIун нилъер халкъ кверщаликье ккун буго. Жидеего бокьарав чи вищизе ихтияр, я ресги гьечIо. Цо пуланав гIундулги рекарав чиги гьенив тун гьесие хIелхIедулел хутIун руго».
Шагьрудинил МухIамад жиндирго кIалъаялда гьединго хъатIана жакъа магIарулаз республикаялъул нухмалъиялда жаниб кинаб бакI кколебан абураб суалалдаги :
Шагьрудинил МухIамад: « Миллионалде бахараб нилъер халкъ инжит гьабун, нахъе кьабулеб буго щибниги адаб хIурмат гьечIого. Нилъер гьедин гIодобегIан гьабулеб халкъ гьечIо. Хъулухъалда лъолеб мехалъги лъолев вуго, , я кIалъазе лъаларев, абулеб, я бицунеб рагIул магIнаги гьечIев, жиндихъа хIалтIиги гьабун бажаруларев чи нилъ суризаризе. ТIадежоялъе нилъеда тIадги релъанхъун абулеб буго магIарулазул тезе чиги гьечIин, гьазул иш бажарулев чиги вахъунев гьечIилан. Гьаб кинабгоги дица хъулухъ къваригIун гуро абулеб бугеб, гьеб кинабгоги рекIеда къан гьабулеб калам буго.
Салафияз республикаялда ругел къануназул рахъ кколареб заманалда рес бугиш Дагъистаналда гражданияб жамгIият гIуцIизе. Шагьрудинил МухIамадица рикIкIунеб буго жалго салафияз цере лъурал шартIазухъ хал гьабидал гьезул идеологиялда жаниб гIезегIан магIна бугел, халкъалъе пайда бугел рахъал рихьулин жиндаян.
ХIалбихьи бугев юрист, гIемерал соназ республикаялъул прокуратураялдаги хIалтIарав ГIумаров ГIусманица абуна гьединаб рес букIин гуребги, гьеб рес цебего хIалтIизабизе заман щун бугилан:
ГIумаров ГIусман: «ТIоцебесеб иргаялда халкъалда гьикъизе ккола кинаб жамгIияталда гъоркь гьелъие букIине бокьун бугебан. Дир пикруялда гьабсагIат нилъер республика жеги хIадур гьечIо батIи-батIиял гIуцIабигун гьединал жамгIият гIуцIулебанги абун тIалъигун къеркьезе. Къокъ гьабун абуни гражданияб жамгIияталъул магIна кколаро , батIи-батIиял рикьалабазе къануналъ ихтияр кьун букIонин жиде -жидер позиция ритIухъ гьабизеян абураб. Гьеб букIина мекъаб пикру».
Нижергун гара чIвари гьабуразулгун хабар ккана гьединго салафияздаги республикаялъул тIалъялдаги гьоркьоб рагIидандеккеялъул мисалал рукIаго гьел цойиде рачине кинаб нух гьезда бихьулебан. Жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна ГIумаров ГIусманица.
ГIумаров ГIусман: «Дица абула гьединаб хIажалъи бугилан абун, гьединго гьелъ пайда-хайирги кьелилан, гьеб гьабизе кколиланги рикIкуна. Щай, щайгурелъул щибаб рикьиялъул аналогиялъухъ хал кьабуни, гьез бичIчIизабула жидерго чIван къотIараб пикру. Гьеб гуребги батIи-батIиял пикраби данделъараб мехалъ, гьоба гьоркьоса батIа гьабизе ккола битIараб пикру. Гьеб гьабизе кколеб жо буго. Гьелъие байбихьиги лъун букIана дагьаб цебегIан, нахъойги данделъун гьеб цIи гьабизеги ккола. ГьабсагIаталда Дагъистаналда лъугьун буго хIалуцараб ахIвал-хIал, республикаялда руго хIалтIулел батIи-батIиял къуватал. ТIалъиялъин абуни гьелде кIвар буссинабулеб гьечIо.
Салафияздаги суфияздаги гьоркьор рагIи дандеккеялъе тIоцебесеб гали лъун букIана чанго моцIалъ цеб МахIачхъалялъул аслияб мажгиталда тIобитIараб данделъиялда. КIиябго рахъалдаса чанго вакилзабиги ракIарараб гьеб данделъиялъул хIасилал гьарулаго доб мехалъ абун букIана гьелъ лъикIаб хIасил кьезе бугилан. Амма гIаммаб къагIидаялъ босани жакъа къоялъ лъикIаб рахъалдехун хисараб мисал гьечIо цониги.