Ссылки для упрощенного доступа

Шайихасул хвел: цIодорлъиялъ хвасар гьабула Дагъистан


dagestan / map Карта Дагестан
dagestan / map Карта Дагестан

ЧIикIаб росулъ гьабураб теракталъул хIасилалда, накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар СагIид-афанди чIваялда бан, гIемерисел экспертазгун аналитиказ рикIкIунеб буго, лъил хIалтIи гьеб батаниги, гьеб кколин Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцинабизе бахъулеб жигар.

Масала, гьедин рикIкIунеб буго Россиялъул гIелмабазул академиялъул цивилизациялъулабгун регионалияб бутIаялъул нухмалъулев Кисриев Энверица, Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул директор Гереев Русланица ва цо-цо цогидазги. Гьезул пикруялда рекъон, шайих чIвай рагIула гIезегIан ургъун ва цо хасаб мурадгун гIумруялде бахъинабураб иш.

«Лъалеб букIахъе, гьаб ахираб заманалда салафиталин абулездаги гIадатияб исламалда ругелин рикIкIунездаги гьоркьоб байбихьун букIана гара-чIвариял гьариялъул тадбир. Гьелдаса роххун рукIана республикаялъул бусурбабиги. Амма бихьулеб буго гьединаб гара-чIвари гьаби цо лъие бугониги рекIее гIолеб гьечIолъи ва гьеб иш рагIалде бахъине тезехъин гьечIеблъи», - ян абулеб буго Кисриев Энверица. Гереев Русланил рагIабазда рекъонин абуни, гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцинеги рес рагIула. Амма гьеб хIалуцине гьечIин, хIалуцине ругин абулелги мекъи ругин рикIкIунеб буго информациялъулабгун аналитикияб «Фикр» гIуцIиялъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица.

ГIумаров МухIамадрасул: «СагIид-афанди цевеса унин абун, СагIид-афандил иш чIун гьечIо. СагIид-афандил васиятги, СагIид-афандил тIахьалги, гъосул насихIаталги нилъеда цере руго. Жакъа КIудиясул адаб гьабулев вукIанщинав чияс гъосул насихIатазулги адаб гьабизе ккола. Гъос тарал шайихзабиги, гъос изну кьурал устарзабиги руго, гъосда нахърилълъарал гIалимзабиги руго. Гьез абухъе муридзаби рукIинеги руго. Дир ракIчIараб буго гьезул цонигияс хIалуциналдеги ахIи-хIуралдеги бачине гьечIеблъиялда. Гьелъул гIаксалда, ахIизе руго сабуралдеги, гIодоре риччан, Аллагьасул къадаралда разилъун рукIиналдеги. Гьедин ахIулелги руго».

ГIумаров МухIамадрасулица бицухъе, провокациял гьаризе бокьаралги ккезе бегьулила. Амма муридзабаз гьединал жал гьаризе гьечIила ва КIудиясда нахърилълъунелщинал рази ругила Аллагьасул къадаралда.

ХIакъикъаталдаги, ахIвал-хIал хIалуцине гьечIеблъиялъул пикру загьир гьабуна жамгIияв хIаракатчи ЧиркъатIаса Ибрагьимицаги. Гьес бицухъе, жакъа Дагъистаналда хIалуцин лъугьине бокьаралги бусурбаби гурила, гьединаллъун жинда бихьулила цогидаб къуват, ай лъабабилеб къуватин жинда абулел.

Эксперт Гереев Русланил пикруялда рекъонги, шайих чIвай букIине рес рагIула гьеле гьеб лъабабилеб къуваталъул ишлъун. Гьеле гьеб къуваталъе бокьун гьечIеблъун бихьулеб бугила жинда бусурбаби цолъиялде дагъистанияз тIамулеб бугеб галиги.

Гьединабго пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе салафиябин абулеб рикьиялъул
рахъ кколевлъун рикIкIунев ГъазимухIамадов Шагьрурамазаницаги. Гьесул пикруялда рекъон, хIакъикъаталдаги гьеб рагIула провокация ва бусурбабазде гьоркьобе ракьа реххизе гьабураб хIалбихьи.

Информациялъулабгун аналитикияб «Фикр» гIуцIиялъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица бицухъе, я салафитаз ялъуни цогидаб къукъаялъулаз гьеб такъсир гьаби жидедего тIаде босун рагIуларо.

ГIумаров МухIамадрасул: «Салафитал рукIа, агьлу суннат ва жамагIат букIа, гьез гьарурал лъазабияхъ балагьун, абизе бегьула, гьеб такъсир гьаби тIаде босулел гьечIилан. Агьлу суннат ва жамагIаталъулаз абулеб буго бусурбабазда гьоркьоб гьабулеб букIараб гара-чIвариялъе квалквалалъе гьабураб жо гьеб бугин. Цогидазги абулеб буго жидер хIалтIи гьеб гурин, чIвазе бокьун вукIаравани цевегоги чIвазе кIолаанин, гьев гIадатияв чи вукIанин, цIунунги вукIунароанин. Ратила гьев цевеса иналдасаги рохарал, амма цониги
гIуцIиялъ, къокъаялъ гьеб тIаде босулеб гьечIоха».

ГIумаров МухIамадрасулица бицухъе, бусурбабазда гьоркьоб унеб диалогалъе сунцаго квалквал гьабизе рес рагIуларо шаргIалъул кьучIазда рекъон гьеб гьабулеб букIиналда бан.
Гьаниб ракIалде щвезабун абуни, ЧIикIаб росулъ теракт гьабурайлъун рикIкIуней Сапрыкина Алла цеккун хIалтIулей йикIун рагIула ГIурустеатралъул актрисалъун, ай брек-денс абураб кьурдухъабазул къукъаялъул цеехъанлъун.
XS
SM
MD
LG